Республикаялда лъугьа-бахъунелда хадуб халги ккун, газеталъул иргадулаб номералда нужее щиб лъикӏаб хабардай бицинаян ургъулел рукӏуна ниж. Узухъда, нижее бокьилаан гьел цӏиял харбал ракӏ бохизабулеб тайпаялъул, гӏадан рази гьавулел рукӏине. Амма къваридал харбалги кьезе кколел руго.
31 августалъул сардилъ цӏакъ квешаб авария ккана Унсоколо районалда — Временный поселокги тун, Шамилхъалаялде унаго гьоркьоб бугеб нухда.
Цебе унеб машина нахъа тезе къасд гьабулаго, ВАЗ-2110 маркаялъул машина речӏчӏана данде бачӏунелда. Чамалиго секундалда жаниб гьезда речӏчӏана лъабабилебги машина. Хӏасил, анлъго чи къадаралде щвана, лъукъун больницаялде ккана чангояв. Гьел киналго хъамуна Шамилхъалаялъул больницаялде.
1 сентябралда гьение щвана республикаялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева. Лъукъаразда гьоркьов дагьав захӏматго вукӏарав цо гӏолохъанчи Махӏачхъалаялде вачине хӏукму ккана, министрги гӏахьаллъун гьабураб тохтурзабазул данделъиялдаса хадуб. Гьединабго захӏматаб хӏалалда вугев жеги кӏигоявин абуни вачине рес ккечӏо, гьел доре-гьанире рачине бегьулеб хӏалалда гьечӏо жеги, тохтурзабазул пикруялда рекъон.
ДТПял дагьлъулел гьечӏо. Газеталъул игадулаб номералда нижеца хъван букӏана кӏиго анкьалъ цебе гӏадин Кочубеялда аскӏоб, кватӏараб сардил гӏужалда, ккараб ракӏгъанцӏизабулеб авариялъул хӏакъалъулъ. Дахадаев районалъул Уркарах росулъа цо гӏагарлъиялъул 13 чи тӏад рекӏараб микроавтобус дандречӏчӏана КамАЗгун. Анкьго чи гьеб бакӏалдаго хвана, радалиде больницаялде щварайго хвана захӏматго йикӏарай цоги чӏужугӏаданги. Гьел киналго унел рукӏана Ставрополалде, гӏагарал чагӏазул берталъе. Балагьараб мехалъ, машина бачунев вукӏарав чиги кьижун ккун, речӏчӏун бугин машина данде бачӏунеб букӏараб КамАЗгунин хӏукму къотӏун буго гьеб бакӏалде тӏаде ккараз. Гьеб букӏана сагӏат лъабгоялде хӏалтӏараб гӏуж, радакьлъулеб мех.
Щай республикаялда къо бахъанагӏан гӏемерлъулел ругел талихӏкъосарал ДТПял? Иргадулаб авариялдаса хадуб гьеб суал кьолеб батила щивав чияс жиндиего. Гьеб суал кьола нижецаги цоцазе. Гьелъие жаваб балагьун ине бегьилаан республикаялъул ГИБДДялъул нухмалъиялъухъеги. Амма гьел жалгоги малъкъосун ругин ккола лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьун.
Гьедин букӏин нилъее якъинлъана ДРялъул ГИБДДялъул нухмалъулев Александр Шалагин гьабсагӏат нухазда бугеб хӏинкъараб хӏалалъул бицине республикаялъул муфти Ахӏмад-хӏажида аскӏове ун хадуб.
Гьорол хехлъиялда машина хъамулел гӏолилаз нухазда гӏадлу хвезабун, холел гӏадамазул къадарги цӏакъго цӏикӏкӏун, талихӏкъосараб хӏал бугин гьабсагӏат шагьранухаздаян ургъел бикьана А. Шалагиница муфтиясдехун. Гьел дагьал гӏодоре руссунарищали бихьизе, мажгитахъ гьарулел вагӏзаби цӏикӏкӏинаризе рес гьечӏищиланги гьарана гьес.
Хӏакъикъаталда, цӏакъ ургъел бакӏаб хӏалалда бугин нухазда ишилан разилъана муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевги ва рагӏи кьуна мажгитахъ вагӏзаби цӏикӏкӏинаризе.
Гьарулел руго вагӏзабиги, амма ракӏбиччан гьелъухъ гӏинтӏамулел ругищ гӏолилалин абуни… Рузманкъоялъ мажгиталда жаниб букӏунеб сурат нужедаго бихьулеб батила. Имамас какие салам кьун бахъиналде, секунд-параялда варххан тӏадеги рахъун, къватӏибе гӏедегӏула жамагӏат, гьездаго гьоркьор руго дица бицен гьабулел гӏолилалги. Дица бицунеб буго эбел-инсул тарбияги щвечӏел, ахираталъул пикруги гьечӏел, умумуз абухъе, бухӏа-цӏорой гьечӏеб, ракӏ гванзаб умматалъул. Гьез хъамулел руго жакъа машинабиги, гьез буго жакъа шагьранухазда къиямасеб къо чӏезабунги. Горбода мусруги жемун жалгоги рахъунел руго сапаралъ, жиндирго нухги цӏунун, сабурго данде вачӏунев чиясул рокъобеги бачунеб буго балагь.
Гьединаб хӏакъикъат буго жакъа нилъеда сверухъ. Ричун росарал правабазги, эхебе унеб жоялъул гурони пикру гьечӏел гӏоркьилалги сабаблъун нухазда жаназабазул гохӏ гӏолеб буго. Аллагьасда кӏодого рагӏугеги, къо лъугӏарав чи гурони, Лъос жиндихъего ахӏун инаро, амма жакъа сапаралъ къватӏиве вахъунев чи нахъвуссун гӏага-божаразухъе вуссине хъван бугодай абураб пикруги гьабун, Аллагьасде щукруги тӏамун чӏолев ватулевлъи рулалда нахъа, хӏакъаб буго.
Кантӏиги къуватги кьеги щивав чиясе, шагьранухазда парахалъиги рещтӏаги. Бокьилаан нухазда кколел авариязул къадарги жакъа къватӏибе кьураб хабаралдалъун къокълъизе. Аллагьас лъикӏаб хъван батаги.
Ашахан Юсупов