Гъизляралда тӏадбан унеб буго шагьаралъул къватӏахъе хъил тӏеялъул хӏалтӏаби.

Гьаб соналъул ахиралде 37 миллион гъурщиде анкьго къватӏ хъилги тӏун къачӏазе ракӏалда бугин бицана шагьаралъул нухмалъулев Александр Шуваловас.

2019 соналдаса нахъе шагьаралда хъилги тӏун къачӏан буго 41 къватӏ. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялъ квербакъана гьел хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Шагьаралда буго 150 км нухлул ва гьезул 90 километралде тӏун буго хъилги.