Геджухалда цӏолбохъабазул данделъи

Гьал къоязда ДРялъул росдал магӏишаталъулги кванил нигӏматазулги министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Дербент районалъул Геджух росулъе. Гьесда цадахъ рукӏана Дербентги, Гъаякентги, Стӏал-Сулейманги районазул вакилзабиги.

Гьел щвана Геджухалъул цӏолбол ахакье. Дербенталъул чогърол заводалъул директор Мухӏамад Сагӏдулаевас бицана, цӏибил бакӏарулеб заманалда Геджухалъул цӏолбол ахакь хӏалтӏизе рес щолин нус-нус чиясе. Гьезие лъикӏаб мухьги кьолин абуна гьес.

Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас тӏадчӏей гьабуна цӏолбохъанлъи цебетӏезабиялъул республикаялъе бугеб кӏваралда ва разилъи загьир гьабуна Дербент районалъул магӏишатазда цӏибил гӏезабулел ракьал гӏемерлъулел рукӏиналдаса.

Ахазухъ халгьабун хадуб «Геджух» ОООялъул агроцехалъул залалда тӏобитӏараб данделъиялда бицана Дагъистаналда цӏолбохъанлъи цебетӏезабиялъул мурадалда гьаризе кколел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гье-лъие квербакъулеб шартӏлъун рехсана пачалихъалъ гьабулеб кумекги, ай цӏиял ракьазда гъабу чӏезеги гьелъие хъулухъ гьабизеги гӏарац биччай. Бицана пихъалгун овощал цӏунулел хасал бакӏал разе ккеялъулги.