Гурхӏел гьечӏеб рагъда, Гъуниб магӏарда,
Тушбабаца имам сверун ккун вуго.
Сверун аза-азар чабхъадулалгун,
Черх ругъназул цӏурав цо имам вуго.
Гьединаб букӏана имам Шамилил тарихияб къеркьеялъул ахир. 25 соналъ гъазаваталъе бахъараб хвалчен гьес лъалиниб лъуна Тӏасагъуниб. Гьелдалъун лъугӏана Кавказалъул рагъул кӏудияб тарих. Амма лъугӏичӏо къадруяв имамасул бицен. Гьесул рухӏияб ирс, бахӏарчилъиялъул ва чилъиялъул мисал. Абухъего, «Къотӏун гьечӏо жегиги кьурабалъ дандерижи, кьварарал муридзабаз Ла-илагьан ахӏулеб».
Гьел пикрабаз цӏидасан кверде восана дун араб гьатӏан къоялъ Гъуниб районалъул Къорода-кьотӏа аскӏоб бугеб «Каскад» абураб лъималазул лагералде щведал. 10 сентябралда гьениб букӏана кӏудияб спортивияб тадбир. Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумахановасул шапакъатазе гӏоло чанго батӏияб спортивияб тайпаялда къецал тӏоритӏана гьенир: рекери, кӏанцӏи, гӏужда чӏор речӏчӏи, квар цӏай, гиря борхи, рукь бачин, гамачӏ рехи. Имам Шамилил муридзаби гӏадин рукӏана гьеб къоялъ гӏолохъаби, доре рекерун, гьанире кӏанцӏун гьунарал рихьизарулел. Амма цин гьелде щвелалде тадбиралъул официалияб бутӏаялъул бицинин.
Тадбиралда гӏахьаллъизе вачӏун вукӏана Сайгидпашаги. Рачӏун рукӏана чанго районалъул нухмалъулелги, имам Шамилил цӏаралда бугеб фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевги. Гьездаго гьоркьов вукӏана Сагӏудиязул Гӏарабиялъул Жидда шагьаралда Россиялъул генералияв консуллъун вукӏарав Цӏумада районалдаса Багьавудин Гӏалиевги. Рачӏун рукӏана республикаялъул творческиябгун гӏелмияб интеллигенциялъул вакилзабиги.
Рачел къанго анин къоло щуго сон
Тӏоцебе кӏалъазе рагӏи кьуна Сайгидпашае. Гьес киназдаго баркана гьеб къо ва абуна:
— Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда хурхун гӏемерал тадбирал тӏоритӏулел руго исана. Гьел тӏоритӏиялъе квербакъи гьабулеб буго Шамилил цӏаралда бугеб фондалъ. Дандеруссинал жеги рукӏина, исана сонго Шамилил лъагӏеллъун лъазабун бугелъул. Амма жакъасеб тадбир тӏобитӏизе нижеца гьаб бакӏ гӏадада гуро тӏаса бищараб. Щайин абуни, киназдаго лъала имам, жиндирго муридзабигун гӏемерав хьвадана гьал нухаздаса, гьал кьурабазда бихьана гьесул кьвариги, муридзабазул къохӏехьейги. Ахирияб рагъги имамасул букӏана Тӏасагъуниб. Гьебги хӏисабалде босун, дир кумекчагӏаз тӏаса бищана гьаб лагерь бугеб бакӏалда ракӏалде щвезавизе нилъерго кӏудияв имам.
Гьаб тадбир тӏобитӏиялъул аслияб магӏнаги мурадги нилъер киназулго буго гӏун бачӏунеб гӏелалда гьединав бахӏарчияв имам вукӏаравлъи, тарихалде араб 25 соналъул къеркьейги, бидулъ къалам ччун хъвараб магӏарулазул тарихги гьезда кӏоченчӏого букӏин. Гьеб буго жакъа аслияб мурад, — ан.
Гьев кӏалъан хадуб, тадбир бачунес абуна республикаялъул жамгӏиябгун политикияб гӏумруялда жаниб тӏокӏлъи бихьизабурал цо-цо гӏадамазе, имам Шамилил фондалъул цӏаралдаса шапакъатал кьезе ругилан. Гьел щвана Гъуниб, Хунзахъ, Цӏумада ва Унсоколо районазул нухмалъулезеги, Багьавудин Гӏалиевасеги.
Гьединаб букӏана тадбиралъул официалияб бутӏаялъул байбихьи. Гьелдаса хадуб байбихьана кечӏ-бакъаналде.
Моздокалъул эрменай,
Ахбердилас хъамурай,
Гьесул хъахӏаб чуялда
Даргъоб росулъе щварай.
Шамилил гьей йихьигун,
Дагьаб би гьелегьана.
Ккун бачӏараб хӏинчӏалъул
Цӏар щибилан гьикъана
Габур, бетӏер рагьарай,
Гьалъ гьесий жаваб кьуна —
Жинда цӏар Анна бугин,
Аваразул цевехъан.
Шамилица абуна,
Гьанже мун Анна гурин,
Имамасе хирияй,
Лъади Шугӏайнат йигин.
Ахбердилав виххана,
Имамасухъ валагьун,
Гьай жиндир асиралъе
Асирлъарав имамин.
Шамилица абуна,
Ссунареб кьал гурони,
Цо рокьи бегьиларищ
Аллагь, рарал каказухъ?
Лаваша районалъул Къулецӏмаса гӏолохъанчияс цӏакъ махщалида ахӏана гьеб кечӏ дандеруссиналда.
Чачаналда гъолода гъазаватал гьарурав
Къаде какги бан, гьалбал кваназе ахӏана лагералъул столоваялде. Чӏахӏиял можрал гьарун белъараб гьанги букӏана, данде хинкӏалгун гьагӏуги букӏана. Унго-унгояб куцалъ магӏарухъ букӏунеб гӏадаб квен букӏана богогьабаз хӏадурун. Сайгидпашада аскӏов гӏодов чӏарав Кӏуядаса Мухӏамадхӏабибида берги чӏвана. Кӏутӏулаго хинкӏаздагун гьес РФялъул парламенталъул вакиласе бицунеб букӏана хабар. Сундул хӏакъалъулъ бицунеб букӏарабали лъачӏо, амма Сайгидпаша цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккун вукӏана гьесухъ.
Магӏарулал данде ракӏарараб бакӏалда, хасго Шамил имам ракӏалде щвезавулеб тадбиралда чара гьечӏого ахӏулеб кечӏ буго Кӏуядаса Мухӏамадхӏабибил «Имамзабиги тӏагӏун, Дагъистан хараблъидал» абураб, Игьалиса Чупаласул машгьураб назму. Гьеб къоялъги ахӏана гьес гьебги «Дур гьитӏинаб зани заназул рохьоб» абураб Хӏамзатил Расулица Шамилиде гьабураб кечӏги. Имамасул заманалъул тарихги, гьалдолел къоязул бухӏиги хӏасратги гӏажаибго махщалида къватӏибе кьезе кӏола гьесда. Живгоги гьев Шамилил бода гъорлъ вукӏарав муридасда релълъун вукӏана. Кутакалда хирияб буго гьесие Шамил имамасул заманалъул тарих. Бицен кканщиналъуб гьениса цо щиб букӏаниги цӏияб бицине жоги батула гьесда.
Хадуб букӏана тадбиралъул бищун аслияб бутӏа — спортивиял къецал. Ниж кванан рахъиналде, чӏорбутӏ речӏчӏиялъул, гиря рехиялъул, АРМ-спорталъул (рукь бачиналъул) къецал рагӏалде рахъун ругоан. Цо километралъул манзилалда гӏолохъаби рекеризе риччазе хӏадурлъи гьабулеб батана къватӏиб. Лагералъул азбарги бахун, шагьранухлул аххадеги ун, рачӏине кколел рукӏана гьел рекерун. Гьел рачӏунеб нухда кӏиябго рахъалъ эхетун, кинав бергьуневали бихьизе шавкъ щун гӏадамалги рукӏана. Анцӏго минуталдасан гӏадин бахъана: «Рачӏунел руго, рачӏунел руго» абураб ахӏи. Хадур рачӏунездаса лъикӏаланго манзилалъ цеве ворчӏун, тӏоцеве чӏалде вачӏана 18-19 сон барав гӏадав гӏолохъанчи. Халатккун манзилалъ векераниги, цо кӏудияб хӏал лъазе течӏого, сабургоги вугоан гьев. Амма гьесда хадур рачӏунезул лъалаго тату хун бугоан.
Гьелдаса хадуб букӏана квар цӏай. Хӏалуцарал къецал рукӏана гьенир Губденалъул, кӏуядисезул, хӏебдасезул ва Махӏачхъалаялъул командабазда гьоркьор.
Бащдаб сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун заманалъ халатрахъарал къецазда бергьана Губденалъул команда. Кӏиабилеб бакӏ щвана кӏуядисезе, лъабабилеб — хӏебдасезе.
Хадуб тӏобитӏана Шамил имамасул гӏумру лъазабиялда тӏасан викторинаги. 12 суал букӏана тадбиралъул гӏуцӏарухъабаз хӏадурун. Имамас тӏарикъаталъул гӏелму лъазабизе тӏоцебе щиб росулъ байбихьарабин абураб суал хутӏун, хутӏарал киназего жаваб кьуна. Бергьаразе щвана тарихчи Хӏажимурад Доногъоца Кавказалъул рагъул ва Шамилил заманалъул хӏакъалъулъ хъварал тӏахьал.
Спортивиял къецазда тӏокӏлъи бихьизабуразеги щвана шапакъаталги, хӏурматиял кубокалги, гӏарцулал сайгъаталги. Бакъанидехун гьава-бакъ хисана, хасалихълъиялъул квач тӏибитӏана сверухъе. Цӏад базе къачӏалеб гӏадин букӏана дунял.
Гьединаб букӏана араб гьатӏан къоялъ Къородисезул-кьотӏа аскӏоб тӏобитӏараб данделъи.
Дие гьаб макъала лъугӏизабизе бокьун буго Инхоса Гӏалихӏажияс Шамилиде хъвараб кочӏолъа росарал мухъаздалъун:
Магӏарул чияли чанги вагъарав,
Чол кьолода жаниб мусруги жемун.
Чанги бахӏарзаца рухӏал ричарал,
Чорокаб къавмалде дандеги рахъун.
Рагъул байданалде тӏадеги хьвадун,
Кӏал гьикъун босана васаца Алжан.
Кьалда бахӏарзазул хӏухьел къотӏидал,
Къана имамасул анкьабго талихӏ…
Ашахан Юсупов