Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъи гьабулаго, чанги гӏолохъанчи хвана. Гьезул гӏемерисезул нахъе хутӏана хъизан-лъимал ва гӏага-божарал. Гьединал хъизамазе рахӏму-цӏобалъулаб кумек гьабулеб хасаб фонд рагьана исана апрелалда республикаялда. Гьанжелъагӏан гьеб фондалъ нахъа чи гьечӏого хутӏарал хъизамазе бакӏарун буго миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурущ.

— Фондалде кумек гьарун бачӏараб цониги хъизам нижеца нахъчӏвачӏо. Аслияб къагӏидаялъ гьез бухьен гьабула щибаб муниципалитеталда бугеб, социалияб рахъалъ халкъ цӏуниялъул хъулухъалдасан. Амма чанги чагӏи ратула гьадинаб фонд бугилан рагӏичӏелги. Гьединазул рокъо-рокъоре хьвадун, фондалъ гьабулеб кумекалда гъорлъ гьел гӏахьаллъизе рукӏинелъун квербакъана тӏадехун бицен гьабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаз.

Жибго фондалда гӏарцул рахъалъ щибниги къварилъи гьечӏо. Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас цӏакъ гӏемераб гӏарац бачӏана гьенибе битӏун. Гьединго нахъекъан чӏечӏо хӏукуматалъул, министерствабазул хӏалтӏухъаби ва Халкъияб Собраниялъул депутатал. Гьезги саламатаб гӏарцул къадар рехана фондалъул счеталде, — ян бицана «Все Вместе» фондалъул нухмалъулев Селимхан Мирзехановас.

Гьединаб хӏалтӏи унеб буго гьабсагӏат республикаялда, Украинаялда къадаралде щварал рагъухъабазул хъизан-лъималазе гьабулеб кумекалъул рахъалъ. Исана гьединал хъизамаздаса цо-цо чагӏи чӏорого хӏежалде ритӏизе кумек гьабуна сенатор Сулейман Керимовасги.

Маликат Рамазанова, ДГУялъул ОЖялъул 4-б курсалъул студент