7 августалда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда бицана Бежтӏа участокалъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ.
Данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцересел заместителал Руслан Гӏалиев ва Манвел Мажонц, ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватханова, ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида Тӏалхӏатова, Бежтӏа участокалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Хӏусен Хӏайбулаев ва цогидал хӏакимзаби.
Тӏоцебе абуни, щибаб районалъул масъалабиги гӏочӏода чӏван, хӏукуматалъул хасаб данделъи тӏобитӏи лъикӏаб тадбирлъун бихьула. Гьединаб тартибалда республикаялъул муниципалитетазул хӏал лъазабизе тӏадкъан буго ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас. Республикаялъул нухмалъиялде чан батӏияв чи вачӏаниги, Бежтӏа участокалъул масъалаби церелъураб хасаб данделъи жеги букӏинчӏо – гьезул хӏакъалъулъ бицунаан Цӏунтӏа районалъего гӏаммал суалазда гьоркьоб.
Бежтӏа участок буго Мугӏрузулаб Дагъистаналда, Грузиялъул гӏорхъода. Гьениб 12 росулъ гӏумру гьабула 10 азаргогӏанасев чияс. Республикаялъул тахшагьаралдаса рикӏкӏад рукӏиналъ, гӏемерисеб мехалда бежтӏадерил масъалабазде регӏуларо пачалихъиял хӏакимзаби ва жамагӏаталъ масъалаби тӏуразаризе ккола жидецаго, ай хутӏула жалго жидедаго. Килщазда рикӏкӏине бегьула гьенире щварал республикаялъул нухмалъиялъул вакилзабиги. Гьединлъидал кӏудияб кӏвар буго Бежтӏа участокалъул масъалаби гьоркьор лъураб ДРялъул хӏукуматалъул хасаб данделъиялъул.
Щибха бицараб тарихалда хасаб бакӏ кквезе бугеб хӏукуматалъул данделъиялда? Хӏусен Хӏайбулаевасул баяналда рекъон, бежтӏадерил социалиябгун экономикияб цебетӏеялъе квербакъулел тадбирал гьарун руго гӏицӏго 2002-2015 соназда – «Мугӏрул» абураб программаялда рекъон ва «Дирекция ФЦП «Юг России» абураб ГУПалъул квербакъиялдалъун, республикаялъул инвестициязулаб программа гӏумруялде бахъинабулаго.
Республикаялъул нухмалъиялъул кумекалдалъун дагьалъ цебе бежтӏадерие лъуна 6300 кВАялъул къуват бугеб токалъул трансформатор. Гьединаб баян кьуна данделъиялда ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Манвел Мажонцица.
Хӏ. Хӏайбулаевас рехсана Качалай росдал советалда гъорлъ ругел Качалай (200-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки) ва Караузек (160-ялдаса цӏикӏкӏун цӏараки) росабазулъ артезианалъул лъел гъуй бухъиялъул масъала. Качалаялда гьединаб кӏиго гъуй буго: колхозалъе гьеб ракь кьураб заманалда бухъараб ва 1980-абилел соназул ахиралда бухъарабги. Ахирал анцӏ-анцӏ соназда росу гӏезегӏан кӏодолъана ва гьел гъуязул лъим гӏолеб гьечӏо. Минабахъе лъим щоларого букӏуна риидал, хасго хурзал лъалъазе хӏалтӏизабулеб каналалда лъим мукъсанлъараб заманалда. Гьелда бан Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас хасаб тӏадкъай кьуна ДРялъул Ралел бакӏазул министерствоялъе. Бокьилаан, гьекъезе санагӏатаб лъел гъуй бухъиялда цадахъго лъалъадизе хӏажалъулеб лъел масъалаги тӏубазабуни.
Дир пикруялда рекъон, лъел гуребги, кӏвар цӏикӏкӏарал гӏемерал масъалаби руго Бабаюрт районалъул ракьазда гӏумру гьабулел бежтӏадерил жамагӏатазул. Масала, Качалай росу къотӏун уна Караузекалдеги, Лъаратӏа районалъул цогидал росабалъеги. Гьеб шагьранухда жеги тӏун гьечӏо хъил. Гьенисан хьвадулел машинабаз бахъинабураб хӏуралъ гъанкъулел руго гьенир ругел минаби. Хӏинкъи буго нухдасан школалде хьвадулел лъималазул гӏумруялъеги. Дагьалъ цебе Качалай росдал жамагӏаталъ нухцин къан букӏана гьеб сабаблъун.
Чарагьечӏого тӏуразаризе кколеллъун рихьула Качалаялдаги Караузекалдаги гӏемерал соназ аслияллъун ругел токалъулги газалъулги суалал. Качалай росдада хьолбохъан унеб буго газалъул магистралияб рогӏоро, амма росулъе газ бачун гьечӏо. Караузек росулъан рогӏралги лъун, газ бачине бугин бицуна Лъаратӏа районалъул Мазада росулъе, амма жибго Караузекалде гьеб бачиналъул хабарго гьечӏо. Гьури пуниги, цӏад щенаниги, свинабула гьениб ток. Гьечӏо канлъи кӏиябго росдал къватӏаздаги. Гьечӏо Качалаялда лъималазул ах – щибаб къойил лъимал раччула Караузекалъул лъималазул ахикье.
2015-2020 соназда Бежтӏа участокалда бан гьечӏо цониги социалияб объект. Сахлъи цӏуниялъулгун лъай кьеялъул ва маданияталъул идараялъул цониги бакӏ базехъин гьечӏо 2021-2023 соназда республикаялда гӏумруялде рахъинарулел инвестициязулал программабазда рекъонги. Щай? Щайгурелъул, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул тӏоцевесев заместитель Руслан Гӏалиевасул баяналда рекъон, пуланаб бакӏ базе хӏажат бугин абун, Бежтӏа участокалъул администрациялъул ва муниципалитетазул бегавулзабазул рахъалдаса бачӏараб цониги хитӏаб гьечӏелъул. Гьединал хитӏабал рукӏаралани, рес щвелаан «Мугӏрузул ракьал церетӏезариялъул хӏакъалъулъ» абураб республикаялъулал программаялда гъорлъе гьелги ккезаризе.
Советияб заманалдаго, ай араб гӏасруялъул 40-80-абилел соназдаго рарал руго Бежтӏа участокалъул росабалъ ругел школазулги, библиотекабазулги, росабазул советазулги, централияб больницаялъулги минаби. ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Медина Жаватхановалъ абуна, Бежтӏа участокалда къачӏазе кколила цо библиотекаги ракӏгъеялъул тадбирал гӏуцӏулеб лъабго минагиян. «Культурная среда» абураб федералияб программаялда рекъон, гьелги къачӏазе рес щвелаан, участокалдаса гьединаб хитӏаб бачӏарабаниянги бицана гьелъ.
Жакъа кӏвар бугеб масъала буго социалияб объекталъе мина баялъе санагӏатаб ракь балагьи. Школа, больница яги лъималазул ах балелде хӏадуризе ккола документал – проект, смета, ракьул «зеленка» ва гь.ц. Масала, Бежтӏа росу байбихьулеб бакӏалда буго 1960-абилел соназдаго хъорщол бараб лъималазул ах. Гьабсагӏаталда гьенир бакӏал гӏолел гьечӏо – лъималазул ахикье иргаялда чӏун буго 56 лъимеран бицана данделъиялда ДРялъул лъай кьеялъул министрасул заместитель Аида Тӏалхӏатовалъ. Хӏакъикъаталда гьел жеги гӏемер ратула. Гьелда бан Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас лъазабуна 60 лъимадуе бакӏ бугеб модулияб лъималазул ах базе хӏадурлъеян абун. Участокалъул централияб больница къачӏаялъе ва гьеб дарабаздалъун хьезабиялъе ресал ратеян тӏадкъана гьес ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляевалдаги.
Киб базе бугеб лъималазул ах? Росу цӏакъ кӏодолъун буго, ризго ран руго минабиги. Лъималазул ахалъе ракь балагьи букӏина, дир пикруялда, захӏматаб масъалалъун. Аэродромалъул ракьалда цересел соназда бана Спорталъул кӏалгӏа. ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидовас абуна, тӏадеги спорталъул майданал ва цогидал объектал разе квербакъиялъе жал хӏадурал ругин. Гьанисан-дорасан бутӏабиги тӏезарун, аэродромалъул ракь мукъсан гьаби битӏараблъун бихьуларо. Вертолет рещтӏунеб бакӏ чарагьечӏого хӏажат буго бежтӏадерие. Мисалалъе, захӏматго унтарав чиясухъе тохтур вачӏине яги унтарав тахшагьаралде хехго щвезавизе.
Хӏисабалде босизе ккола цоги суал: росу кӏодолъун, Цӏунтӏе рахъалдехун халалъун бугелъул, гьенибги букӏине ккола лъималазул ах. Гӏурумухъалда ран руго росуцояз минаби. Гӏурул рагӏалда лъималазул ах базе рекъон букӏинаро – гӏор щвани, гьелъие хӏинкъи букӏина. Рохьил рацӏцӏалъиялда берцинги рекъонги букӏинаан гьеб, амма ахирал соназда гӏалхул жанавараз рахӏат хвезабун буго халкъалъул. Гьабсагӏаталда гӏадамал хӏинкъулел руго гӏисинпихъ бакӏаризе рохьоре инецин.
Бицана данделъиялда бежтӏадерил жамагӏат бохизабулеб хабарги: ДРялъул Транспорталъулгун нухлул магӏишаталъул министерствоялда Гӏ. Гӏабдулмуслимовас тӏадкъана Анцухъа Бежтӏе щвезегӏан шагьранухда хъил тӏеялъе тадбирал гьареян абун. Бицана Бежтӏаса Гьинухъе, Гьинухъ габурлъиялдасан гуреб, батӏияб нух бахъизе ккеялъул хӏакъалъулъги. Гьеб нухлул халалъи букӏине буго микьгогун бащдаб километр. Хӏакъикъаталдаги, Гьинухъ габурлъиялдасан унеб шагьранух ккола гӏумруялъе хӏинкъи бугеб ва машинаялъе захӏматал эхедераялгун свераби ругеб нух. Гьенир гӏемер ккола авариял. Масала, 2020 соналъул маялда, машинаги гебегун ун, гӏумруялдаса ватӏалъана цо хъизамалъул ункъо чи.
Гьабизе хӏалтӏиги гӏуцӏизе тадбиралги гӏемер руго. Участокалъул лъикӏал ресал руго росдал магӏишат цебетӏезабизе – хурухъанлъи, гӏи-боцӏухъанлъи, ахихъанлъи. Лъикӏал шартӏал руго, тӏабигӏаталъул ва миллияб маданияб нахъраталил сурсатазул кьучӏалда, этнотуризм цебетӏезабиялъеги. Руго участокалда даруял иццал – гьездасаги пайда босизе бегьула муниципалитеталъул бюджеталде рачӏунел гъурщал гӏемерлъизариялъе.
Хьул буго, ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Нариман Гӏабдулмутӏалимовасул нухмалъиялда гъоркь гӏуцӏараб ведомствабазда гьоркьосеб хӏалтӏул къокъаялъ, рехсарал ва цогидал рахъазде кӏварги кьун, Бежтӏа участокалъул цебетӏеялъе пайдаял хӏукмаби гьариялде.