Гӏадамазул рукъзабахъ канлъи свинабуралъухъ 3,2 миллион гъурщил гӏакӏа къотӏана республикаялъул Монополиялда данде чӏараб хъулухъалъ (УФАС) «Россети Северного Кавказа» идараялда тӏад.

Ракӏалдаго гьечӏого гьез токги свинабун, ункъо нухалъ гӏадамазухъа гӏарзал къабул гьарун руго УФАСалъ. Щибаб хӏужаялда рекъон, 800 000 гъурщил гӏакӏаялъул къадарги данде кьабун, лъабго миллионалдаса цӏикӏкӏараб гъурщил гӏакӏа къотӏизе хӏукму гьабуна гьез «Россеталда» тӏад.

Цебеги пуланай гӏаданалъул рокъобе ток свинабуралъухъ миллион гъурщил гӏакӏаги къотӏун букӏана УФАСалъ гьезда тӏад.