Раисат Гӏусмановалъ нухмалъи гьабулеб «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» гӏуцӏиялъ гьал къоязда гьоболлъухъ ахӏун рукӏана исана школалде, тӏоцебесеб классалде рачине ругел лъимал. Гьезда гьоркьор рукӏана Украинаялда Россиялъ тӏобитӏулеб хасаб операциялда, Сириялда, яги нагагьаб балагьалдалъун, унтун ва цогидал гӏиллабаздалъун умумул хварал лъимал.

Тадбир гӏуцӏун букӏана Махӏачхъалаялда, «Дербент» рестораналда. Гьелъул азбаралда Раисат Гӏусмановалъ жинцаго дандчӏвай гьабуна лъималазда ва гьезул улбузда. Цо-цо лъимал рачӏун рукӏана цадахъ дахӏабаба, дахӏададагун. Байрам байбихьана лъималазул хӏаяздасан, бицанкӏаби чӏваяздасан, гьединго лъимал ургъизе тӏамулел суалаздасан.

Гьеб лахӏзаталъ дица пикру гьабулеб букӏана къисматалъул кьогӏлъи жеги бичӏчӏуларел лъималазул гьурмазда бугеб гьимиялъул. Гьеб лъималазе къойилго сайгъат гьабулей йигей Р. Гӏусмановалъул рекӏел кӏутӏиги, гьединабго талихӏаб гурони, кинабха букӏинеб.

Жиндир гьеб талихӏалъулъ жидергоги бутӏа лъурал руччабазулги нижерги (дида цадахъ йикӏана «Магӏарулай» журналалъул редактор Баху Мухӏидиноваги) лъай-хъвайги гьабуна Раисатица.

Жакъа лъималазда цебе бугебщинаб нигӏмат гьаб столалде бачӏиналъе квербакъарал руччаби ккола Зуляги, Джамиляги, Аминатги, рестораналъул администрацияги, гьединго лъималазе мороженоялъул ящикалги росун рачӏарал гӏолилалги, аниматорги. Гьеб къо лъималазе букӏана талихӏал къоязул цояблъун. Щвана гьезие сайгъатал — тӏоцебесеб классалъе къваригӏунеб школалъул къайи-къоно.

Гьел сахаватал руччабазулгун гара-чӏвариги гьабуна нижеца. Зуля, масала, щолей йиго онкологиялъ ва туберкулезалъ унтарал лъимал ругел больницабазде, лъималазул рокъое. Джамиля кколей йиго Москваялда бугеб кӏазал, квербацӏцӏал гьарулеб фирмаялъул Дагъистаналда йигей вакил. Гьелъ Раисатиеги кьуна Дагъистаналъул хаслъиялъул расен бугеб косынка. Гьелъул нахъисеб рахъалда букӏана миллияб партал ретӏарай гӏолилай, кодоб хъабаги ккун. Гьелъулги магӏна ккола дагь-дагьккун нилъехъе нилъерго гӏадатал тӏадруссунел ругин абураб. Гьединго тӏагӏамал нигӏматаздалъун лъимал рохизарурай Аминатицаги абуна гьеб бугила щивасда тӏадаб иш — бугеб ресалда рекъон, цогидазе рохел бикьи.

«Гьадинал гӏадамал цадахъ рукӏинчӏелани, дихъаго бажарилароан кинабго гьабун. Сахал гӏадамазул сахаватлъиялъ кӏолеб буго хӏалтӏи цебехун бачинеги. Дун налъулай йиго гьадинал лъикӏал гӏадамазе», — ян абуна гьениб Раисатица.

Гӏумруялъул даимаб ахӏи

Раисат Гӏусманова. Гьай магӏарулалъул хӏакъалъулъ абизе, бицине, хъвазе дир хулжазухъ ругел лъикӏал рагӏабазул къуватцин гӏезе батиларо. Бахиллъула дун гьелъул рекӏел кӏутӏиялда. Гьеб даим кӏетӏелеб буго къварилъиялда ругел руччабазул ургъел гьабулагоги, эбел-эмен гьечӏого хутӏарал лъималазул тӏалабаздаги. Раисатие цӏакъ бокьуларо жийго еццизеги. Кинха абичӏогоги телеб гьединай лъикӏай чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ мустахӏикъаб рагӏи.

Гьей гӏадал гӏадамазул лъикӏлъиялъ берцин гьабун буго нилъер гӏумру. Раисатица тӏубана Тӏадегӏанасул тӏадкъай. Гьей ракьалде йитӏулелъул, гьелда тӏадкъан букӏун батула бесдалазул тӏалаб-агъаз гьабизе. Раисатил ишаз кунчӏараб цӏва гьабсагӏаталда буго жибго мустахӏикълъараб борхалъиялда. Гьелъул лъикӏал ишазда цадахъго гвангъулеб-гвангъулеб буго гьеб.

Гӏемер щола дун Раисат Мухӏамадовнаялъ тӏоритӏулел тадбиразде. Бищунго рухӏдаллъизе бачӏуна гьелъ лъималазе бицунеб хӏикматго хӏайранаб мацӏалда.

Раисатил хӏалтӏул цоги къо ана реццалъе мустахӏикъаб хӏалалда. Раисатил рекӏел чӏвабзазул талихӏал бакъназухъе жеги чанги кьурдизе хъван ратаги талихӏ биларал лъималазул къисматал.

Лъикӏлъиялъул лахӏзатал

Гьал къояз республикаялъул щибаб шагьаралда ва гьединго районазда тӏоритӏулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул батӏи-батӏиял акциял. Гьел сайгъат гьарулел руго цӏияб цӏалул соналъе. Мискинал ва эбел-эмен гьечӏого хутӏарал хъизамаздаса лъималазе гьабулеб буго кумек, школалда къваригӏунеб къайиялдалъун.

Дагьай цеегӏан росулъе щварай дида мадугьалалъ, лъабабилеб классалъул цӏалдохъаналъ бицана жий Хунзахъе ахӏун ун йикӏанилан абун. Гьелъие кьун ругоан тетрадал, ручкаби, кьерал ругел къалмал, портфель ва цогидабги.

Гьебги гӏураб кумек гьечӏищ дагьаб гурони харж щоларел хъизамазе. Гьеле гьедин букӏана киса-кибегоги. Махӏачхъалаялъул къватӏазда чанги дандчӏвана гьал къояз «Школалде рачунел лъималазе кумек» абураб акциялъул гӏахьалчагӏи-волонтерал. Гьез бицунеб букӏана акциялъул мурадалъул. Республикаялъул парламенталъул депутат, Махӏачхъалаялъул ГКБялъул бетӏерав тохтур Хӏажимурад Маллаевги гӏахьаллъана «Единая Россия» партиялъ тӏобитӏараб гьеб акциялъулъ ва анцӏго лъималазе школалде къваригӏунеб къайи босана.

Гьедин нилъеца куцалел руго хадусел гӏелалги гурхӏел-рахӏмуялдеги, лъикӏлъиялдеги, цогидазул къварилъи бичӏчӏулеллъун, гьеб гӏахьал гьабулеллъун лъугьине.

Ш. Хъазанбиева