Тӏолабго Россиялъул халкъазда лъала дагъистаниял гьалбадерил къимат гьабулел чагӏи рукӏин. Амма, гьацӏулъ хӏеги хӏанилъ расги камуларин абулелъул, камулел гьечӏо гьединаб лъикӏаб гӏадат хвезабулелги.
Вацапалдасан бихьараб цо видеоялъ цӏакъ квешаб асар гьабуна диеги аскӏор рукӏаразеги. Гьениб бихьана цӏакъго рагьараб ратӏлилъ кванил нигӏматалда хадуй тукаде ячӏарай гӏолохъанай туристкаялде, толохӏочго къватӏие яхъине нечоларищ мун, хъурумсахъанинги абун, хъубал рагӏабаздалъун семулев нилъерав. Гьеб ахӏи-хӏуралда гӏей гьабун чӏечӏого, гьес гьобол тукадаса къватӏиеги ячахъана.
Гьединал, умумулъанго нилъее щвараб гьоболасул адаб гьабиялъул берцинаб гӏадатги хвезабун, хьвада-чӏвадиялъе гьаниб чӏезабураб низам кьваризабизеян лъугьарал чагӏазда ракӏалде щвезабизе бокьун буго умумузул букӏараб ва ясбер гӏадин жакъаги нилъеца цӏунун бугеб гьоболлъиялъул гьайбатаб гӏадат.
Дагъистанияз цӏунун буго «гьоболасул напс кӏодо гьаби». Киса вукӏаниги, щив чи вугониги, гьоболасул диналъухъ балагьичӏого, миллат цӏехечӏого, тӏоцебесеб иргаялда, нилъее гьобол ккола Гьобол. Цебе заманалдаса нахъего гӏадамаз абула гьобол къабул гьави – хважаинасе кӏудияб яхӏ-намусалъулаб иш бугилан. Гьобол къабул гьавизе нилъ хӏадургоги рукӏуна кидаго. Цо-цо росабазул жамагӏатазул букӏана берцинаб гӏадат: хъизам кваназе гӏодоб чӏарабго, гьобол вачӏани букӏинеян, кванил цо бутӏа нахъе цӏунун толеб.
Батӏияб росулъе щведал, сапаралда вугев годекӏаниве вачӏунаан, гьениса цевеккарас, гьобол хӏисабалда, жиндихъего вачунаан. Цо чанго нухалъ росулъ гьоболлъи барав рикӏкӏунаан тӏохол гьоболлъун.
Сардил кватӏараб гӏужалъ вачӏарав гьоболасул ихтияр букӏана цебеккараб рукъалъул нуцӏида кӏутӏизе. Абула «Гьобол – Аллагьасул вакил. Гьобол вокьуларесул бокьобе гӏазу багиян». Кициги гьечӏищха, «Гьобол вачӏунареб къо бачӏунгегиян» абураб.
Ракъарал соназда цо-цо жамагӏатазул гӏадат букӏана, ирга бан, гьалбал къабул гьарулеб, гьидерица гьелда «гьобол богъи» абулаан. Бегавуласул вакилас «гьав нужер гьобол ккола» абун вачӏарав чи щвезавулаан ирга щварав чиясул рокъове. Гьоболасдаса инкар гьабурав чиясухъа гӏакӏаги бахъулаан.
Цӏунтӏа цо росдал басрияб минаялъул ганчӏил къоноялда тӏад хъван буго: «Рецц бокьун, цӏар къваригӏун бараб гуро гьаб мина, къиматал гьалбал къабул гьаризе, свакарал нухлулазе тӏубараб хӏалхьи букӏиналъе бараб буго. Гьалбал ккола гьаб ригьалъул бетӏергьаби. Минаялъул бетӏергьан, цӏуне гьалбал ва хъулухъ гьабе гьезие лъабго къоялъ, гьел гьаб минаялъул хважаинзабилъун лъугьинегӏан. Биччанте дур минаялда аскӏосан гьобол инчӏого вукӏине», — ян.
Кумек гьарун вачӏарав бидул тушманасда хадурцин цӏунулаан гьоболасул ихтиярал.
Магӏарулазул гӏадат букӏана, гьобол сундениги хӏажалъиялда тезе бегьуларин абураб. Масала, гьидерил щибаб рокъоб цӏунун букӏунаан «гьоболасул кӏач (тӏимугъ)», гьеб ретӏине кьолаан хасало вачӏарав гьоболасухъе. Гьидалъ гӏадат букӏинчӏо, лъабго къо бан хадуб гурони, гьоболасда цӏар ва гьесул мурад цӏехолеб. Хадуб гьесулгун хабар букӏунаан хъизамалъул чиясулгун гӏадаб. Гьобол къварид гьави, гьесда хъачӏаб рагӏи аби рикӏкӏунаан хважаин хӏакъир гьавилъун, гьединав жагьилав чиясдаса гьес къисас босизе кколаан. Хважаинас гуребги, кумекалъе гьоболасда кверчӏвалаан ва гьесул рахъкколаан тӏолабго жамагӏаталъ. Батӏияб миллаталъул гьоболасда аскӏор кӏалъалаан гьесда бичӏчӏулеб мацӏалда.
Магӏарул росабалъ гӏадат букӏинчӏо гьоболасдаса лъудби ва ясал рахчулеб. Гьоболасул гӏумруялъе кинабгӏаги хӏинкъи бугони, хважаинасда тӏадаб букӏана лъалиниса ханжар къватӏибе цӏазе.
Магӏарулас гьобол киданиги виччалароан чӏорогоял хулжалгун. Гьезда жаниб лъолаан чед, гьан, хӏан ва, гьитӏинаб бугониги, сайгъат. Гӏадаталда рекъон, гьесие нух битӏулаан росу рагӏалдасан, гьениве щвезегӏан хважаин унаан гьоболасда цеве-цеве, хадуб гьесул чуги цӏан. Гьелъул магӏнаги кколаан гьобол жиндир къайимлъиялда вугин абураб.
Росулъ гьобол нагагь хвани, гӏадат букӏана, хъвезе оцги бачун, садакъа-вакъпуялъе къваригӏунебги баччун, жаназаги босун, гьеб росдал жамагӏаталъул бихьинал гьесул росулъе зигара базе унеб.
«Рикӏкӏадал улкаби гӏагар гьарураб, заман букӏанадай гьанже гӏадинаб» абун, шагӏирас абухъе, жакъасел ресаздалъун цоцаде гӏагарлъун руго шагьаралги росабиги. Цере шагьаразде ва рикӏкӏадал росабалъе сапаралъ чуязда, гьаказда унел чагӏаз нухда балаан чамалиго къо. Къаси рещтӏине кколаан гьоболасухъ. Жакъайин абуни, машинабаз гьеб нух толеб буго кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб ва сапаралъ унезе нухда ругел росабалъ гьобол къваригӏунев гьечӏо. Амма нилъеда киназдаго тӏадаб буго, тӏадехун рехсараб умумузул гьайбатаб гӏадаталъул мисалалда рекъон, гьоболасул хӏурматги, умумузуз малъулеб куцалда сапарчагӏазул адабги гьабизе.
Республикаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, Дагъистаналда туризм цебетӏезабизе кколилан. Дагъистан тӏегьазабиялъе квербакъизе бугеб гьеб лъикӏаб нигат гӏумруялде бахъинабиялъе кумек гьабизе тӏадаб буго щивав дагъистаниясда. Гьайгьай, гьеб мурадалда цӏигьабизе ва жеги гучлъизабизе ккола, Дагъистаналде рачӏунел киналго туристаз беццулеб, гьалбадерил къимат гьабиялде ахӏулеб нилъер умумузул гӏадат. Дагъистаналде туристал рачӏуна гӏарац хвезабизе, гьезул баракаталдалъун цӏикӏкӏуна гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал, къачӏала нухал ва тарихиял бакӏал, чӏаголъула даран-базар, ресалде ккола дагъистаниял… Квеш ккараб жо буго, цо-цо чагӏазда гьеб бичӏчӏуларого, рухӏияб ва гӏадатазулаб рахъалде гурони, гьез кӏвар кьоларого букӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабула батӏияб диналъул, батӏияб тарбиялъул, батӏияб ретӏа-къаялъул гӏадан нилъер жагьилчияс доб тукадаса къватӏие ячахъиялъ. Гьединал ишал гьарулел чагӏи нилъеда гьоркьор камулел гьечӏо. Исламияб рахъалъул хӏисаб гьабе, светияб къагӏида босе, лъил ихтияр бугеб, жинсияб рахъги хӏакъир гьабун, хъачӏго, гьоболлъухъ ругел туристазде семизе?! Гьел ккола нилъер ГЬАЛБАЛ…
Лъикӏ буго, жагьилчияс чӏужугӏадан хӏакъир гьаюна ва, ца таралъ мегӏер толин абухъего, социалиял гьиназдасан кисакибго гьеб «бахӏарчилъи» бихьана. Щибха гьелъул ккараб?! Щиб ккелеб, дагъистанияздехун букӏараб лъикӏаб пикруялда чорокаб цӏал кьабуна. Щиб лъалеб, гьитӏинаб хъублъиялъул къатӏраялъ тӏубараб гьацӏул хъаба хъублъизабулебго гӏадин, туристал хӏинкъизе бегьула Дагъистаналде рачӏине, дагьлъизе бегьула нилъехъе рачӏунезул къадар.
Рита абулей гӏаданалъ социалиял гьиназда хъвалеб буго: «Хӏурматиял дагъистаниял, мугӏруздаса гӏодоре лъугьа, культура босе. Гьабсагӏат гьаниб бугеб сурат цӏакъ пашманаб буго. ДИР ОТПУСК ХВЕЗАБУНА. Киналго лъалел чагӏазда дица абила киданиги гьанире унгеян, гӏадада заман чӏвагеян ва гӏарац хвезабугеян».
Вероника абулей гӏаданалъ хъвалеб буго: «Шортал ретӏунин, жа гьекъолеб бугин абун, туристазда тӏад релъун, гьезда хъубал рагӏаби абун, ниж хӏакъир гьарулел руго цо-цо дагъистанияз. Гьанире рачӏинчӏониги, туристал къваригӏарал, нижее рахӏатги парахалъиги чӏезабулеб бакӏал гӏемерал руго, гьудулгьалмагълъиги бачун, хадусел соназ гьение ина дун».
Хӏурматиял гьудулзаби, гьаб макъалаялда борхулеб бугеб масъалаялда тӏасан нужер пикру кинаб бугеб? Туристаздехун цоцо нилъер чагӏи хъвалсан ралагьиялъе нужеца кинаб къимат кьолеб?
Нури Нуриев