ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щвана Рфялъул Миллияб гвардиялъул Балашиха шагьаралда бугеб госпиталалде. Сапаралъул мурад букӏана госпиталалда ругел дагъистаниязде – Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гӏахьалчагӏазде ваккизе щвей.
ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасул рахъалдаса лъукъарал аскариязе баркала кьуна Гӏ. Гӏабдулмуслимовас, гьарана гьезие щулияб сахлъи ва абуна, нагагь киналгӏаги квалквал-квекӏенал кколел ругони, кумек гьабизе хӏадураб буго республикаялъул нухмалъиян абун. «Нужеца гьабураб ва фронталда ругез жакъаги гьабулеб бугеб иш щивав чиясухъа гуро бажарулеб. Инсан вижудасаго хӏадурлъуларо бахӏарчилъиялде, рагъухъанлъун вукӏин – гьеб бессун букӏуна бихьинчиясул чорхолъ. Гьелъие къваригӏуна хасаб яхӏ, къвакӏи. Дица бетӏер къулула нужеда цебе ва ургъел гьабула нужер сахлъиялъул, щайгурелъул нуж руго нижер вацал. Нижее кӏудияб пашманлъилъун буго нужгун рукӏарал аскариязул цо-цоял гӏумруялдаса ратӏалъи.
Нужер щивасда нахъа буго хъизам, тухум, кьибил, гӏагараб росу, Дагъистан. Бокьун буго нужеда абизе: ниж кидаго нужеда хьолбохъ руго. Нижеда цебечӏараб аслияб масъала буго сундулъго нужее квербакъи, хӏажаталъур хӏалае рахъине къачӏан рукӏин», — ан бицана хӏукуматалъул председателас.
Гьев дандчӏвана госпиталалъул нухмалъулелгун. Гьес тохтурзабазеги госпиталалъул тӏолго хӏалтӏухъабазеги баркалаги кьуна – нилъер рагъухъабазул тӏалаб гьабиялъухъ.