Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда кӏодо гьабулеб буго Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 99 сон тӏубай. Гьесие хириял рукӏана киналго миллатал ва халкъал. Гьелъго батила жакъа гьеб рокьи гьесухъе тӏадбуссун бачӏунебги бугеб.

Гьал къоязда Гъарачай-Черкесиялда унеб буго «КарачаевоЧеркесиялъги цӏалулев вуго Хӏамзатов» абураб акция. Гьелъие квербакъи гьабулеб буго республикаялъул Х. Б. Байрамуковалъул цӏаралда бугеб Миллияб библиотекаялъул информациязулгун библиографиялъул отделалъ

Хӏамзатил Расул ккола 72 тӏохьол автор. Гьал къоязги, гьевги ракӏалде щвезавулаго, республикаялъул библиотекабазда тӏоритӏулел руго батӏи-батӏиял тадбирал: поэзиялъул сагӏтал, литературиял вечерал, тӏахьазул выставкаби. Гьединал дандеруссиназ квербакъулеб буго Расул дагьавги гъваридго лъаялъе. Жибго Дагъистаналъул гьаракь рагӏулеб буго гьесул асаразулъ. Дагъистаналъул цӏаралдасан кӏалъалев вуго гьев дунялалда. Гьелъулин абуни, буго ракълил ва рокьул мацӏ.

Расулил асаралгун акциялъул гӏахьалчагӏазда цере рахъана Хабез районалъул централияб библиотекаялъул хӏалтӏухъаби Милана Даурова, Лидия Китова, Зарема Кохова ва гьединго Нугъай районалъул ва Черкесск шагьаралъул централиял библиотекабазул хӏалтӏухъаби Ольга Губарева, Гульнара Шебзухова, Светлана Шхагошева.