Исана август моцӏалда 250 сон тӏубала Мухӏаммад Ярагъияв гьавуралдаса. Гьелда бан, 18 августалда Сугъралъ росулъ тӏобитӏана Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлис.
Гьеб къоялъул къаде гӏуж гӏагарлъанагӏан, Сугъралъ росдал кӏудияб мажгиталда цере, аслияб майданалде, рачӏунел гьалбадерил автомашинабазул къадар цӏикӏкӏине байбихьана.
Тӏаде щвана хас гьабун мажлисалда гӏахьаллъи гьабизе вачӏарав Дагъистаналъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Энрик Муслимовгун гьеб министерствоялъул ва рухӏияб управлениялъул хӏалтӏухъаби, районазул имамзаби, Гъуниб районалъул росабазул бутӏрул, Ахты, Курах, Дербент, Махӏарамкент, Сулейман-Стӏалалъулгун Кусар районаздаса гӏадамал, Мухӏаммад Ярагъиясул ватӏанцоялгун росуцоял ва гьесул гӏагарлъиялъул гӏадамал. Гӏаммаб куцалда мажлисалде рачӏун рукӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун чи рекӏараб кӏинусгогӏан автомашина. Ва гьезул гӏемерисел берцин гьарун рукӏана Мухӏаммад Ярагъиясул суратаздалъун, гордаздасан парпазарулел рихьулаан гӏурччинал байрахъал…
Сугъралъ росулъе щвейгун, тӏоцере мажлисалъул гӏахьалчагӏи зияраталъ Мухӏаммад Ярагъиясул хабатӏе щвана. Гьенир дугӏа-алхӏам гьабун хадур, Сугъралъ росдал кӏудияб цӏибараб мажгиталда жамагӏат гьабун как бана. Гьелдаса хадуб гьенибго байбихьана Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлис.
Кӏалъазе рахъарал Энрик Муслимовас, Дагъистаналъул муфтиясул заместитель Ахӏмад Мухӏамадовас, Юждагъалда вугев Дагъистаналъул муфтияталъул вакил Хӏусен Хӏажиевас, Исламалъулал гӏелмабазул доктор Мухӏаммадгӏариф Рамазановас, Сулейман-Стӏал росдалгун районалъул имам Шамил Гӏумаровас ва Гъуниб районалъул имам Гӏалиасхӏаб Разакъовас тӏадчӏей гьабуна Мухӏаммад Ярагъиясул гӏумруялдагун гьес нахъе тараб гӏелмияб ирсалда.
Амма, щаяли лъаларо, тадбир бачунезда гьеб кӏудияб мажлисалда сугъулдерил вакиласе кӏалъазе рагӏи кьезе ракӏалдецин ккечӏо. Лъаларо, кӏочонищ гьезда тараб, ялъуни сугъулдерил кӏалъазе гӏадамалгойищ лъугӏаралали…
Мажлисалъул ахиралда берцинаб дугӏаги гьабун, киналго гьалбал росдал цӏибараб мажгиталда аскӏобго, хасс гьабун гьелъие бараб богорокъоре рилълъана. Гьениб сугъулдерица гьалбадерие гӏуцӏун букӏана тӏагӏамаб квана-гьекъейги унго-унгояб сугъулдерил чайги. Гьелъие гӏоло гьалбадерие квен-тӏех хӏадуризелъун, хӏатта шагьаралдаса гӏемерал сугъулдерил руччабиги, пулав гьабизе Хьаргабиса махщел бугел богогьаби-чагӏигицин рачӏун рукана.
Мухӏаммад Ярагъияв гьавуралдаса 250 сон тӏубаялда бан Сугъралъ росулъ тӏобитӏараб Дагъистаналъул диниял гӏалимзабазул мажлисалъул гӏахьалчагӏи-гьалбал, жал лъикӏ къабул гьаруралъухъ сугъулдерие баркалаги кьун, жиде-жидер ватӏаналде разиго тӏадруссун ана.
* * *
Ярагъияв устар цадахъги вачун,
Чуял гьалагазул боялги гьарун,
…Гӏалимзаби ахӏун, вагӏзаби гьарун,
Хӏабибасул тӏарикъ тӏокӏкӏинабуна.
Гудермес рагӏалда байрахъалги чӏван,
Чачаназул улка кверде босана.
…Анин рагъул гъалбацӏ Ярагъиявгун,
Рихьуниб кӏкӏалахъе рещтӏенги гьабун,
Рукъзал тӏуралелде тӏадмагӏардасан
Тӏогъилал байрахъал парпазаруна…
Лъидаха лъаларел Хьаргабиса Мухӏамадбегил (цоги баяназда рекъон, Чӏикӏаса Мухӏамадил) «Имам Гъазимухӏамад чӏваялъул кочӏолъа» лъабавго Дагъистаналъул имамзабазул мугӏалимасул хӏакъалъулъ бицунел гьал тӏадехун рехсарал мухъал!
Лъалеб букӏахъе, машгьурав шайих, гӏалим ва муршид, накъшубандияб тӏарикъаталъул устар Мухӏаммад Ярагъияв цӏалана Гӏандалазул машгьураб Сугъралъ мадрасаялда, ва хадуб гьеб росуги лъугьана гьесие кӏиабилеб ватӏанлъун. Хвелалда цеве гӏумру гьабизеги, гьижра гьабун, тӏуванго Сугъралъ росулъе гочана. Гьениб батана гьесда абадияб рукъги. 1838 соналда Мухӏаммад Ярагъияв Аллагьасул къадаралде щведал, зигараялъ Сугъралъе рачӏарал рикӏкӏен гӏемерал гӏадамазда гъорлъ рукӏана Имам Шамилги, Гъази-Гъумекиса Жамалудинги ва Дагъистан машгьур гьабурал нус-нус цогидал гӏадамалги. Гьезда цадахъ гьениве зигараялъ щварав Къарахъа Мухӏаммад-Тӏагьирица гьадинал рагӏабаздалъун загьир гьабун буго Ярагъияв къадаралде щвей халкъалъе захӏмалъиялъул хӏакъалъулъ жиндиерго цо марсияталда жаниб:
…Бищун бакӏаб къварилъи — къадарги тӏаде гӏунтӏун,
Гӏаламалъулго Сайид нилъедаса ватӏалъи;
Нилъей хӏалай ватулев Хӏабибуллагь Мухӏаммад
Хӏакъав расул вукъараб къо хӏехьана умматалъ.
Къурал рагъал кӏочана, Ярагъияв къанщидал…
Мухӏаммад Ярагъияв вукъун вуго сугъулдерил хабалалъ, ва росдал устарзабаз гьесул хабада бан буго берцинаб зиярат. Гьединлъидал цебегоялдаса Сугъралъ ва Ярагъи росабазул гӏадамаз цоцада вацлъиги лъазабун буго. Гьесул рукӏарал божарал гьалбадерил жакъасеб наслуялъ ясбер гӏадин нахъе цӏунун буго Мухӏаммад Ярагъияс Гӏабдулкъадирил Ризае васият гьабураб Аллагьасул калам — Къуръан ва бацӏцӏадго цӏунулеб буго Ризаловазул ирсилаз Мухӏаммад Ярагъиясул хӏурматалда жидерго бихьинаб наслуялъе ирсалъ ирсалъухъе кьун толеб «Ярагъияв» абураб хӏурматияб цӏар…
Лезгиязул биценалда рекъон, цо нухалда Мухӏаммад Ярагъияв Гӏарахъ магӏарде жидерго гӏиял хал гьабизе ун вукӏун вуго. Къаде какил заман тӏаде гӏунтӏигун, как базе бокьарав гьесда каки чуризе лъим батун гьечӏо. Ярагъияс жидерго халатаб гӏанса гӏодоб тункун хадуб гьенисан кӏиго ицц баккун бачӏун буго. Гьезие кьун буго «Мачӏгояб рахьдал ицц» ва «Бетараб рахьдал ицц» абурал цӏарал. Гьел иццал жакъа къоялде щвезегӏан цӏунун хутӏун ругин абула. Гӏакъил хвани, нахъе лъикӏаб цӏар хутӏула, гӏалим хвани, лъикӏаб асар хутӏулин абураб авар халкъалъул кициялъухъего, биччанте, гьел иццалго гӏадин, Ярагъиясул лъикӏал ишалги, гӏелмияб ирсги, гьесул асаралги нилъееги хадусел гӏелазеги нахъе цӏунун хутӏизе!
Мухӏамад Абакаров, журналист, авторасул сурат