1 сентябралда Казбек районалъул Буртунай росулъ рагьана 60 гьитӏичасе бакӏ бугеб цӏияб ясли-ах.

Гьеб рохалилаб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна ДРялъул вице-премьер Ризван Гъазимухӏамадовасги.

Гьанжелъизегӏан лъикӏаб гьечӏеб минаялъуб хӏебтӏун букӏана буртабазул ясли-ах. Гьединлъидал, цӏиял, гьанжесел шартӏазул ва санагӏалъабазул хӏажатабщинабги жаниб бугеб ясли-ах щвеялдаса цӏакъ разиго руго росдал гӏадамал.

Гьез кӏудияб баркала загьир гьабуна цӏияб яслиялъул мина базе квербакъаразе.

М. Манапов