Федералиял проектаздаса пайда босулеб буго Цӏунтӏа районалда школал цӏигьаризе. Гьабсагӏаталда гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ нижее бицана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Гъазимухӏамад Абакаровас.

Баян: Гъазимухӏамад Абакаров гьавуна Цӏунтӏа районалъул Берих росулъ. Лъугӏизабуна ДГПУ ва щвана «лъай кьеялъул ва экономикаялъул менеджмент» абураб махщел. Хӏалтӏана Шаури росдал школалда тарбиячилъун, лъималазул художествиябги техникиябги гьунаралъул школазул нухмалъулевлъун, районалъул заочнияб школалда завучлъун. 2004 соналдаса нахъе хӏалтӏана лъай кьеялъул управлениялда методистлъун. 2022 соналда тӏамуна лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулевлъун. Гӏаммаб хӏалтӏул стаж – 15 сон.

— Ахирал соназда рухӏана Хӏибиялъ, Мекали, Мокъокъ ва цогидал росабазул школал. Кинаб хӏалтӏи гьабулеб бугеб гьениб гьабсагӏаталда?

— Хӏибиялъ росулъ цӏали гӏуцӏун буго ижараялъе босараб лъабго минаялда. Гьенибги Мекалибги байбихьун руго школазе минаби разе. Ракӏалда буго гьаб лъагӏалил ахиралде гьел ран рахъинаризе. Хьул буго январалдениги цӏиял школазде лъимал рачине рес щвеялде.

Районалде кӏицӏул вачӏун вукӏана ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаев. Абун букӏана школазе модулиял минаби разе ругин абун. «Капиталияб ремонт» ва «Лъай кьеялъул идарабазул модернизация» абурал проектазда рекъон, районалъул чанго школа къачӏазе ва базе буго. Мухӏканго абуни, школал разе руго спонсоразул ва меценатазул харжалъухъ. Хадурккун гьел къачӏазе руго цереккун рехсарал программабазе бихьизабураб гӏарцухъ. Шамил Мухӏамадовги Хизри Мухӏамадовги – гьел ккола Кидеро росулъа, «Лидерстрой» ООО абураб ралел бакӏазул фирмаялъул вакилзаби. Гьел руго гӏагараб районалъухъ ракӏунтарал унго-унгоял патриотал.

— Мокъокъ росдал школа балеб бугищ?

— Жеги байбихьун гьечӏо. Гьеб школа буго басрияб минаялда. Гьеб жагъалаблъун, ай гӏадамазе хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун, акт гьабун гьечӏо. Нижеца хӏаракат гьабулеб букӏана гьеб капиталияб ремонталъул программаялда гъорлъе ккезабизе. Амма хӏадурарал документазулъ гъалатӏалги ратун, гьоркьоса бахъизе ккана.

— Хъебалъ росдал школа базе байбихьанин бицун букӏана жигарав жамагӏатчи Мухӏамадрамазаница.

— Жакъа къоялъ гьеб буго республикаялъего №1 масъала. Гьелъул хӏакъалъулъ бицен ккана районалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Ахӏмад Хӏамзатовасул ва ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул видеобухьеналдаги.

Гьабсагӏаталда гьенир руго кьучӏги къадалги. 25-30 проценталъул хӏалтӏи гьабун буго. Амма, проекталда хиса-басиял гьаризе ккеялда бан, ахираб кӏиго соналъ хӏалтӏи чӏезе тана. Школа балеб буго гохӏда. Гьеб битӏизабулаго, гӏемераб гӏарац харж гьабизе ккана. Гьединлъидал батила, хӏалтӏиги чӏезабизе ккараб. Бан бахъараб мехалда гьеб букӏине буго районалдаго бищун лъикӏаб, гьанжезаманалъул тайпаялъул школа – спортзалги, спортивиял майданалги, богорукъги ругеб.

— Гьабсагӏаталда школазул халгьабулеб буго. Кинаб ахӏвал-хӏал бугеб цогидал школазда?

— Хӏалтӏулеб буго халгьабиялъул хасаб комиссия. Районалда буго 19 гьоркьохъеб ва цо аслияб лъай кьеялъул, гьединго гьезул филиаллъун бугеб 20 байбихьул школа. Буго 14 лъималазул ахги – гьезул 12 ккола школазул филиаллъун ва кӏиго – жалго бетӏергьанаб идаралъун.

Комиссия щвана киналниги школазде. Гьезул 80-ялдаса цӏикӏкӏун процент цӏалул сон байбихьизе хӏадурго руго. Руго гӏиси-бикъинал гӏунгутӏаби (цӏа ккеялдаса яги терроралдаса цӏуниялъул рахъалъ; масала – школалъул азбар сверункъаялъул) ва гьел тӏагӏинаризе руго тӏоцебесеб сентябралде.

— Балъголъи гуро, Цӏунтӏа районалда гӏемер рукӏана вагьабиязул идеологиялъул рахъ кколел гӏадамал. Гьез тӏадецуй гьабулаан лъай кьеялъул идарабазда гьабулеб хӏалтӏудеги.

— Гьединаб хӏакъикъат букӏана щуго-анлъго соналъ цебе. Гьанже гьечӏо. Гьелъие сабаблъунги ккана росабазул мажгитазул имамзабазулги, лъай кьеялъул идарабазул нухмалъиялъулги, районалда ругел пограничниказул вакилзабазулги ва районалъул администрациялъулги цадахъаб хӏаракат – халкъалда гьоркьоб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи гӏуцӏи.

— Магӏарул мацӏ малъулеб бугищ школазда?

— Исана тӏоцебесебги щуабилебги классал цӏализе руго цӏиял федералиял стандартазда рекъон. Гьабсагӏаталда гьечӏо гьезде рекъон кколел магӏарул мацӏалъул цӏалул тӏахьал. Цӏалдохъабазул эбел-инсул гӏемерисез инкар гьабулеб буго магӏарул мацӏалдаса. Ингилис мацӏалъул ЕГЭ кьезе кколеб бугин абун, гьелде цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе кколеб бугин абула. Гьез ратула магӏарул мацӏалдаса эркенлъиялъе рес кьолел законазул хӏужаби.

К. Сулейманова