Шамил районалъул Мачӏада бугеб лъималазул лагералда хӏалтӏулел тарбиячагӏаз гьарана дида гьенир хӏухьбахъулел лъималазда гьоркьоса бищунго лъикӏаб гӏадлуги гьабулеб-толелъе тадбирги бугев, диналдаги тӏадчӏарав, спортги бокьулев, чӏахӏиязеги гӏисиназеги кумекалъе вахъинеги хӏадурав, барахщичӏого, жиндихъ бугеб жо цогидазе гӏахьал гьабизеги хӏадурав Исмагӏил Исмагӏилов гӏезавуралъухъ казияталдасан гьесул эбел-инсуе баркала кьеян.

Исмагӏил ккола Хунзахъ районалъул Гьоцӏалъ росулъа, гӏумру гьабун гьев вуго Ленинкент поселокалда. Гьениб ункъил-щуйил къиматазда гьес лъугӏана кӏиабилеб класс. Васасе бищун рокьула математика, ингилис мацӏ предметал ва грэпплинг абулеб спортивияб гугари. Исмагӏилил эбел Заира хӏалтӏулей йиго беразул больницаялда медсестралъун, эмен вуго краскаби ричулеб бизнесалда. Гьеб гӏадлияб хъизамалда гӏолел руго нилъер бахӏарчиясул гьитӏинав вац Садамги яц Саймаги.

Исмагӏил ккола социалиял гьиназда саламатго машгьурав вас. Эбел-эменгун цадахъ гьев ахӏун вукӏана Уфаялда букӏараб гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏулел машгьурал меценатазул данделъиялде. Гьелъие ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Исмагӏилица гьадин бицана:

«Цо нухалъ эменгун цадахъ рузманалде унаго, цере квералги ккун, мажгиталда аскӏор гьардухъаби рихьидал, дир черхалъул хӏал хисана. Дадаца абуна гьел ругила мискинаб, язихъаб гӏумру-магӏишаталда ругел, чияр цӏобалде ккарал чагӏиян. Гьезда дир цӏакъ ракӏ бухӏана. Ургъана, киндай гьединал чагӏазе кумек гьабилаян. Гьеб ургъел дица дандбана дир дахӏабаба Зумрудилгун. Гьелъ дие босана гӏарац жанибе балеб гъутухъ (копилка) ва дица байбихьана щвара-щвараб гӏарац гьенибе бакӏаризе. Кӏиго соналда жаниб гъутухъалъуб гӏун батана 25 азарго гъурущ. Бокьун букӏана гьеб гӏарац мажгиталъе кьезе. Дадаца кьураб гӏакълуги гӏадахъ босун, дица гьеб кьуна «Инсан» абулеб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалде ва гьезда гьарана гьеб гӏарац язихъал лъималазе кьеян», — ян.

Мискинзабазе кумекалъеян, Исмагӏилица гьабураб гьеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб ишалъул хӏакъалъулъ хабар тӏибитӏана социалиял мухъазда. Гьеб лъайдал, гьев ахӏана Уфаялда тӏобитӏараб данделъиялде. Гьенив «Большой поступок маленького человека» абун, цевеги вахъинавун, Исмагӏил веццана ва гьесие кьуна «Россиялъул бищун гьитӏинав меценат» абураб хӏурматияб цӏар, гьединго «Нилъер заманаялъул бахӏарчи» абун тӏад хъвараб диплом ва сайгъатазул пакет.

Гьитӏинав меценатасул ният буго хадубккунги ресукъал чагӏазе бажарараб кумек гьабизе.

«Нилъер заманаялъул бахӏарчиясул» къойил низам буго гьадинаб: рогьалил как, зарядка, рокъоре кьурал дарсал такрар гьари, школа, эркенаб заманалда велосипедалда тира-свери, спорт… Исмагӏилил анищ буго Хӏабиб Нурмухӏамадовасда релълъарав вукӏине. Гьесул эбел-инсуца лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго Исмагӏилил ракӏбацӏцӏалъи ва намус-яхӏ букӏин, гьез жигар бахъулеб буго жидерго лъималаз гьарулел лъикӏал ишазе кумек гьабизе. Гьезда бичӏчӏулеб буго жидер васас гьабураб рахӏмуялъулаб иш цоги лъималазе лъикӏаб мисаллъун букӏунеблъи.

Исмагӏилил ният буго хадубккун мажгиталда тӏоритӏулел гурхӏел-рахӏмуялъул тадбиразда бажарараб кумек гьабизе. Гьелда хурхун, жиндирго рухӏияб рахъ цебетӏезабиялъул мурадалда гьев ругьунлъулев вуго Къуръан цӏализе, гъираялда, гьоркьоб биччачӏого, жиндир гӏужалда бала как.

Гьесул анищ буго мажгитал ва язихъазе рукъзал разе минаби ралев чилъун вахъине.

Социалиял гьиназда гӏемерал чагӏаз лъикӏаб къимат кьолеб буго васасул ишалъе. Масала, Резеда Гӏазизова абулей гӏаданалъ хъвалеб буго: «МашаАллагь, гьайбатаб лъимер, лъикӏаб тарбия. Аллагьас кӏиябго дунялалда талихӏги рохелги кьеги нужее».

Гьединго Мадина Хӏурматулина абулелъ хъвалеб буго: «МашаАллагь. Ракӏ бохула исламалъул нух ккурал гьединал лъимал рихьидал. Биччанте Аллагьас гьев битӏараб нухде вачине ва лъикӏал ишазе гьесие квербакъизе.

Нури Нуриев