Хириял диналъул вацал, яцал, магӏарухъе гӏемер туристал рачӏунел руго гьаб ахираб кӏиго соналъ. Гьезда хурхун гӏемер батӏи-батӏияб хабарги буго.
Нилъеде тӏаде кӏанцӏарал тушбабиги гуро, щибниги бахъизе рачӏарал хъамалчагӏиги гуро гьел. Улкаялъул цогидал регионаздаса гӏадамал рачӏун руго Дагъистаналъул тӏабигӏатги культураги берцин бихьун, гьездаса ккезе зарал нилъее щибниги гьечӏо.
Хӏинкъизе ккараб жо буго гьадинаб: Дагъистаналъул тарихалде раккараб мехалъ, имамзабазул гъазават бугеб заман букӏа, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул сонал рукӏа, камичӏо нилъер дагъистаниязда гьоркьор квешаб цӏар бахъарал чагӏи. Гӏарцухъ дингун ватӏан бичаралги ккана, жидее цӏар-реццалъе гӏоло гьересияб гӏамал, хиянат гьабуралги рукӏана. Гьел гӏадамазул цӏарал ва ишал рогьолъун, ругъунлъун хутӏана тарихалда. Хириял бусурбаби, нилъехъе рачӏарал туристаз жидеего рахӏат, кеп щвезелъун кваранихъеги квегӏибеги гӏарац буго хьвагӏулеб барахщичӏого. Гьеб гӏарац бихьараб мехалъ нилъеразда гьоркьор камулел гьечӏо гъурщазухъ балагьун бер биххарал, яхӏ биларал чагӏи, кӏалдибе гьунареб багьа бахинабун буго сундухъго.
Хасаб хитӏаб гьабизе бокьун буго туроператоразде, гидазде. Нужеда бараб жо гӏемераб буго. Заман уна, гьабурабщинаб лъикӏабги квешабги тарихалда хутӏула ва кида къадги гьеб квешлъи нужехъе, нужер наслабазухъе тӏадги буссуна.
Нужее бокьун батани лъикӏазулъ рехсолеб цӏар хутӏизе, нужеца гъурщазухъ динги Дагъистаналъул лъикӏабщинаб хасиятги бичуге. «Гъурщие лагълъи гьабулесул талихӏ къаги» — ян абун буго нилъер аварагас (с.гӏ.в.).
Туристазе хӏухьбахъиялъул сапарал гӏуцӏулел чагӏазда бараб жо гӏемераб буго. Нилъер ракьалда лъикӏабщинаб бихьизе, кваназе рачӏарал гӏадамазда гъурщазухъ бокьараб гьабизе хӏадурал, яхӏги, намусги, сахаватлъиги биларал дагъистаниял дандчӏвани, гьезда цере нилъ басралъизе, учузлъизе руго. Гьеб мехалъ кинаб хьулха букӏинеб дагъистаниязул хӏакъалъулъ лъикӏаб рагӏи рагӏизе?
Цохӏо туроператораздегун гидазде тӏамун тезе кколаро росабалъе рачӏунел туристазул тӏалаб ва гьезие низам чӏезаби. Росдал имам, бегавул, хъулухъчагӏи ва гӏадатиял гӏадамал, батӏалъи гьечӏого, нилъее киназего гӏаммаб хӏалтӏи буго гьеб.
«Нилъер ватӏаналде къо ккараб мехалъ гӏицӏго церехъабазде рехун тоге жавабчилъи, жиде-жидер магӏишаталъул гурони нилъеца тӏалаб гьабичӏони, басралъи тӏамила тӏаде» — ян абулеб магӏнаялъул цоги хӏадис буго.
Жакъа нилъеда бихьулеб, туристал гьанире рачӏиналъул багъа-бачари, гьаб буго гӏицӏго байбихьи. Гьел цӏикӏкӏине руго жеги. 15-20 соналдасан нилъер халкъ релълъине буго туристазада яги туристал нилъеда релълъине руго. Гьебги бараб буго нилъер халкъалда. Нилъерго хӏурмат нилъецаго гьабулеб бугони, чияцаги адаб рехуларо.
Аллагьас къуват кьеги киназего умумуз нилъехъе кьураб динги, нилъерго лъикӏабщинаб хасият-гӏамалги цӏунун къвакӏун чӏезе.
Аюб-хӏажи Зайнулгӏабидов,
Шамил районалъул Ругъелда росдал имам