Сейфединил «гӏумруялъул университетал»
Нилъер умумузул гӏумру ана, гӏолеб гӏелалъе санагӏатал шартӏал гӏуцӏулаго
1931 соналъул 10 июлалда, рекьарухъабазул 14 магӏишатги данде кӏутӏун, Къуруш росулъ Карл Марксил цӏаралда колхоз гӏуцӏараб мехалда, Сейфедин Кулиев тӏамуна гьелъул председательлъун. Гьеб заманалда гьев вукӏана 23 сон барав гӏолохъанчи. Колхозалъул букӏана 872 гӏиялъажоги, 39 чуги, ичӏго гӏакаги. 1932 соналъул ихдал колхозалъ пачалихъалъе бичана 9,6 тонна квасулги, 30 тонна хӏанилги.
Сейфедин Кулиевасул умумул рукӏана гӏи-боцӏухъаби. Къурушалда букӏинчӏо бекьизе санагӏатаб ракь, гьединлъидал букӏунароан хъизан кваназабизе гӏураб чедги. Хасалихъе боцӏуда цадахъ росуцоял гочунаан Ширваналде. Чӏахӏиязда цадахъ батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏулаан лъималги. Сейфединги хӏалтӏизе ккана Азербайжаналъул росабалъ. Гьедин, «гӏумруялъул университеталги» лъугӏизарун, тӏадвуссана гьев гӏагараб росулъе ва хӏалтӏана вацазда цадахъ магӏишаталда.
Росдал колхоз церехъабазул кьерде ккезабун хадуб, гьев витӏана Буйнакскалде – зооветеринариялъул лъагӏалил курсазда цӏализе. Гьелги лъугӏизарун тӏадвуссаравго, Кулиев тӏамуна Догъузпара районалъул зооветеринарияб магӏишаталъул нухмалъулевлъун. Кватӏичӏого гьесда божилъи гьабуна Дагъистаналъул обкомалъ – гьев тӏамуна Азербайжаналдеги Гуржиялдеги гочарулел республикаялъул колхозазул магӏишатазул рахъалъ Дагъсовнаркомалъул вакиллъун.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда Кулиевасул хӏаракаталдалъун бажарана Дагъистаналдасаги Ставрополь краялдасаги миллионгӏанасеб гӏи Азербайжаналде гочинабун.
1952 соналда цолъизабуна Къуруш росулъ букӏараб лъабго колхоз, ва гьелъул председательлъун нахъеги вищана Сейфедин. Гьесул гӏуцӏарухъанлъиялъул кӏудияб кӏвар букӏана Хасавюрт районалъул ракьалде колхоз гочинабулеб мехалдаги. Къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана 500 хъизамалъе минаби ранги цӏияб бакӏалда хурухъанлъиги, цӏолбохъанлъиги, ахихъанлъиги гӏуцӏиялъе кьучӏ лъунги. Гьединго тӏурана жамагӏаталъул социалиябгун культурияб гӏумруялъе хӏажатал шартӏал гӏуцӏиялъул масъалабиги. Цӏияб росулъ лъагӏалида жаниб бакӏарулеб букӏана цӏолбол 15 азарго тонна. Колхозалъул сурсатазухъ росулъ рана школаги, культураялъул кӏалгӏаги, больницаги, цогидал бакӏалги. Гӏолохъанал колхозчагӏи ритӏулаан цӏализе ва гьел хьезарулаан колхозалъул мулкалдасан. Цӏияб ракьалдеги рахъун магӏишат гӏуцӏаралъухъ ва гьенир ккарал лъикӏал хӏасилазухъ 1960 соналда Сейфедин Кулиев мустахӏикълъана РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.
Сейфедин Кулиев вукӏана Расул Хӏамзатовасул лъикӏав гьудулги. Чанцӏулго щвана машгьурав шагӏир Къурушалдеги. «Европаялдаго бищунго борхатаблъун рикӏкӏунеб Къуруш росулъе бокьараб пачалихъалдаса гьобол вачине нечеларо дун. Дица гьесда бихьизабилаан нилъер халкъазул гьудуллъи-вацлъи, нилъер мугӏрузул берцинлъи ва гьайбатал гӏадамазул кӏвахӏ гьечӏолъигун магӏишат бачине бугеб бажари. Дунялалъул ралъадал къотӏун лъедолел руго «Цӏадаса Хӏамзат» ва «Стӏал-Сулейман» абун цӏар лъурал гуми. Ралъдалъ дандчӏвараб мехалда, гьез цоцазе салам кьола. Гьеле гьеб буго, гьудулзаби, нилъер хӏакъикъат», — ан бицана Расулица 1982 соналда Хасавюрт районалъул Къуруш росулъ тӏобитӏараб «Захӏматалъулги поэзиялъулги байрамалда». Гьел соназда Къурушалда букӏана цӏолбол ахазул 1450 гектар, хасалихъе тӏорщел бекьулеб 800 гектар, овощал рекьулаан 50 гектаралда.
Сейфединил хӏаракат тӏадегӏанаб даражаялда борцана улкаялъ – гьесие кьуна «Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи» абураб цӏар.
Исана 110 сон тӏубана Сейфедин Кулиев гьавуралдаса. Къуруш росулъ тӏобитӏана кӏудияб тадбирги. Гьениб бицана машгьурав ракьцоясул бахӏарчияб захӏматалъул хӏакъалъулъги, ракӏалдещвезаруна гьес ракьалда тарал лъикӏал лъалкӏалги.
Кавсарат Сулейманова