Хӏажимухӏамад Жамалудинов гьавуна 1949 соналда, ЧИАССРалъул Ведено районалъул Октябрьское росулъ. 1957 соналда гьезул хъизам гочана ватӏаналде.
Хӏажимухӏамадил эмен Жамалудин хӏалтӏулев вукӏана Бежтӏа росулъ. 1959 соналда, 29 сон барав Жамалудин хвана ва Бежтӏаса цогидал цӏалдохъабигун цадахъ Хӏажимухӏамад витӏана Гъуниб школа-интернаталда цӏализе. «Дида цадахъ интернаталда рукӏана Гӏабдулмажидов Султан, Иманов Ибнухӏажар, Хӏажимухӏамадов Мухӏамад, Гӏумалов Мухӏамад ва гь.ц. Гъуниса тӏолабго интернат гочинабуна Бавтугъаялде. Гьеб букӏана цоги бакӏалда гьечӏел шартӏалги гӏуцӏараб, цӏалуегун хӏухьбахъиялъе ресалги ругеб, берцинго къачӏараб интернат. Ниж цӏалулел рукӏана щуабилеб классалда. Киналго учительзаби рукӏана гӏурусал, магӏишатиял хӏалтӏухъаби – Гелбахъалдаса. Интернаталъул завуч йикӏана цееккун Бежтӏа росдал школалда хӏалтӏарай Нина (фамилия ракӏалда гьечӏо). Гьелъ хасаб хинлъигун тӏалаб гьабулаан нижер», — ан Хӏажимухӏамадица ракӏалде щвезабуна лъимерлъи.
Бавтугъаялда анлъабилеб классалда цӏалулев вукӏаго, Хӏажимухӏамадил эбел гочана гӏагараб росулъе – Азилтӏе. Гьевги, эбелалъе кумек букӏинин абун, тӏадвуссана рокъове ва цӏалана Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалда. Гьебги лъугӏизабун, щуявго классцояв цӏализе лъугьана Буйнакскиялда букӏараб Гӏурус-Дагъистаналъул педучилищеялде. Доб заманалда гьениб букӏана лъабго педагогияб училище: ГӏурусДагъистаналъул, Руччабазул ва Аваразул. Гьенирги киналго преподавателал рукӏана гӏурусал. Гьебги лъугӏизабун, Хӏажимухӏамад ана армиялде.
Армиялдаса тӏадвуссарав гьев 1971 соналда витӏана Азилтӏа росдал байбихьул школалда хӏалтӏизе. «Школалда вукӏана 15 цӏалдохъан. Дагьал комплектазул школа – цого кабинеталда рукӏунаан ункъабго классалъул цӏалдохъаби ва дицаго кьолаан гьезие киназего дарсалги. Букӏинчӏо ток – цӏалдезеги дарсазде хӏадурлъизеги кколаан чирахъул канлъухъе. Дица гӏемер хӏалтӏизарулаан карточкаби. Кӏиабилеб классалъул цӏалдохъанас ахӏулаан, жинца тӏадкъай тӏубазабунилан ва гьесухъе кьолаан хасаб тӏадкъай бугеб цебеккунго хӏадурараб карточка. Гьебго къагӏидаялда кьолаан цогидазухъеги.
Цо нухалда, дарсги лъугӏун, кабинеталъуса къватӏиве вахъунаго, нуцӏил кӏалтӏа чӏун ратана Цӏунтӏа РОНОялъул нухмалъулев Жамал Гьиматовги, райметодкабинеталъул нухмалъулев Хӏасан Сулеймановги. Гьел рукӏун руго районалъул школазда халгьабизе рачӏун. Дарсил заманалда дица щиб гьабулеб бугеб, дарсидаса къватӏиве дун кида вахъуневан абун, балагьун чӏун рукӏун руго гьел. Гьединго рачӏана цоги нухалда. Гьезда бихьана дун ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулевлъи ва, хӏалтӏул хӏасилалги рихьун, гьез дун ккезавуна районалъул школазул халгьабулеб комиссиялда гъорлъе», — ян бицана Хӏажимухӏамадица ва тӏаде жубана Хӏасанидаса щванила жиндие махщалил рахъалъ пайдаял дарсалин абун.
Райкомалдасаги райОНОялдасаги школазда хадуб букӏана гьоркьоса къотӏулареб халкквей – дарсал кьеялъулги, цӏалдохъабазул лъаялъул даражаялъулги, хӏалтӏухъабазул хьвада-чӏвадиялъулги рахъаз. Гьединал халкквеязул хӏасилалда, Хӏажимухӏамадил бажари-гьунарги бихьун, гьев тӏамуна Мокъокъ росдал микьгосонилаб школалъул завучгӏуцӏарухъанлъун. Гьеб хъулухъалда вукӏана 15 соналъ. Хадувккун хӏалтӏана Цебари росдал школалда завучлъун. Доб заманалда райкомалъ хӏисабалде росулаан нухмалъиялъул хъулухъалде тӏамизе мустахӏикъал хӏалтӏухъаби. Гьезда тӏадаб букӏана партиялъ ритӏараб бакӏалда хӏалтӏизе ине. Гьедин номенклатураялъул сияхӏалде ккана Хӏажимухӏамадги. Иргадулаб нухалда гьев витӏана Рекьоб росдал школалъул директорлъун хӏалтӏизе. «Шаури, Азилтӏа, Хъетохъ, Хӏинохъ, Цехокъ росабазул лъимал хьвадулаан Мокъокъ росдал школалде – щуго километралъул манзилалда гӏаздакьги цӏадакьги сухъмахънухдасан рачӏун. Гӏемерал лъимал цадахъго унтулаан ва больницабазде кколаан. Гьенирего хӏалтӏизе хьвадулаан Шауриса учительзабиги. Дида ракӏалде ккана Шаурибго школа рагьизе», — ян бицана Хӏ. Жамалудиновас.
Гьев ана доб заманалда лъай кьеялъул министрлъун вукӏарав Бадави Хӏажиевасухъе. Бичӏчӏизабуна бугеб ахӏвалхӏал ва гьес рагӏи кьуна кумек гьабизе. Шаури букӏана байбихьул школа. Хӏажимухӏамадица, министерствоялъул тӏалабалда рекъон, гьабуна 1-10 классазде рачине кколел лъималазул сияхӏ, ракӏарана цӏалдохъаби унтун рукӏиналъул хӏакъалъулъ справкаби, Шаури росулъ учительзаби ругеблъи тасдикъ гьабулел документал, школа рагьиялъе санагӏатаб мина букӏиналъул хӏакъалъулъ кагътал. Гьел баяналги ракӏарун, хитӏабал ритӏана Дагъистаналъул Министерзабазул советалдеги Лъай кьеялъул министерствоялдеги. Гьеб букӏана 1987 сон. Школа рагьана росдал тукен букӏараб бакӏалда. Росулъ вукӏана 7080 цӏалдохъан. Гьабизе ккана районалъул исполкомалъул хӏукму – школа рагьиялде дандечӏарав чи гьечӏин абураб. Райисполкомалъги рахъккуна Хӏажимухӏамадил хӏаракаталъул ва хӏукму гьабуна Шаури росулъ микьгосонилаб школа рагьизе.
Хӏажимухӏамадица ракӏалде щвезабуна гьадинаб хӏужаги: школалъул печать гьабулаго, гьелда тӏад микьгосонилаб школалъул бакӏалда хъван батана гьоркьохъеб школаян абун. Школалъул отчетал кьезе райОНОялде щведал гурони лъачӏо печаталда гъалатӏ биччан бугеблъи. Гьебго соналда Шаури росдал школалда микьго класс лъугӏизабурал лъимал гьенирго тана ичӏабилеб классалдаги цӏализе. Январалдаса нахъе микьгосонилалъул бакӏалда рагьана гьоркьохъеб школа – ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул ва райисполкомалъул председательлъун вукӏарав Иляс Увайсовасул квербакъиялдалъун.
Цӏи рагьараб школалъе къайиги цӏалул тӏахьалги ралагьизе Хӏажимухӏамадие кумек гьабуна Салтанат Мирзабековалъ – Бавтугъаялъул интернаталда гьесие биологиялъул дарсал кьурай учительница гьанже йикӏана Махӏачхъала шагьаралъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулейлъун. Гьелъ тахшагьаралъул директорзабазда лъазабуна, Цӏунтӏаса директорасе бажарараб кумек гьабеян абун.
Хӏ. Жамалудиновас 41 соналъ кьолеб буго Цӏунтӏа районалъул цӏалдохъабазе лъайги тарбияги. Районалъул гӏемерисел школазда хӏалтӏулел руго гьесул рукӏарал цӏалдохъаби. Гьабсагӏаталда Хӏажимухӏамад хӏалтӏулев вуго географиялъул учительлъун ва Шаури росдал гьоркьохъеб школалъул завучлъунги. Гьесги хъизаналъги цадахъ гӏумру гьабулеб буго 47 соналъ. Кӏиявго учителас гӏезабуна ва лъикӏаб лъайгун тарбия кьуна щуго лъимадуе. Гьезул гӏемерисез тӏаса бищана медицина. Кӏудияв вас хӏалтӏулев вуго Майкопалда, рагъулаб госпиталалъул начальниклъун. Кӏиго яс хӏалтӏулей йиго медсестралъун. Цоги вас цӏалулев вуго рагъулаб медицинаялъул академиялда. Гьесул лъималазул руго щуго васги 14 ясги.
Кавсарат Сулейманова