Гьаб анкьил байбихьи республикаялда ракӏалда чӏана Махӏачхъалаялъул школазда дарсал гьоркьор къотӏизариялдалъун. Битӏахъе зазда чӏараб хӏанчӏил гӏадаб хӏал букӏана гьал къоязда тахшагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул, хасго лъималазул эбел-инсул. Школазда теракт гьабизе гьениб кьвагьулеб жо лъун бугилан хабарги тӏибитӏун, къватӏире тӏурулел рукӏана лъималги учительзабиги.
Махӏачхъалаялда школа кьвагьизабизехъин рагӏулин абурал харбал раккана гъоркьияб анкьидаго. Байбихьул классазда цӏалулел, жеги гӏисинго ругел лъималги рачун рокъоре рачӏунел рихьулаан улбул. Гьединаб сурат букӏанин шагьаралъул цогидал школаздагиян букӏана нижехъе щварал баяназда.
Гьаб анкьил байбихьиги гьединабго букӏана. Итни къоялъ, 12 сентябралда нахъойги тӏибитӏана гьебго хабар. Гьоркьор къотӏизаруна дарсал. Лъималги учительзабиги гочинаруна къватӏире. Нахъисеб къоги — 13 сентябрьги бачӏана гьелдаго релълъараб. Палхӏасил, чанго къоялъ тӏатӏалаго, школал кьвагьизаризехъин ругилан абураб хабаралъ кверде босана Махӏачхъала. Тахшагьаралъул кинабниги 63 школалдаса къватӏире гочинарун рагӏулин лъимал ва учительзабиян букӏана итни къоялъги нижехъе щвараб баян.
Гьаб жоялъул магӏна щибин, нанотехнологиялги интернеталъул ва цогидаб техникаялъул гучги цӏикӏкӏараб XХӀ гӏасруялдагийищ гьадинаб жо букӏунеб, гьересийищ, уябищ гьаб хабарали чӏезабулареб щаян хъудизе лъугьана гӏадатияб халкъ ва гьединго лъималазул улбул. Социалиял гьиназдаги букӏана гьединаб суал кьолеб цоцае. Лъималазул эбел-инсулги рахӏат хвезабун букӏана гьелъ.
2004 соналда Северияб Осетиялъул Беслан шагьаралда гӏадинаб теракт гьабизехъин рагӏулин Махӏачхъалаялъул школаздаян букӏана цо хабар. 18 соналъ цебе гьезги агъаз гьабичӏого тун рагӏулин гьединаб хӏинкъи бугеб хабар, ахирги гьелъул ккараб пашманаб хӏасил дунялалдаго рагӏанин, гьединлъидал цӏодорлъи гьабеян гьел хӏинкъи кьун тӏиритӏизарулел харбаздаян букӏана бицунеб. Цояс букӏана бицунеб, Украинаялда бугеб хасаб рагъулаб операциялда хурхараб жоги букӏине бегьулин гьебан абун. Лъицаниги нилъее квешезе гӏоло тӏиритӏизарулел харбал ратизеги бегьулин. Кинаб бухьен гьеб кӏиялдаго гьоркьоб бугебали ниж хадур гъечӏо. Къокъ гьабун абуни, кьучӏ гьечӏел харбал гӏемер рукӏана. Хӏакъикъат кинаб бугебали баян щвезелъун нижеца бухьен гьабуна Махӏачхъалаялъул Лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулезулгун. Гьабсагӏаталда гьеб хӏужаялда сверухъ цӏех-рех гьабулеб буго къуваталъул идарабаз. Школазул нухмалъулез хӏинкъи гьечӏолъи букӏинабиялъул рахъалъ кӏварал тадбирал гьарулел ва лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда хадуб хъаравуллъи чӏезабун буго тӏадал идарабаз абун гурони, цо сахаб, хӏакъикъат рагьулеб баян гьезухъа нижее щвечӏо.
Кинабго жидерго хъаравуллъиялде гъоркье босун бугин республикаялъул МВДялъул ва ФСБялъул хӏалтӏухъабазин абураб жаваб щвана Махӏачхъалаялъул администрациялъул жамгӏияталъул хӏинкъи гьечӏолъиялъул суалазул рахъалъ управлениялъухъа.
Республикаялъул жанисел ишазул идараялъул пресс-хъулухъалъухъа нижее щибниги жаваб щвечӏо.
14 сентябралда Махӏачхъалаялъул школазухъа лъимал къватӏире гочинаричӏо. Дарсалги гьоркьор къотӏичӏо.
13 сентябралда социалиял гьиназде рехун бачӏана, школазда кьвагьулеб жо лъун бугилан хабар биччарав гӏолилав кквезе щванилан абураб хабар. Гьев ватана Махӏачхъалаялдаса 15 сон барав гӏолилав. Живго цӏалулеб школалда, жанахӏалъуб бугеб столалда гъоркь лъун бугин гьеб кьвагьулеб алатиланги абун, кагъат битӏун буго гьес электроннияб почалдасан. Лъикӏаб хъизамалда гӏурав, гӏакълу-лъаялъул рахъалъги щибниги мукъсанлъи батичӏо гьесул. Щиб мурадгун гьес гьединаб къваригӏел гьечӏеб иш гьабурабали бичӏчӏизе кӏвечӏо. ФСбялъул хӏалтӏухъабаз ккун хадув гьеб жиндир махсара букӏанилан мукӏурлъун вуго гьев. Амма махсараялъ уголовнияб кодексалда бихьизабураб статья нахъчӏваларо. Гьесда тӏад уголовнияб дело рагьизе материал хӏадурулеб буго цӏех-рехалъул идарабаз.
Ашахан Юсупов