Жакъа дагъистаниязе, хасго Авар, Гӏанди, Сулахъ гӏоразул мухъазда ругел ва лъарагӏлъиялдагун хъутабазда гӏурал цӏиял магӏарул росабазул жамагӏатазе кӏвар бугеб ишлъун буго Бузнаса нух цӏигьаби. Умумузул заманалда гьеб нух букӏана цӏакъго санагӏатаблъун. Болъихъа жамгӏияв хӏаракатчи Дибиров Мухӏамадкамилил бажариялдалъун цӏигьабун бахъулеб бугеб гьеб хӏакъикъаталдаги сверун буго халкъияб нухалде. Бузнаса нухлул гӏемер бицуна, амма гьелъул хӏакъикъияб тарих гӏемерисезда лъалебго батуларо. Кида ва кин Бузнаса нух бахъараб? Щиб кӏвар гьелъул букӏараб?
Кӏиго районалъул гӏорхъода
Бузна абулеб бакӏ ккола гендерил гӏалах. Гьеб буго Буйнакск ва Унсоколо районазул гӏорхъоде кколеб бакӏалда. Цебе гендерил жамагӏаталъ гьеб гӏалахалдаса пайда босулаан, гьебги букӏана гендерил жанисеб нухлъун. Хьвадулаан гьенисан цоги магӏарулалги, хасго сверухъ ругел росабазул гӏадамал. Доб заманалда лъарагӏлъиялда рукӏинчӏо гьанже гӏадал шагьарал. Тӏорщалида хадур ва даранбазаралъе хьвадулаан, аслияб куцалда, Индиралде яги Гъизляралде. Чӏикӏаб ГЭС бан хадуб, Бузнаса нухлул цо бутӏа ккана лъеда жанибе. Бузнабе хутӏана мугӏруздасан захӏматаб сухъмахъ яги Буйнакск районалъул росабалъан сверун ине нух.
Генуб росдада нахъа ругел кьурабалъан Хъаранире унеб нухги доб заманалда, жеги гӏатӏид гьабичӏеб, хӏама бачунареб сухъмахъ букӏана. Таргъуялде, шамхаллъиялде хьвадулаан гьанже тоннель бугеб бакӏалдасан тӏадеги рахун, гендерил мегӏерги бегун. Аслияб магӏишатияб нухлъун гендериеги цогидазеги ХӀX гӏасру ахиралде щвезегӏан ва XX гӏасруялъул авалалда букӏана Бузнаса нух. Гендерил парсазде ва магӏарухъе машинабазе цӏиял нухал рахъиялъул хӏасилалда, хасго советияб заманалда гьелъул кӏвар дагьлъана ва Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏоринибе нух ккедал, XX гӏасруялъул 80-абилеб соналдаса нахъе лъугӏунго ана.
Бузнаса нухалдаса XVIII гӏасруялда ва цебе заманалда гӏатӏидго пайда босулароан Гӏандигӏурул мухъалде кколел, тӏадегӏан ругел росабазул жамагӏатаз. Гӏицӏго гӏагарда ругел жамагӏатазул гӏадамал ва Генуре, хас гьабун, рачӏунел рикӏкӏадаса къанагӏатал чагӏи хьвадулаан гьеб рахъалдасан. Гьелъие гӏиллаги кколаан, Аваргӏоргун жубалеб бакӏалде гӏагарлъулеб Гӏандигӏурул рагӏалдасан цӏакъго захӏматаб, хӏинкъи бугеб нух букӏин. Гӏор чаранкьурда цурал, кьурулъ кьабурал чӏедерал чӏелаздасан ва лъеда жанисан ине кколел бакӏалги рукӏана гьенир. Кин бугониги, нухги букӏана гьениб, магӏарул къагӏидаялъул цӏулал кьоги букӏана Аваргӏурул ахалъуда. «Гӏоржубада кьойин» абулаан гьелда. Ахӏулгохӏдехун унеб нухде кколеб, Аваргӏурул кӏиябго рагӏаллъи цолъизабулеб гьеб гендерил кьоялда гӏурусаз рекӏинабуна «Гӏешдерил кьо» абураб цӏар. Гьеб цӏаралда дандчӏвала Гӏоржубада кьо доб заманалъул рагъулал ва тарихиял хъвай-хъвагӏаязда.
Нух къокъ гьабуна
Гьелде щвезегӏан гендерил жамагӏаталъул къуваталдалъун бахъунги къачӏанги букӏараб Бузнаса нухалде тӏоцебе кӏвар буссинабуна Кавказалъул рагъул заманалда гӏурусазул рагъулал нухмалъулез. Цересел кӏиявго имамасул ва Шамилил имамлъиялъул байбихьул заманалда гьеб нухдасан гӏурус аскарияз пайда босизе лъугьана лъарагӏлъиялдаса Генуб росулъе рачӏиналъе. Гьел соназда гӏурус генералзабазул анищазулъ ва пикрабазулъ барщана Бузнаса нух гӏатӏид гьабиялъул суал. Гӏицӏго 1839 соналда, Ахӏулгохӏда хӏалуцарал рагъал унеб заманалда щвана генерал Граббее гьелъие ресги хӏажатаб гӏарцул кумекги. Ахӏулгохӏде гӏурус аскарал рачӏана, аслияб куцалда, Буртунаялдасан, Хӏаригабурлъиялдасан, Аргъванисан гӏодоре. Аскаразе рагъул сурсатал ва кванил нигӏматал раччулел рукӏана цӏакъго халатал нухаздасан. Свериги бахъун, рачӏунаан Хьаргабисан Хунзахъе, гьенисан Игьалире, Сагърикьотӏе, чӏиркъдерил кьотӏе ва Гӏашилтӏе. Гьединго свери бахъулеб букӏана гендерил магӏардасан рихьундерил къварилъухъе, Балахьунире, Мокъсохъе, Цӏатӏанихъе ва гьениса Игьалиреги рачӏун. Рихьуниса Унсоколореги рачӏун, гьениса къокъидго Гӏашилтӏе ине рес букӏинчӏо гендеридаги ансадеридаги гьоркьоб букӏараб «Шайтӏабазул кьо» Шамилица цебеккунго нахъе бахъун букӏиналъ. Цӏакъ захӏматго букӏана гӏурусазе гьел нухаздасан хехго рагъухъаби хӏажатал сурсатаздалъун хьезаризе. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьез кӏвар кьуна «Шайтӏабазул кьо» къачӏаялде ва цӏуниялде. Гьеб тадбиралъ гьезие кӏудияб кумекги гьабуна.
Гьелдаго цадахъ генерал Граббеца тӏадкъаял кьуна хехаб куцалда Бузнаса нух гӏатӏид гьабиялъул хӏалтӏаби байбихьизе. Мурад букӏана гьенисан рагъул сурсатал, гӏарадаби ва кванил нигӏматал жеги хехго хадур гъезари. Хӏалтӏаби гьарулел рукӏана Ахӏулгохӏда унеб рагъги гьоркьоса къотӏизе течӏого. Нух бахъулезе квекӏен гьабизе магӏарулазул ресал рукӏинчӏо. Нух бахъулезде кьвагьдон, гьезие дагьабниги квекӏен гьабулеб букӏана гӏицӏго гьенир кьурабалъ рахчун рукӏарал гендерил гӏабурикӏаз, ай шаргӏалда тамихӏ гьабун, росулъа къватӏире гъун рукӏарал чанго чияс. Хӏакъаб букӏана, Ахӏулгохӏда рагъал унел рукӏаго, гьеб нух бахъи ахиралде щолареблъи, жеги чанго соналъе хӏалтӏи гьениб букӏин.
Гӏоржубада — маххул кьо
Ахӏулгохӏдаса Шамил ворчӏана Чачаналъе. Магӏаруллъиялда кверщел щвана дандиязухъе. Гьеб заманалда гӏурусазул аскарияз, хӏажатаб кумекги магӏарул жамагӏатазда тӏадаблъун гьабун, бажарараб куцалда гӏатӏид гьабуна Бузнаса нух. Гӏоржубада рана щулалъаби ва гьениб тана хъаравуллъи. Гьенибго гьабун букӏана Гъойсубулиялда приставасул чӏолеб бакӏги. Приставлъунги тӏамун вукӏана, хадув цӏар рагӏарав пачаясул генерал хӏисабалда тарихалда машгьурлъарав Евдокимов. Цӏакъго чӏахӏиял бергьенлъаби Шамил имамас росизе лъугьараб 1843 соналда гьел щулалъаби гендерица щущазаруна, гьенир рукӏарал гӏарадабиги гӏурулъе рехун, Темир-Хан-Шураре лъутун аскариялги ана. Гьелдаса хадуб кинабгӏаги хӏалтӏи гьабичӏо Бузнаса нухда 1859 соналда рагъ лъугӏизегӏан. Кавказалъул рагъ лъугӏидал, пачаясул администрациялъ цӏакъго цӏикӏкӏараб кӏвар кьуна магӏарухъе нухал рахъиялде ва къачӏаялде. Кӏвар бугеб нухаздаса букӏана Бузнаса нухги. Росабалъа гӏадамалги рахъинарун, хасго цӏикӏкӏараб хӏалтӏи гьениб гьабуна ХӀX гӏасруялъул ахиралда, ай Дагъистаналъул тахшагьар Темир-Хан-Шурабе маххул нух бахъаралдаса хадуб. Гьеб мехалда цӏакъго лъикӏ къачӏана Гӏоржубадаса Чӏиркъатӏе щвезегӏан Ахӏулгохӏда гъоркьан Гӏандигӏурул рагӏалдасан букӏараб нух. Шамил имамасул заманалда Чӏиркъатӏа букӏана Унсоколо ва Ведено тункӏихарил заводал чӏабтӏидалъун хьезарулеб Къебуда бакӏ. Гьениса чӏабатӏ гьаказда Шурабе, цинги паровозалда Россиялъул заводазде баччулаан. Хьиндалазул пихъги тахшагьаралъул консервазул заводазде гьедин баччана.
Унго-унголъунги халкъияблъун Бузнаса нух лъугьана XX гӏасруялъул авалалда, инкъилабалдаса хадуб. Машинаби хьвадуледухъ гӏатӏидги гьабун, халкъалъул хӏаракаталда Бузнаса нух бахъана Советияб хӏукуматалъул нухмалъиялда гъоркь. Гьеб заманалда, ай 1920 соналда Гӏоржубада лъуна маххул кьоги. Гьеб ишалъе нухмалъи гьабуна Генуса инженер Мухӏамадов Камилица (Хӏажимал). Биценалда рекъон, тахшагьаралда, данде бакӏарун, хӏадурараб маххул кьо босун бачӏун буго Гӏоржубаде гӏадамаз баччун. Генубе, Чӏиркъатӏе, Унсоколо ва Гумбет районазул цоги росабалъе тӏоцере машинабиги Бузнаса рачӏун руго. Гьеб нухдасан тӏоцебе бачӏараб машинаялъул шофер Чӏиркъатӏаса Пахрудин вукӏанилан бицуна.
Мухӏамаднаби Ибрагьимов, Генуб росу