Кӏиго миллиард гъурщил къуват, цӏиял ясли-ахал ва школалъул минабахъ рещтӏараб цӏилъи
Хириял «Хӏакъикъат» газеталъул гӏисинал гьудулзаби, васалги ясалги. Гьале ахиралде щвана нужер каникулал, къо-лъикӏ гьабизе хӏадурлъулеб буго рииги. Тӏаде щвана цӏияб цӏалул сон. Тӏоцебесб сентябралъ нужее нуцӏби рагьана гӏагараб школалъ. Чангиял ана гьанжего гьанже бан бахъараб цӏияб школалде, гьединго цӏигьарун къачӏалел руго цере рукӏаралги. Рииялда жаниб гьеб рахъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабизе квербакъанин жидецаян лъазабуна хӏукуматалъги. Рана чанги цӏиял школал, гӏемерисел басралъун рукӏарал школазда гьабуна капиталияб ремонт. 21 цӏияб школалъ рагьана жиндирго нуцӏа 1 сентябралда. Жакъа нижеда ракӏалде ккана гьеб киналъулго хӏакъалъулъ гӏатӏидго бицине.
Лъабго мухъалде щвечӏо капремонталъул гъурщал
Цӏияб цӏалул соналде капиталияб ремонт гьабун къачӏана 191 школа (210 мина). Гьелъие хӏукуматалъ биччан буго кӏиго миллиард гъурущ. Исана гурони гьедигӏан гӏемераб гӏарацги, кӏудияб даражаялда къачӏалел школалги дида лъай бижаралдаса нахъе рукӏинчӏо. Киса-кибего бицунеб буго гьелъул. Школазда капиталияб ремонт гьабиялъул хӏалтӏи кин унебали гьарулел руго халгьабиял, зама-заманалдаса гьеб суал гьоркьоб лъун, хӏукуматалда тӏоритӏарал данделъабазул бицинего бицинарин.
Тӏоцебесеб сентябралда разиго лъимал къабул гьаруледухъ, кӏуни гӏадин къачӏан чӏезарун ругин школал абун бицана «Хӏакъикъаталъе» ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялда капиталияб ремонталъул суалазул рахъалъ хас гьабун рагьараб управлениялъул нухмалъулей Сурайгьат Хӏайдарбековалъ.
— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохӏо шагьаралъул гурелги мугӏрузул районазда ругел школалги. Цӏакъ кӏудияб хӏасил ккана 2022 соналъул тӏоцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хӏалтӏул. Гӏаммаб къагӏидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.
Амма кигӏан гӏемераб хӏалтӏи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гӏемер буго. Исана гӏадин кӏудияб даражаялда цӏалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букӏинчӏо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цӏакъ гӏемерал школал руго басралъун, чӏунтун, хӏатта цо-цоял риххун иналде ккун. Гӏемерисел гьединал школазул минаби руго магӏарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартӏазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цӏакъго хӏажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачӏазе хӏисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачӏазе ккеялда тӏасан цо-цо муниципалитетаз ритӏун рачӏарал гӏарзаби, — ян бицана Сурайгьат Хӏайдарбековалъ.
— Исана гьеб программаялде гъорлъе журана цохӏо шагьаралъул гурелги мугӏрузул районазда ругел школалги. Цӏакъ кӏудияб хӏасил ккана 2022 соналъул тӏоцебесеб сентябралде капиталияб ремонталъул программаялда рекъон гьабураб хӏалтӏул. Гӏаммаб къагӏидаялъ бицани, исана капиталияб ремонт гьабуна шагьаралда ругел школазул 24 проценталъе ва росулъ ругезул 86 проценталъе.
Амма кигӏан гӏемераб хӏалтӏи гьабуниги, жеги гьабизе бугеб гӏемер буго. Исана гӏадин кӏудияб даражаялда цӏалул минабахъ капиталияб ремонт жеги гьабун букӏинчӏо нилъер республикаялда. Гьединлъидал цӏакъ гӏемерал школал руго басралъун, чӏунтун, хӏатта цо-цоял риххун иналде ккун. Гӏемерисел гьединал школазул минаби руго магӏарухъ. 50-60-70-абилел соназдаго рарал гьезул чангоял руго гьанже заманалъул шартӏазда данде кколарел. Гьединлъидал гьезие цӏакъго хӏажат буго жакъа капиталияб ремонт. Бичас биччани, 2023 соналде жеги 201 школа къачӏазе хӏисабалде босун буго. Гьединго гьанжеялдаго нижеца къабул гьарулел руго, 2024-25-абилел соназде школал капиталияб ремонт гьабун къачӏазе ккеялда тӏасан цо-цо муниципалитетаз ритӏун рачӏарал гӏарзаби, — ян бицана Сурайгьат Хӏайдрабековалъ.
Цо-цоязе бадирчӏваял щваниги…
Мисалалъе, Махӏачхъалаялда исана капиталияб ремонт гьабун къачӏалеб букӏана 21 школа. Амма гьезул цо-цоязда гьабулеб хӏалтӏи тӏаса-масаго унеб букӏиналъ, республикаялъул нухмалъиялъул рахъалдасан бадирчӏваял щвана гьел школазул нухмалъулезе. Гӏадилалъул тӏил Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасдаги щвана. Амма цохӏо Махӏачхъалаялда гьабизе кколеб хӏалтӏиги гӏемераб букӏун, жалго школалги чӏахӏиял рукӏиналъ ккана гьел гӏунгутӏаби. Жакъаги жеги рагӏалде рахъун гьечӏо тахшагьаралъул №№ 39, 6 ва 28 гимназиялда гьарулел хӏалтӏаби. Амма сундухъго балагьичӏого, тӏоцебесеб сентябралда шагьаралъул киналго школазго гӏадин, гьезги лъимал къабул гьаризе руго. Ва кӏиго анкьил болжалалда жаниб лъугӏизаризе ракӏалда буго тӏаде росарал хӏалтӏаби.
Тӏадехун абухъе, цохӏо лъабго районалда хутӏун, капиталияб ремонт гьабуна мугӏрузул районазда ругел гӏемерисел школазеги. Мисалалъе, Шамил районалда федералияб программаялда рекъон, къачӏана анкьго школа. Жакъа къоялде цохӏо Гьоор росулъ хутӏун, киналго цӏалул минабахъ хӏалтӏи лъугӏунги буго. Подрядчикасул тӏаса-масагояб бербалагьиялъ хутӏун буго Гьоор росулъ хӏалтӏи хадуб бехъерхъун.
Гьоориб капремонт рекъдилеб хутӏаниги, цогидазул хӏаракат гӏадада ккечӏо
Цӏакъ кӏудияб кумек кканин капиталияб ремонталъул федералияб программаялде гьоркьобе районалъул анкьго школа ккеялдасайилан разиго буго Шамил районалъул нухмалъи. Хасго гӏисинал, дагьал цӏалдохъаби гурони гьечӏел байбихьул школазе лъикӏаб кверчӏвай щвана гьениб исана. Къадаздаса байбихьун, тӏохал хисун, жанисан школалъул минаялъе капиталияб ремонт гьабун цӏилъана Хьонохъ, Хӏорода, Геницӏороб ва Лъезда росабазул байбихьул школал.
Гьеб программаялда гъорлъ гӏахьаллъана лъабго гьоркьохъеб школаги. Хӏотода росдал школалда цӏигьабуна школалъул мина, хисана нуцӏби, гордал. Цо миллионгун 572 азарго гъурущ биччан букӏана гьеб школа къачӏаялъе. Гьединго исана цӏилъун бачӏана Мачӏада росдал гьоркьохъеб школаги. 10 миллионгун 361 азарго гъурущги харж гьабун, школалда хисана нуцӏби, берцин гьаруна къадал, хисана чӏабар, мокърукь бакӏал хинлъи кколедухъ щула гьаруна, хисана токалъул кварал, чӏезабуна хинлъи. Киналго хӏалтӏабиги лъугӏун, цӏияб цӏалул соналде школа хӏадурго бугин баян кьуна газеталъе Мачӏада росдал школалъул нухмалъулев Ибрагьим Хӏажиевас.
Амма гӏицӏго капиталияб ремонталда къокълъичӏо исана цӏияб цӏалул соналде гьабулеб хӏалтӏи. 17 ясли-ахги ункъо цӏияб школаги рагьана 1 сентябралда республикаялъул батӏи-батӏиял районазда. Казбек районалъул Буртунай росулъа бахъараб, Хайдакъ ва Табасаран районазде гӏунтӏун, гьелъул география кӏудияб буго. Гъоркьиса букӏараб тарихалде дандеккун, анлъго цӏияб бакӏ тӏаде бана исана.
Гьедин дандчӏвай гьабуна республикаялъ цӏияб цӏалул соналде. Тӏоцебесеб сентябралъ цӏакъ аваданго букӏана шагьаразул къватӏахъ. Кодор кьер-кьерал шаралгун, чӏухӏараб, берцинаб ретӏел-хьитгун, къачӏа-кӏатӏан, мугъалда портфельги бан, радалго школазул азбаразде къокъунел лъималаз берцин гьабун букӏана республикаго. Исана тӏоцебесеб классалде бачана 55 азарго лъимер. Гӏаммаб къагӏидаялъ абуни, школаз къабул гьавуна 453 азарго гӏолилав. Гьезда бахиллъула дун жакъа. Щайин абуни, лъикӏал, аваданал сонал руго гьел. Лъай босулеб, гӏумру лъазабулеб ригь. Мугӏалимасул къиматал дарсал, дарсиде мун ахӏулеб цӏурмил гьаракь. Пушкинил, Лермонтовасул хӏикматаб дунял, Архимедил гӏелмуялъул ицц. Сундулго авал – школа. Гьелъул къадаз бахчун буго гӏемераб балъголъи.
Хӏакъикъаталдаги талихӏаб гӏуж буго школалде хьвадулеб заман. Гьениса инчӏого гьелъул магӏна бичӏчӏизеги бичӏчӏуларо. Гьединлъидал, къимат гьабе.
Баракатаб батаги цӏияб цӏалул сон! Икъбал битӏаги ва щуйилал гӏемерлъаги!
Ашахан Юсупов