Исана 75 сон бала магӏарулазул машгьурав актер ва режиссер, ДРялъул халкъияв артист Салихӏ Имангъолов гьавуралдаса. Гьединго, исана 10 сон балеб буго гьев къадаралде щваралдаса. Хеккого гӏумрудул кунги тӏун, нилъедаса ватӏалъаниги, театр бокьулел магӏарулазул рекӏелъ гьев кӏиабилев Камалил Баширлъунги цояздаса цоял лъикӏал спектаклял лъурав режиссер хӏисабалдаги ракӏалда хутӏана. Жакъаги уна Авар театралда гӏемерал Имангъоловасул спектаклял. Цере гьес лъун рукӏарал, халкъалъе рокьулел рукӏарал спектаклялги лъолел руго цӏи гьарун. Масала: «Москваялдаса бахӏарав», «Ясазул дада», «Берцинал ясал хъамулеб куц», «Я къвал бала, я къоно чӏвала», «Мун дир эбел йиго» ва гь. ц.
Нижер пикру ккана Салихӏ Имангъоловасда цадахъ хӏалтӏарал, гьев лъикӏ лъалел гӏадамазул цо-цо ракӏалдещвеял газеталда кьезе. Жакъа кьолеб буго Салихӏил курсцояв, пишацояв, божарав гьудул Хӏусен Казиевасулгун гьабураб гара-чӏвари.
— Хӏусен, кида ккараб дур Салихӏилгун лъай-хъвай?
— Гуржиязул театралияб институталде лъугьунеб мехалъ гьесул 17 сонцин букӏинчӏо, дир букӏана 18 сон. Гьенире лъугьунаго кканаха нижер лъай-хъвайги. Дагъистаналдаса жидерго доре цӏализе рачине васал-ясал тӏасарищизе рачӏараб комиссиялъ, Салихӏ, гьитӏинав вугинги абун, вачунев вукӏинчӏо. Гьеб мехалъ, гьесул рахъги ккун кӏалъана гьесул ункъгӏал Гӏайшат Маммаева ва гьелъул рос Мухӏамад Батиров.
Нижеда гъорлъ гьев вукӏана бищунго гӏолохъанав. Амма, киназдасаго гьитӏинав вугониги, сундуего бергьараб махщел-гьунар бугев вас ватана. Нижеде данде ккунги, гьев кидаго киназдаго вихьулаан. Салихӏ вукӏана кутакалда гьайбатав, киназулго рекӏелъе бортулеб тӏабигӏаталъул гӏолохъанчи. Тӏоцебесеб курсалда ниж цӏалулаго, нужер гьанив цо гьитӏинав, цӏакъ берцинав вас вугин рагӏанин, гьев вихьизе бокьун бугилан аудиториялде раккун рачӏунаан чӏахӏиял курсаздаса ясал. Гьев живго вукӏана нечон хварав чи.
Тӏоцебесеб къоялдаса нахъе ккана нижер гьудуллъи. Ниж кидаго цадахъ тира-сверулел, цогидал миллатазул спектаклязде хьвадулел рукӏунаан. Цоцазул ургъел-къварилъи цоцазе гьурщулаан, хӏатта рокъоса рачӏарал кагъталгицин цоцазе цӏалулаан.
Общежитиялда эркенаб заманалда, батӏияб рокъовеги ун, кидаго жиндаго тӏад хӏалтӏулев вукӏунаан гьев. Махщел-гьунар тӏалаб гьабизе гьесул бугеб шавкъ халлъана мугӏалимзабаздаги.
Санайил, батӏи-батӏиял шагьаразде, пачалихъазде унаан институталдаса делегация. Ректорасги проректорасги нижеда гъорлъа, бищунго мустахӏикъав вугинги абун, Салихӏ вищана Чехословакиялде витӏизе.
Институт лъугӏун хадубги, гьесул рес букӏана Типлисалъул музыкалияб комедиялъул театралде хӏалтӏун чӏезе. Амма, магӏарул театралде тӏадвуссине кколин живинги абун, инкар гьабуна гьенив чӏезе. Гьенирги нижехъ-гӏолохъанал артистазухъ балагьун чӏун рукӏана. Салихӏица аслияб роль хӏазе лъезе росун рукӏана «Тӏагьир ва Зугьра», «Камалил Башир» спектаклял.
— Бицуна, Камалил Баширил роль хӏан хадуб, магӏарул халкъалда гьоркьоб машгьурлъанин Салихӏил цӏар…
— Салихӏ магӏарул халкъалъе вачӏинахъего вокьана. Гьесда абулаан руччабазе вокьулев артистилан. Тӏатӏала, 10-12 нухалъ, кьабун цӏурал залазда цере рихьизаруна гьел спектаклял. Магӏарухъе гастроляз араб мехалъ, гьев вихьизе, гьесда кӏалъазе къватӏире рахъун чӏун ратулаан лъималазулги руччабазулги тӏелал. Битӏахъе, рокьумахх гӏадав, жиндирго берцинаб тӏабигӏаталъ киназулго рекӏелъ восулев чи вукӏана Салихӏ.
«Камалил Баширалда» хӏалаан Салихӏица Баширил, дица — гьесде данде чӏарав Чангъиласул ролал. Дир герой — Чангъиласул чӏужуялъул гьесухъ рокьи ккун бугин абун, мацӏалги гьарун, чӏваларищха ахиралда Башир. Унго-унголъунги гьеб гьедин бугеб гӏадин, гьев чӏвазе «квербакъи гьабунилан» гӏадамазул дида цӏакъ ццин-кӏвар букӏунаан. Цо нухалъ, гьеб спектакль хӏалаго, антракталъул заманалда хъалиян цӏазе къватӏирехун щвана. Ниж кӏиялго хабар-кӏалалда рихьараб мехалъ, цо-кӏигояз абуна, балагьейила, дол цоцазда кӏалъалел ругилан. Цере цӏакъ божулаан гӏадамал сценаялда лъугьа-бахъунеб жоялда.
Гӏемер ракӏалде щола цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Цо пуланаб росулъе ун рукӏана ниж гьеб спектакль хӏазе. Гьенисан нижго рега-рахъун рукӏунеб общежитиялде унаго, къаси кватӏараб мехалъ нижеде данде ячӏана, чемодан-къайиги босун, цо-кӏиго яс. Нуж кире унел чагӏийилан гьикъидал, гьез жаваб гьабуна Салихӏ Имангъоловасда хадур рилълъарал чагӏи ругин. Спектаклялдасан гьезул рокьи ккараб къагӏидаха гьесухъ. Гьединаб жо бегьуларин, гьев жакъа гьанив, метер дова вукӏунев артист вугилан, тӏадруссинаруна нижеца гьел ясал.
— Халкъалъе гьедин вокьулев вукӏараб мехалъ, щайдай Салихӏ, актерлъиги тун, режиссерлъиялде варав?
— Гьесие бокьана жинцаго спектаклял лъезе ва гьев Москваялде режиссерлъиялъул курсазде ГИТИСалде цӏализе ана. Лъагӏалица гьенивги цӏалун вачӏиндал, гьес байбихьана гьитӏинал комедияздасан.
Салихӏица лъечӏо кӏудиял трагедиял, драмаби. Гьес лъолаан комедиял. Комедиялги рукӏуна гӏумруялдаса ратӏа рахъизе лъаларел. Гьел лъолеб мехалъ, гьесул аслияб мурад букӏунароан гӏадамал релъизари. Гьитӏинаб лъугьа-бахъин кӏудияб проблемаялдеги сверизабун, гъварилъудеги лъугьун, кӏвар бугеб, унтараб суалалъе жаваб балагьулаан.
Цониги спектакль лъолеб мехалъ, гьениб захӏматаб ялъуни магӏнаялъул рахъалъ мукъсанаб бакӏ батани, гьес, тӏад хӏалтӏун, ургъун, гьелъул саламатаб жо лъугьинабулаан. Гьес абулаан, гьаб пуланаб бакӏалда релъизе, гьаб бакӏалда гӏодизе кколин гӏадамалин. Масала, «Я къвал бала, я къоно чӏвала» абураб спектакль буго комедия. Амма дора гӏадамал гӏодула. Гьесул комедиял рукӏунаан трагедиялъул, драмаялъул гӏаламаталги асарги гъорлъ бугел. Масала: «Булбулалъул кечӏ», «Якьад рихаразул росу» «Мун дир эбел йиго», «Бабал васищ, лъадул росищ» ва гь.ц. Сценаялда бихьизабулеб щибаб ишалъул гьесда ракӏалде ккараб хӏасилги букӏунаан.
Гьес лъурал бищун машгьурал спектаклязул цояб букӏана «Берцинал ясал хъамулеб куц». Гьеб халкъалъ цӏакъго лъикӏ къабул гьабуна. Цо нухалъ, Буйнакский къотӏносан унел нижеда цо-кӏигояв дагӏбадулел рихьана. Цо заманалдасан, нижеде аскӏореги рачӏун, абуна «Берцинал ясал хъамулеб куц» спектаклялдаса чӏужу борхьида релълъинаюлеб сцена бихьизабуни, жидеца нуж рестораналде рачинилан. Болкъотӏнорги рукӏун дицаги Салихӏицаги бихьизабунаха гьеб сцена. Артистазда цадахъ гӏодор чӏезе щвей гьезие кӏудияб къо-асс букӏинарищха.
— Цогидал режиссераздаса батӏиял кинал хасиятал, методал рукӏарал гьесул?
— Салихӏица абулаан, сценаялда артист халкъалъул рекӏелъ восулевлъун вукӏине кколин. Кигӏан квешав героясул роль хӏалеб бугониги, гьесул лъикӏал рахъалги ралагьизе кколин абулаан гьес. Гьеб дида цоги режиссераз абулеб рагӏичӏо. Тӏубанго чӏегӏерав чи хӏагеян абулаан дос.
Театралде хӏалтӏизе вачӏараб мехалъ, тӏоцебесеб заманалда дихъе квешаб гӏамал-хасияталъул ролал гурого кьолел рукӏинчӏо. Хадуб, Салихӏица спектаклял лъезе байбихьараб мехалъ, гьес гьениве вачана дун хӏазе ва лъикӏа-лъикӏаб гӏамал-хасияталъул героязул ролалги кьуна. Гьеб мехалъ, дагь-дагьккун магӏарул халкъалда гьоркьов машгьурлъанин абизе бегьула дунги. Палхӏасил, Салихӏица дун гӏадамазе вокьизавуна.
— Актерлъун хутӏун вукӏаравани, гьев дагьавги машгьурлъилааниланищ дуца толеб ялъуни режиссерасул нух тӏасабищи битӏараб ишлъунищ рикӏкӏунеб?
— Лъикӏав актерасул квешав режиссер вахъинеги бегьула. Гьесул цохӏо роль хӏазе гуребги, кьурдизеги, кечӏ ахӏизеги, кинаб букӏаниги хабар бицинеги махщел букӏана. Актерлъун вугеб мехалъги, режиссераз гьесда щибниги малъулароан: жинцаго ургъулаан гӏодов чӏезе, тӏаде вахъине бакӏги, гьабизе хӏалтӏиги. Гьеб мехалъго киназдаго бичӏчӏана гьесул лъикӏав режиссер вахъунеблъиги.
Дир пикруялда, гьес режиссерасул нух тӏасабищи цӏакъ битӏараб иш гьабуна. Гьеб гьес лъурал спектаклязги бицуна.
Салихӏ хун сонал аниги, жакъа къоялдаги гӏемерал гьесул спектаклял жеги-жеги рихьизарула Авар театралъул сценаялдасан. Гьел киналго халкъалъе жакъа къоялдаги цӏакъ рокьула ва абизе кӏола аслияб къагӏидаялъ Салихӏил спектакляз хьихьун бугин Авар театрилан. Бищун захӏматал, СССР биххулеб заманалда, гьеб мехалъги Салихӏил спектакляз ккун букӏана театр.
— Гӏадан хӏисабалда, кинав чи вукӏарав Салихӏ?
— Дида Салихӏидасан цониги тӏекъаб рагӏи абулев чи театралдаги къватӏивги дандчӏвачӏо. Салихӏ вукӏана сундулъго кутакалда гӏаданлъи бугев чи.
Цӏакъ ракӏбацӏцӏадаб, хӏеренаб гӏамал-хасияталъул инсан вукӏана. Нилъерго вац-васлъун вукӏине вокьилев гӏадав чи вукӏана мунагьал чурад.
Ахирисеб къоялъ кӏалъан вачӏана гьев дихъе, жив гӏагарав чагӏазул берталъе цо-кӏиго кечӏ ахӏизе щун вугилан. Нахъисеб къоялъ ниж дандчӏвазе кколаан. Амма дихъе хабар щвана гьенив берталъ гьев къадаралде щванилан.
Гьесул спектаклял хӏалеб мехалъги гьадингоги рекӏелъ кӏудияб рокьигун ракӏалде щвезавула нижеца Салихӏ.
Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас.