23 августалда «Дагъистан» РИАялда журналистал дандчӏвана республикаялъул росдал магӏишаталъул министр Мухтарбий Аджековгун.

Гара-чӏвариялъул байбихьуда РИАялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас ракӏалде щвезабуна исана июлалда республикаялда тӏобитӏараб гастрономиялъулаб фестиваль:

— Республикаялда тӏобитӏараб гьеб фестивалалда гӏахьаллъана батӏи-батӏиял улкабаздаса шеф-поваралгицин. Гьез цӏакъ тӏадегӏанаб къимат кьуна нилъер гьаниб гӏезабулеб гӏиял гьанае. Масала, гьезул цояс абуна Дагъистаналдаса гӏиял гьан тукабаздагицин бичизе лъезе кколарила, гьеб бикьа-къотӏун, тукабазде щвелалдего, лъугӏизе кколилан.

Мухтарбий Аджековас тӏадчӏей гьабуна республикаялъул росдал магӏишаталда, арал соназда дандеккунгицин, ругел церетӏеязде.

Масала, гьесги тасдикъ гьабуна М. Мухӏамадовас бицараб:

— Дагъистаналда гӏезабулеб гӏиял гьан битӏула Москваялде, Санкт-Петербургалде гуребги, Россиялъул цогидал шагьаразде ва батӏи-батӏиял регионазде. Санайил Дагъистаналда гӏезабула 30-35 тонна гӏиял гьанал. Гьелъул 18 тонна нилъерго гьаниб хӏалтӏизабула, — ян бицана министр Мухтарбий Аджековас.

Гьединго министрасул рецц-бакъалъе мустахӏикълъана пиринчӏ гӏезабулелги.

— Гъоркьиса пиринчӏ бекьун букӏараб батани, 27 азарго гектаралда, исана гьеб бекьун букӏана 30 азарго гектаралда. Гьеб гӏезабиялъулъ кӏудияб бутӏа буго ракьал лъалъалезулги. Арал соназде дандеккун, ракьал лъалъаялъул хӏалтӏиги лъикӏаб даражаялде бачун бажарана. Гъизляралъул ракьазда гӏезабураб пиринчӏ Россиялдаго бищун лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго.

Гьединго абизе бегьула исана букӏанин куракул сониланги. Бакӏарун буго гьелъул 35 азарго тонна. Гьеб бичана Россиялъул цогидал регионаздаги. Республикаялда тӏобитӏана куракул фестивальги, — ян абуна Мухтарбий Аджековас.

Хасалил мучӏдузда гӏияца хасел тӏамиялъулги хӏасилал лъикӏал ругилан абуна министрас. Чахъдада хадуб кьегӏер цӏунизе кӏвеялъул процентги 96-ялде бахун буго.

Рохьихъанлъи цебетӏеялъулги лъикӏал хӏасилал ругин абуна гьес.

Амма жакъа къоялде аслияб кӏвар кьезе ккараб суал пихъал ва овощал цӏунулел бакӏал цӏикӏкӏинаризе ккеялъул бугилан абуна М. Аджековас.

Цогидал регионазде дандеккун, нилъер гьанир гьединал бакӏал цӏакъго дагьал руго. Бищун дагьалдаса 150 азарго тонна цӏунизе рес букӏине кколеб буго республикаялъул. Жакъа къоялъин абуни, нилъер рес буго гӏицӏго 25 азарго тонна цӏунизе.

Росдал магӏишат цебе тӏеялъулъ бищунго кӏвар цӏикӏкӏараб бутӏа лъола техникаялда цадахъго хӏалтӏухъабазги. Гьездехун кинаб бербалагьи гьабулебилан суал кьуна журналистаз.

— Нижеда бихьула гьезул хӏалтӏи. Кьола гьезие республикаялъулги федералиябги даражаялъул шапакъатал. Масала, дагьаб цебегӏан республикаялда тӏобитӏараб АПКялъул конференциялда ДРялъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас росдал магӏишаталъул микьго хӏалтӏухъанасе кьуна шапакъатал.

Зама-заманалдасан республикаялъул бетӏер С. Меликовасги батӏи-батӏиял шапакъатаздалъун кӏодо гьарула гьел, — илан жаваб кьуна М. Аджековас.

Гьикъана министрасда гарцӏазул гьужумалъул, цӏолбохъанлъиялъул, ракьал лъалъаялъул хӏакъалъулъги.

Цӏолбохъанлъиги соналдаса соналде цебетӏолеб бугин, тӏадеги цӏолбол цӏиял ахалги гӏезарулел ругин, гарцӏалги, цересел соназде дандеккун, гӏемер рукӏинчӏилан абуна министрас.

Амма цо-цо бакӏазда ракьал лъалъаялъул хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялда гьечӏин абулеб букӏана журналистаз.

Гьеб иш лъикӏлъизабиялъе пачалихъалъулги республикаялъулги кумекалдалъун ресал ралагьулел ругин абуна Мухтарбий Аджековас.

Шамай Хъазанбиева