Хӏукуматалъул нухмалъулес бараб зигараялда хъвалеб буго:

«ДРялъул хӏукуматалъул ва дирго рахъалдасан зигара балеб буго Гӏумархӏажиев Мухӏамад Узарханович къадаралде щвеялда бан, гьесул гӏага-божаразда.

Гьев вукӏана кутакалда лъикӏав инсан. Гьесул аслияб мурадги букӏана нилъер республика, тӏолабго Россия цебетӏей, ракьалда рекъел ва парахалъи цӏуни. Гьеб мурадалъе гӏоло къеркьолевги вукӏана гӏумруялъго.

Лъикӏав инсан гуревги Мухӏамад вукӏана жиндирго иш лъалев нухмалъулевлъунги ва районалъе бетӏерлъи гьабулеб заманалда гӏемераб хӏалтӏи гьабуна Болъихъ районги районалъул жамагӏаталъул гӏумру-яшавги цебетӏезабиялъе.

Мухӏамад Узарханович вукӏана кьураб рагӏуе хилиплъуларев, тӏаде босараб иш ракӏбацӏцӏадго тӏубалев, унго-унгояв профессионал. Гьес киданиги абулароан гьаб пуланаб иш дихъа бажаруларин. Абулаан бажаризабизе бугин. Гьев вукӏана кутакалда тавакалав инсан.

Аллагьас алжаналъул агьлулъун гьавун ватаяв Мухӏамадги гьесул ишалги нилъеда киданиги кӏочене гьечӏо», — ян.