Машгьурав блогер Хасбула Мухӏамадовас (Хасбик) UFC-ялъулгун къотӏи-къай гьабун буго щуго соналъул болжалалда. Амма Хасбик рингалда цеве вахъине гьечӏо. Къотӏи-къаялда рекъон, гьесда тӏадаб жо буго речӏчӏухъабазухъ балагьизе рачӏарал гӏадамазе рекӏелгъеялъе щиб-щибниги ургъи, гьел релъизаризе, махсара-хочӏ ва ихтилат-кеп гьаби.
sources.avar.me / hakikat / 2022