Ахиралде щолеб буго хӏалтӏуцагун цӏалуца свакарал урхъараб риидалил гӏуж. Шагьаралдаса хӏухьбахъизе рачӏарал жиде-жидер пишаялде тӏадги руссун, чӏороголъулел руго росаби.
Хасалихълъиялде гӏагарлъулеб бугониги, Дагъистан бихьизе гӏащикълъун рачӏунел гьалбадерил къадарин абуни жеги дагьлъунго гьечӏин ккола.
Ахиралде щолеб буго хӏалтӏуцагун цӏалуца свакарал урхъараб риидалил гӏуж. Шагьаралдаса хӏухьбахъизе рачӏарал жиде-жидер пишаялде тӏадги руссун, чӏороголъулел руго росаби
Росулъа шагьаралде тӏадруссунаго, магӏарухъе унел машинабазул чвахи чанцӏулго ризаб бугоан. Кидаго кеп букӏуна сапаралъ цадахъ ругезул харбихъ гӏенеккизе. Бакӏ-бакӏалда лъалхъун ратулел туристал рихьун гьезде буссана хабар. Лъабго чӏужугӏадан йиго гьаб нухалъ цадахъ, лъабалъулго буго батӏи-батӏияб пикру.
«Отпусказул заманаялъ гьазул рокъоб гьабизе хӏалтӏигодай букӏунареб. Бадиса цӏа унаха, керчал бутӏрулгун, нилъ зияраталъ унел бакӏазда гьал ратидал», — ин абулеб буго цоялъ.
Кӏиабилей разиго йигоан туристал цӏикӏкӏиналдаса: «Вай, рачӏун лъикӏ, гьездаса бугебщинаб хайир нилъер гӏадамазе. Дир мадугьалалъ бицана исана росулъги чӏун туристазе куракул карщ бичун жинца къоазарго гъурущ гӏарац гьабунилан. Дицагоги гьезий бичанщинаб пихъ. Гӏумруялъ букӏинчӏо исана гӏадаб даран.»
Лъабабилей гьалмагъ гьал кӏияздаго рекъечӏо: «Уха, куракул карщалъухъцин лъун бугеб багьа, цогидалъул гьабиларищ. Вай, хъантӏи, нужгогӏагийищ нечоларел гьедин хираго пихъги квенги бичизе? Ботӏрода кӏаз чӏвачӏогоянги туристазда гӏайиб чӏвалел руго нуж, нилъер шагьаразда чохтӏо къан ратила киналго хьвадилел, нужералги нижералги»
«Нилъераз магӏарухъе унелъул рас бахчулаха» — ян гӏайиб бацӏцӏине лъугьарай гьалмагъ чӏезаюна лъабабилелъ: «Шагьаралда Аллагьасда рихьулелгӏаги ратиларо гьел. Гьадал, кӏаз къачӏел туристазулги цӏикӏкӏунисел дагъистаниял ратулеблъи лъай нужеда».
Туристазул рахъалъ батӏи-батӏиял пикраби гӏемер рагӏула, хасго магӏарухъ. Цоял рохун, риххун, щиб гьабунги гьездаса щагьи-пара тӏалаб гьабулел, цогидал туристал росабалъе рачӏине бокьуларого, нилъер ракьалдаса баракат унин, лъабабилел — нилъерго гӏадаталда рекъон, рикӏкӏадаса рачӏарал гьалбал чӏорого кваназарулел. Гьоркьохъеб, киналго разияб, лъиего зарал кколареб низамалде кида бачӏинеб лъаларо гьаб ахӏвал-хӏал. Гьеб батила нилъерго культураялъул къимат гьабунгутӏи, чияраб бичӏчӏунгутӏи, къокъго абуни — лъавукълъи.
Туристаз бер къапичӏого гӏарац кьолеб бугин абун базараздагун ашбазазда кванил нигӏматал ричулел руго зодобе бахараб багьаги тӏад лъун. Бакӏалъулал гӏадамазе гьелъул бугеб заралалде ургъулев чи гьечӏо.
Туристал нилъехъе рачӏуна чорхое, чохьое ва рекӏее рахӏаталъе. Гьел уна, багьаби хутӏула.