2022 соналъул бащдаб лъагӏалида жаниб Россиялъул Банкалъ тӏатинабуна кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун балъго хӏалтӏулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукӏана лъабцӏул дагь.
Щал рикӏкӏунел нелегалаллъун ва кин гьел тӏатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чӏезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас.
— Мурад Саниевич, кин бичӏчӏизе кколеб «финансазул рынокалда балъгояб хӏаракат» абураб жо?
— Финансазул рынокалда балъго хӏалтӏулезда гьоркьор Россиялъул Банкалъ рехсола балъгоял кредиторалги, гьересифорекс-дилералги, финансазул пирамидабиги. Гьел компаниял хӏалтӏула Россиялъул Банкалъул лицензияги гьечӏого. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо букӏине кколеб даражаялда финансазулаб хъулухъ клиентазе гьабун ва, жидер хъулухъалдаса пайда босарав чиясул ихтиярал гьез хвезаруни, гьел низамалде цӏазеги захӏмалъула.
Балъго хӏалтӏулел финансазул гӏуцӏабазда гьоркьоса гӏемерисел ккола «чӏегӏерал» кредиторал, ай финансазулаб хъулухъ гьабулел профессионалиял гӏуцӏабазул сияхӏалда рехсечӏел, амма гъоркь проценталги ккун, гӏадамазе гӏарац кьолел. Балъгоял кредиторал хӏалтӏула батӏи-батӏияб къагӏидаялда. Цояз гӏадамазе кьола потребителасул займал (гьединазда гьоркьоса цо-цояз хӏалтӏизарула хӏакъикъиял финансазул гӏуцӏабазул цӏарал, масала, «микрофинансовая организация», «микрокредитная компания»). Цогидал хӏалтӏула, микрофинансированиялъул рынокалда хӏалтӏизе ихтияр бугел гӏуцӏабазул сияхӏалдаса жидер цӏар хъвагӏан бугониги.
«Чӏегӏерал» кредитораллъун рикӏкӏуна гьереси-лизингалъулал компаниялги, гьереси-ломбардалги. Гьезги, комиссионнияб тукен абураб цӏаралда гъоркь хӏалтӏулаго, кьола гӏадамазе займал, законалъул тӏалабалги цӏуничӏого, гъоркьлъалие машинабиги лъезарун.
Гьединго балъгояб гӏуцӏилъун рикӏкӏуна финансазулаб пирамидаялъул хасият бугел компаниялги: цӏикӏкӏараб хайир щвезе бугин абун, гӏадамалги махсараде ккун, гьезухъа гӏарац бакӏарула гьединал компанияз, хайир кьолеб цониги бакӏалде гӏарацги харж гьабичӏого.
Онлайналдаса пайдаги босун
— Араб соналъул тӏоцебесеб бащалъиялде дандеккун, лъабцӏул цӏикӏкӏана нелегалазул къадарин абуна дуца. Щиб гьелъие гӏилла?
— Санкциязул хӏасилалда хисана загьириял финансазул компаниязул хӏалтӏул шартӏал. Гьелдаса пайдаги босун, хӏаракат цӏикӏкӏинабуна балъгоял компанияз. Гьез жигаралда тӏибитӏизабуна «пуланав чияс рецӏалие гӏарац кьолин» яги гӏадатиял гурел, ай гьересиял, инвестициязулал проектазде гӏарац харж гьабулеб бугин абурал рекламаби. Ахӏвал-хӏал хӏалуцинабуна чӏахӏиял пирамидаби цо чанго гьитӏиналде рикь-рикьун хӏалтӏиялъги. Пирамидабазулги нелегалазул 80гӏанасеб процент хӏалтӏула онлайналда.
Гьебго заманалда Россиялъул Банкалъ камил гьабуна онлайналдасан хӏалтӏулел нелегалал тӏатинариялъул къагӏида. Гъоркьиса декабралда хӏалтӏизе байбихьараб законалда рекъон, ихтияр кьуна гӏарац бахъиялъул мурадалда гӏадамал махсараде кколел интернет-сурсатазе, суд гьабизегӏанго, нухал къазе.
Законалъ лъалаго хехлъизабуна гьединал сурсатаз хӏалтӏизе гьукъиялъул болжал: цо чанго анкьидаса кӏиго-лъабго къоялде щвезегӏан. Гьедин, Россиялъул Банкалъул бихьизабиялда рекъон, исана къана 3500 финансазулаб рынокалъул сайт.
Анкьцӏул ургъе
— Дагъистаналдаги тӏатанищ финансазул пирамидаби?
— Гьаб соналъул тӏоцебесеб бащалъиялда тӏатинабуна тӏолабго улкаялда хӏалтӏулеб ичӏнусгоялдаса цӏикӏкӏун финансазулаб пирамида. Гьел рукӏана хайппроектал хӏисабалда гӏицӏго Telegram-алда хӏалтӏулел. Гьезул гьечӏоан жалго бетӏергьанал сайтал ва гьез гӏадамазухъа гӏарац бакӏарулаан Telegram-ботазул кумекалдалъун. Telegram-каналалда кьураб ссылкаялда бугеб малъа-хъваялда рекъон, гӏарцуде хьул лъурав чияс хъвазе кколаан гьитӏинабго текст. Гьединал, ай мухӏканлъи лъаларел, щакал интернет-проектазде гӏарац бакӏарулеб бугин абурал Telegram-каналазде раккуге.
Финансазул пирамидабазул 56-ялдаса цӏикӏкӏун проценталъ абулеб букӏана криптовалюта кьезе бугилан яги криптовалютабазул активал росизе ругин абун. Машгьураллъун хутӏун руго экономикияб хӏай хӏисабалда гӏуцӏарал финансазулал пирамидабиги.
Дагъистаналда хӏалтӏулеб букӏана «TRUST INVEST CAPITAL» абураб цӏакъ кӏудияб финансазулаб пирамида. Гьелъул гӏуцӏарухъабаз гӏадамал ахӏулел рукӏана венчурияб бизнесалде гӏарац харж гьабизе. Жуликӏаз гӏадамазда абулеб букӏана, гьиналъулаб маркетингалъул къагӏидабиги хӏалтӏизарун, машинаби, багьа хирияб техника, мина-мулк учузго босизе рес щвезе бугин абун. Амма хӏакъикъаталда гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарац кибениги, ай инвестициязулаб цониги проекталде харж гьабулеб букӏинчӏо.
Россиялъул Банкалъулги, МВДялъулги ва прокуратураялъулги цадахъаб хӏаракаталдалъун рес щвана пирамидаялъул хӏаракат тӏатинабизе ва гӏадамазухъе тӏадбуссинабуна 300 миллион гъурущ.
— Кинал къагӏидаби хӏалтӏизарулел финансазулаб рынокалъул нелегалаз?
— Гьабсагӏаталда аслияблъун буго, «нужерго гӏарац хвасар гьабеянги» абун, къватӏисел улкабазул проектазулъ ва багьа хириял кагътал росиялъулъ гӏахьаллъизе гӏадамал ахӏи. Гьедин гьабулаан цебеккунги, амма гьанже гьелъие кьучӏлъун рехсола Россиялде данде лъазарун ругел санкциял. Жигаралда хӏалтӏулел руго кибержуликӏал: телефоналъул пуланаб номералде гӏарац рехизабизе инсан мукӏур гьавиялъе гьез абула халкъазда гьоркьосеб расчет гьабулаго, квекӏенал кколин абун. 2022 соналъул тӏоцебесеб кварталалда тӏатинарурал нелегалазул 58-ялдаса цӏикӏкӏун процент ккола криптовалютаялда хурхарал ишал гьарулел компаниял. «TRUST INVEST CAPITAL» пирамидаялъул нухмалъулез клиентал божизарулел рукӏана жидер компаниялъ криптовалютаги акциялги ричулел рукӏиналде.
VPN — гӏадамал гуккулеб канал
Пуланаб пирамидаялде Россиялъул интернеталдасан нух къан бугониги, жуликӏазухъа бажарула гӏадамазухъа гӏарац бакӏариялъе нух балагьизе. Гьелъие хӏалтӏизабула VPN – клиентазда лъазабула гӏицӏго гьелъул кумекалдалъун ракке жидер интернет-сайталдеян абун. Гьединлъидал, VPN-сервисаз нужго гуккунгутӏизе, Россиялъул Банкалъул сайталда халгьабе нужеца гӏарац рехизехъин бугеб финансазулаб гӏуцӏиялъе лицензия кьун бугищали.
Ахирал соназда цӏакъго тӏибитӏун буго онлайналда гьересиял проектал рагьи – гьеб гӏемерго учузго чӏола жуликӏазе. Гьединал проекталлъун ккола онлайн-пирамидаби, криптовалютаялде гӏарац харж гьабизе квербакъизе бугин бицин, гьересиял форекс-дилерал, батӏибатӏиял экономикиял хӏаял.
Гӏадамал гуккизе нелегалаз тӏамула блогерал – федералиял яги регионалиял. Гьез тӏалаб гьабула социалиял гьиназда ругел блогерасул гьурмазда пуланаб баян лъеян, яги жиндиего гӏемер хайир щванилан абун, бицеян. Инсан божизавизе гьез хӏалтӏизарула интернеталда хӏалтӏизарулел рекламиял баннералги, машгьурал видеохостингалдаса роликалги, дунялалдаго цӏар арал брендалги ва финансазулал компаниязул цӏаралги.
Сихӏручагӏаз пайда босула финансазул ва тарихазул рахъалъ гӏадамазул лъай гьечӏолъиялдасаги. Гьединлъидал, дица абилаан, лъаларел компаниязулгун гӏарцул ишал байбихьилалде гьеб хӏакъикъияб «Пирогалъул» бищунго татуяб бутӏа 2022 соналъул бащдаб лъагӏалида жаниб Россиялъул Банкалъ тӏатинабуна кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун балъго хӏалтӏулеб финансазулаб компания. Гьезул бащдал ккола финансазулал пирамидаби. Гъоркьиса гьединал компаниял рукӏана лъабцӏул дагь. Щал рикӏкӏунел нелегалаллъун ва кин гьел тӏатинарулел, кин гьезде данде къеркьолел ва кин чӏезабилеб финансазулаб пирамида? Гьел суалазе жавабал кьуна Россиялъул Банкалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул управляющий Мурад Идрисовас. 5 №36, рузман 2022 с. 9 сентябрь бугищали халгьабеян абун. Халгьабизе бегьула Россиялъул Банкалъул сайталъул «Проверить финансовую организацию» абураб бутӏаялда. Гьениб кьун буго щаклъи бугел финансазулал компаниязул сияхӏ.
— Финансазулаб пирамида бугеблъи кин чӏезабулеб?
— Аслияб хӏужалъун ккола лицензия гьечӏолъи. Халгьабизе ккола Россиялъул Банкалъул, Налогазул федералияб хъулухъалъул ва ЕГРЮЛалъул пачалихъиял сияхӏазда компаниялъул цӏар рехсон бугищали. Законалда рекъон хӏалтӏулеб компаниялъ жиндир хӏакъалъулъ баянал балъго гьаруларо.
Цоги хӏужа – интернет-рекламаялъул кумекалдалъун, социалиял гьиназдаса ва мессенджераздаса гӏадамазде ахӏи бай. Щаклъизе ккола, гьеб сонцерекъад рагьараб компания батани ва гьелъул мукъсанаб капиталги учредительлъун цого чагӏи ругони.
Нагагь компаниялъ лъазабулеб бугони, дур гӏарац цӏикӏкӏараб хайир щолеб предприятиялде, масала, месед бахъулеб, бакӏал ралеб ва гь.ц., харж гьабизе бугин абун, тӏалаб гьаре гьединаб хӏаракат тасдикъ гьабулел документал. Документал гьечӏони – 100 проценталъ ракӏчӏараб буго дуда цеве жуликӏ вукӏиналде.
Буго цӏодорлъизе гьабизе кколеблъи бичӏчӏизабулеб цоги жо – цебеккунго гӏарац кьезаби, ай компаниялда гъорлъе ккезе ва хадубккун гӏемераб хайир щвезе бокьани, цин дагьабниги гӏарац кьезе кколин аби. Цӏодорлъизе ккола цӏиял клиентал ралагьеян гьарулеб бугониги – гьеб буго цогидазухъа гӏарацги бакӏарун жидеего хайир балагьулеб финансазулаб пирамидаялъул классикияб къагӏида.
— Ахиралдаги, кинаб гӏакълу кьелеб дуца нижер цӏалдолезе?
— Аслияб жо буго цӏодорлъи гьаби. Кинабгӏаги къотӏи-къаялда гъоркь гъулбасиналде кӏваркьун цӏализе ккола гьеб ва цӏадирабазда лъезе ккола киналго рахъал. Киданиги разилъуге щаклъи ккараб гӏуцӏиялъул хъулухъаздаса пайда босизе. Гӏадамазда ракӏалде ккола, «пирогалъул» бищунго татуяб бутӏаги щун, финансазулаб пирамидаялъукьа рорчӏилин абун. Амма гьеб буго гьереси, пирамидаялда бечелъула гӏицӏго гьеб гӏуцӏарав чи.
Гӏадамал гуккулеб финансазул гӏуцӏиялъул яги пирамидаялъул хӏакъалъулъ лъазабизе бегьула Централияб Банкалъул официалияб сайталда бугеб интернет-приемнаялдасан. Гьединго бегьула «ЦБ Онлайн» абураб мобильнияб приложениялъул чаталдасан суалал кьезе.