Туристазе некӏсияб Дербенталъул бицунев вукӏарав цо гӏолохъанчи-гид хъулухъалдаса нахъе вахъана сон-церекъад.

«Я не понимаю, что делает Дагестан в моём Дербенте?» — абун вугоан гьев цо видеоялда. Чанабилебали гӏасруялда баят абураб къавм Дербенталде гочун бачӏиндал, я Дагъистан, я Азербайжан букӏинчӏила. Гьев чи дагъистаниял рикь-рикьизаризе хӏалал рихьулев провокатор яги щвалде щун тарих лъаларев чи вугин жаваб кьуна гидасе тарихчагӏаз.

Гьелда бан ракӏалде бачӏана цо бицен.

Гьанжего-гьанже цӏали-къали гьабизе лъараб мех букӏана дида жулил хӏакъалъулъ бицен рагӏараб заман. Нужер щивасдаги лъалеб батиларищха гьеб – беке гьаб абун, инсуца васасухъе кьураб жул, цо-цо хьоп ккун гурони, цадахъго гьесда бекизе кӏвечӏолъиялъул хӏакъалъулъ.

Чан гӏасруялъ цебехун ургъараб бицен гьебали лъаларо, амма мацӏалъул, маданияталъул ва рукӏа-рахъиналъул рахъалъ кигӏан нилъ батӏи-батӏиял ругониги, жакъа къоялъги цӏунун хутӏун буго нилъелъ (Дагъистаналъул халкъазулъ) цолъи, къо ккаралъур цоцазе хӏалае рахъин. Гуребани, цогидал халкъал, империял киннигин, лъугӏун, тӏагӏун инаан дангъура цӏурал гӏанасел нилъер миллатал. Гьедин цохӏо Европаялдацин тӏагӏун буго чанго азарго батӏияб миллат – иллирийцал, васконал, дакал, фракийцал…

Гьезулго гӏадаб ахир ккезе бегьулаан 281 соналъ цебе нилъер республикаялъул халкъазулги

Аллагьасул талихӏалъ, «гьидгимо къаралал, къелгимо тӏекьал, багулал, чӏамалал, кӏкӏаралал, тӏиндал, анкьракьал, хьиндалал, тӏолго нахъбакӏал, Хунзахъ Дайтилал» ва жеги рикӏкӏен гӏемерал боял тӏаде щун, «Цӏоралъул курада керен цузегӏан», «агъалдасан чакма бидул цӏезегӏан» магӏарулаца Надир-шагь хъамун вукӏинчӏевани.

Халкъияб кочӏолъ магӏарулацаян хъваниги, тарихчагӏаз абула бащдаб дунял кверде босарав Ираналъул шагьасда данде рагъанин гьанжесеб Дагъистаналда гӏумру гьабулел киналго халкъазул боял абун.

Бицуна, Гӏандаллъиялда бергьенлъи босараб рагъул хабар рагӏидал, Истамбулалда фейерверкал риччанила, Санкт-Петербургалда Европаялъул пачалихъазул дипломатазда баркулеб букӏанилан.

Гьеле гьелъул хӏурматалда 15 сентябралда нилъер Дагъистаналъ дир ватӏаналда кӏодо гьабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо.

Амма гьеб байрам кӏодо гьабиялъе кьучӏлъун Надир-шагь щущахъ виххизави кканиги, гъункигун щулалъиялъул мисалал нилъер ракьцояз рихьизаруна нус-нус соназ цебеги, имам Шамилил бодулъги, 1999 соналда Дагъистаналде халкъазда гьоркьосел хъачагъал рачӏиндалги.