Бокьула дирго гӏелцоялгун, гӏолилалгун гара-чӏваризе, гьезул пикрабиги сверухъ бугеб дунялалдехун бугеб бербалагьиги дандекквезе.
Цадахъ хӏалтӏулей Патӏимат Гьитӏиновалъ бицана, цо къоялъ нилъехъе, Египеталда гӏумру гьабун вугев, бащдав магӏарулав, кутакалда Дагъистанги магӏаруллъиги хирияв гӏолилав вачӏине вугин. Гьелъ гьедин бицаралдаса нахъе кӏудияб гъира букӏана гьевгун дандчӏвазе, бицунелъухъ гӏенеккизе, гьесие суалал кьезе.
Ва гьале — итни къоялъ рачӏана Махӏмуд Хӏосаммудинги гьесул эбел Мариямги.
П. Гьитӏиновалъ цебеккун хъванги букӏана Мариямил гӏажаибаб къисматалъул хӏакъалъулъ. Лъаратӏа районалда гьаюрай ва гӏурай Мариям, цӏализе Египеталде арай гӏадан, гьенийго хутӏана. Къисматалъ гьелъие сайгъат гьарурал хазинабазул цоявлъун кколев Махӏмудги вачун ячӏана гьей редакциялдеги.
«Махӏмудие цӏакъ бокьула Дагъистан. Щуго сонгӏаги букӏана гьев гьаниве щвечӏелдаса. Чӏезе кӏоларого, яхӏ хун вукӏана, Дагъистаналъухъ урхъун. Санайил киналго цадахъ рачине ресги санагӏатги кколаро. Исанаги Дагъистаналде ине щвечӏони, цӏали гьабизе къуватги сабруги гӏезе гьечӏин жиндирин абуна Махӏмудица», — ян бицана Мариямица.
Махӏмудихъа эркенго гаргадизе бажарулеб бугоан ингилис ва гӏараб мацӏазда, мадар гьабулеб букӏана гӏурус ва магӏарул (эбелалъул росулъ бицунеб къагӏидаялъ) мацӏ бицинеги.
— Махӏмуд, сундехун дур цӏайи бугеб? Кинаб хӏалтӏи-пиша рекӏее гӏолеб?
— Гьитӏинаб къоялдаса нахъе анищ буго пилотлъун вахъине. Бокьун букӏана байбихьудасаго гьениве лъугьине, амма инсуца абуна цин инженериялъе лъикӏаб кьучӏ лъейин. Хадуб гьелъиеги цӏализе хьул буго.
Рекӏее гӏола инженерияги. Гьабсагӏаталда дун цӏалулев вуго Египеталда бугеб Британиялъул университеталъул филиалалда компьютернияб инженериялъул факультеталда. Дун вахъана кӏиабилеб курсалде, тӏоцебесеб курс лъикӏал къиматазда лъугӏизабуна. Гьединлъидал, исанасеб цӏалул сон щуго проценталъ учузгоги гьабуна гьез дие.
Бокьун букӏана Москваялда ялъуни Санкт-Петербургалда цӏализе. Амма инсуца абуна гьанивго чӏани лъикӏ букӏинилан.
— Гӏолилазе церетӏеялъе чӏезарурал шартӏал мун разиял ругищ?
— Египеталдаги ресал гӏезегӏан руго, амма гьанир ругел шартӏал гӏемерго лъикӏал ругин ккола.
— Гьанир ва нужер дора ругел гӏолилазда гьоркьоб дуда бихьулеб батӏалъиго бугищ?
— Дагъистаналда, Москваялда, Белоруссиялда руго дир гӏезегӏан гьудулзаби. Гьанир ругезе цӏикӏкӏун спорт бокьула, добайин абуни гьелдехун руссунел гӏемер рукӏунаро. Цӏалуде гъира, церехун ине шавкъ бугел гӏолилал гьанирги гӏемер халлъулел руго. Щайин абуни, цӏали лъугӏун хадуб, гьаниб киб букӏаниги хӏалтӏи щола, гӏолохъабаз щиб гьабунги, жидеего чӏаголъи гьабула. Доба гьеб рахъалъ захӏматго букӏуна. Цӏали лъугӏун хадуб, хӏалтӏи щунгутӏиялъ, гӏолилал дора-гьанир тира-сверулел рукӏуна. Лъаялдегун цӏалуде гъира бугел гӏолилал дораги гӏемер руго. Амма гӏемеразул рес гьечӏо сунде ругониги руссине.
— Рухӏияб культура киназул цебетӏураб бугин толеб дуца?
— Дагъистаналда, доба бугелдаса, цоцазде бугеб адаб-хӏурмат цӏикӏкӏараб буго. Культураги гьаниб цебетӏураб бугин ккола.
— Спорталъул кинал тайпабазул дуе интерес букӏунеб?
— Анцӏго соналъ хьвадана дунги дир вацги лъим ххай лъазабиялъул секциялде. Гӏахьаллъана гӏезегӏан къецаздаги. Каиралъул, Александриялъул чемпионатазда призалъулал бакӏалги росана. Египеталъулазе цӏакъ бокьула футбол. Амма церетӏуразул тайпабазул цояллъун ккола лъим ххай, гандбол, сквош.
— Культураялъул кинал тайпабаздехун цӏайи букӏунеб Египеталъул гӏолилазул?
— Культураялъул рахъалъ дора гӏадамал церетӏурал руго. Гьезие цӏакъ бокьула кечӏ ахӏизе, гӏемер хьвадула театразде. Университеталда рукӏунел культуриял кружоказдаги гӏахьаллъула гӏолилал. Диегоги бокьула театр. Гьитӏинаб мехалъ, магӏарухъе щвезе арав дун, цо нухалъ Авар театралъул спектаклялдеги ун вукӏана. Гьебги дие цӏакъ рекӏее гӏуна.
— Динияб рахъалдехун цӏакъго кӏвар кьолеб батила Египеталда?
— Кьола. Букӏине кколеб хӏалалъ динги гьабун, битӏараб нухдасан унел гӏемер руго. Амма камуларо, гъваридго кинабгоги бичӏчӏичӏого, жидерабго билълъинабулелги.
— Туристазул ретӏа-къаялдехунги хьвада-чӏвадиялдехунги кинаб бербалагьи букӏунеб?
— Курортал гӏемерал ва туризм цебетӏурал Египеталъул цо-цо шагьаразда бокьараб хӏалалъ ретӏа-къан рукӏуна. Жибго Каиралда гьелъул рахъалъ кьвара-гъари букӏуна. Керен-бетӏер цебелъураб ретӏа-къай доба данде кколаро. Гьенир гӏемерал насраниял руго, амма гьезулги гӏорхъолъа араб хьвада-чӏвади букӏунаро. Гьедин ретӏа-къарав чи вихьани, бадибчӏвайги гьабула гӏадамаз.
Амма, дир пикруялда, инсанас гьабулеб зарал гьечӏелдаса нахъе, гьесда хӏал гьабун, ретӏакъазеги рукӏа-рахъинеги малъизе кколаро. Вукӏа-вахъиналъул жаваб щивав чияс жинцаго кьола. Нилъехъе гьоболлъухъ рачӏарал чагӏазе гьумер бухӏараб бадибчӏвай гьабуни, гьел рикӏкӏалъизе руго. Цӏакъго гьукъараб иш гьабулеб бугони, берцинго бичӏчӏчӏизаби — гьеб батӏияб иш буго.
Инсуца нижги гӏодор чӏезарун бицуна нижеда бегьулелъулги бегьуларелъулги. Гьеб киналъулго хӏисабги гьабун, бокьараб нух тӏаса бищизе рес кьола.
Дин буго нилъедаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб жо. Цогидаб гьенибе гьоркьобе бачине бегьуларо.
— Дур гӏелцоял-египеталъулазда Дагъистаналъул хӏакъалъулъ лъалищ?
— Гӏемерал машгьурал гӏадамазул Ватӏан хӏисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчӏван вукӏана Шамилил гӏумрудул тарих лъикӏ лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин. — Гӏемерал машгьурал гӏадамазул Ватӏан хӏисабалда гьенир ругездаги лъала Дагъистан. Дицагоги бицуна гьезие. Руго чанги Дагъистаналъухъ рокьи ккаралги, нилъер тарихалъул интерес бугелги. Масала, дида дандчӏван вукӏана Шамилил гӏумрудул тарих лъикӏ лъалев чи. Гьес бицана жинца гьитӏинаб къоялдаса нахъе лъазабулеб бугин гьебин.
Гьанжесел гӏолилазда Дагъистан лъала Хӏабиб Нурмухӏамадовасул Ватӏан хӏисабалда. Руго блогер Хасбик лъалелги. Расул Хӏамзатовги лъаларищха. Гьениб гьесие бараб бюстги буго.
— Щай мун ракӏалъ гьаб хӏалалъ Дагъистаналде цӏалев? Щиб дуе гьаниб рекӏее гӏолеб?
— Египеталде дандеккун, гьаниб рацӏцӏа-ракъалъиги, сундулъго низамги буго. Масала, дора цӏакъго кӏудиял, аслиял нухазда гурони, светофорал рукӏунаро. Гьанир гали бахъа-бахъаралъур гьел рукӏин рекӏее гӏола. Гьебги инсанасул адаб гьабилъун рикӏкӏуна.
Гьанир ругел гӏадамазул рукӏа-рахъинги хьвада-чӏвадиги буго батӏияб.
Шагьаралдаса цӏикӏкӏун магӏарухъ кӏодоэбелалъул доба бокьула. Магӏарухъе щведал, рекӏелъе батӏияб эркенлъи рещтӏуна, бокьула сверухъ бугеб тӏабигӏаталдехун пикрабиги машгъуллъизарун вукӏине. Лъикӏаб хӏухьбахъи ккола гьаниб. Масала, дие цӏакъ бокьула цӏад. Доба къанагӏат гурого баларелъул.
Дида берцин бихьула магӏарул кьурдиги кечӏ-бакъанги. Квентӏехги цӏакъго бокьиларищха. Добаги эбелалъ нижее зама-заманалдасан гьарула магӏарул квенал.
Дагъистаналъул цӏар бахъидал, ракӏалде рачӏуна мугӏрулгун гӏоралги, буртина ретӏарав, бухари лъурав магӏарулавги.
— Хадубккун Дагъистаналда гӏумру гьабун чӏезе къасд бугищ дур?
— Цӏакъ бокьилаан. Гьанив, сверухъе балагьараб мехалъ, гьабги гьабилаан, гьабцоябги гьабилаанин абурал гӏемерал пикраби рачӏуна ботӏролъе. Масала, гьанир разе бегьула кӏудиял дармилал кӏалгӏаби. Гӏадамазе руссине бакӏги букӏина, гӏолохъабазе хӏалтӏиги щвела. Рачӏарал туристазеги щвалде щварал шартӏал рихьулел гьечӏо. Масала, лъикӏал, киналго шартӏал чӏезарурал отелал. Гьединго, бегьулаан канаталъул нухал гьаризе. Дун гьеб киналдаго тӏад ургъулев вуго, пикрабиги анищалги гӏемер руго.
Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад Манаповас.