Республикаялъул халкъазе кӏвар бугел хӏукмаби гьаруна тӏолалго дагъистаниязул вакилзаби гӏахьаллъарал съездазда. Гьединал съездал тӏоритӏана 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шураялда, 1992 ва 2010 соназда Махӏачхъалаялда. Дагъистаналъул халкъазул лъабабилеб съездалда кӏалъалаго, Дагъистаналъул президентлъун вукӏарав Мухӏамадсалам Мухӏамадовас абуна: «Дида битӏараблъун бихьула «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб республикаялъулаб байрам тасдикъ гьаби. Гьелъ квербакъизе ккола нилъер мугӏрузулаб улкаялъул бищун лъикӏал гӏадатал цӏуниялъе», — ян.

Президентасул пикру хӏисабалде босана Дагъистаналъул халкъазул съездалъул резолюциялда. «Съездалъ абулеб буго «Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо» абураб дагъистаниязего гӏаммаб байрам тасдикъ гьабизе кколин абун. Нилъер тарихалда руго гӏемерал лъугьа-бахъинал – гьезулъ бессун буго дагъистаниязул гӏаммаб хасиятги тӏолго халкъаздаса чӏухӏиги. Нилъер руго цогоял муруватиял къиматал хасиятал, гӏаммаб тарих ва букӏинесеб къисмат. Цолъиялъулъ буго Дагъистаналъул халкъазул гучги къуватги. Гьеб рикӏкӏине ккола нилъер халкъазул хазиналъун ва гьелдехун букӏине ккола хасаб бербалагьиги», — ян хъван буго резолюциялда.

Гьелъул кьучӏалда, 2011 соналдаса нахъе 15 сентябралда республикаялда кӏодо гьабула Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо. Байрамлъун 15 сентябрь тӏаса бищиялъе босана дагъистаниязул тарихалда кӏудияб лъалкӏ тараб лъугьа-бахъин: 1741 соналъул 15 сентябралда Хицӏиб майданалда Надир-шагьасул аскар щущахъ биххизаби.

Байрам кӏодо гьабизе байбихьаралдаса ана анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун сон. Гӏадатлъун лъугьана гьеб къоялъ батӏи-батӏиял миллиял майданал тӏоритӏи ва гьениб дагъистаниязул бечедаб маданият цебелъей. Гӏуцӏула спорталъул къецал, ярмаркаби, школазда тӏоритӏула рагьарал дарсал, музеяздагун библиотекабазда – миллатазул чӏухӏилъун кколел лъугьа-бахъиназулги гӏадамазулги суратазул выставкаби, шагьаразулги росабазулги аслиял майданазда ва клубазда – концертал ва культураялъул хӏаракатчагӏазул церерахъинал.

Халкъазул цолъи кӏодо гьабулеб байрамкъоялъул хӏакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна нижее дагъистанияз.

Мухӏамадхан Мухӏамадханов, ДФИЦалъул ИИАЭялъул этнографиялъул отделалъул нухмалъулев, тарихиял гӏелмабазул доктор: «Щаклъи гьечӏого абизе бегьула, 2011 соналъул анлъабилеб июлалда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо тасдикъ гьабиялъул Указалда гъоркь гъулбасулаго, Мухӏамадсалам Мухӏамадовасда гӏемерал лъугьа-бахъинал церечӏун ратилилан.

Нилъеда лъала, 1990-2000 соназда дагьал рукӏинчӏо Дагъистаналъул миллатазул цолъи чучлъизабиялъул мурадалда къеркьолезул къапилаби. Рукӏана гьезда гьоркьор машгьурав Имамасул цӏар лъуралги, Бабаюрт-Хасавюрт мухъалда окопал рухъун яргъилаб оборона ккуралги; жидерго напсги хъулухъги хиралъиялъ гьалаг гьарурал ва 1998 соналъул 21 маялда Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда Пачалихъияб Советалъул мина ккун талавур гьабуралги, лъугӏелго гьечӏел чӏвадарухъабиги, террористалги… Аллагьас рикӏкӏад гьареги нилъ гьединаздаса!

Тарих бечедаб улка буго нилъер Дагъистан. Гьеб тарихалда дагъистаниязул Ватӏан цӏуниялъе гӏоло цолъи загьир гьабулел, рехсезе мустахӏикъал, чӏухӏи тӏадегӏан гьабулел мисалал ва хӏужаби гӏемерал руго. Хасго 1741 соналъул сентябрь моцӏалда Надир-шагь щущахъ виххизави.

Бихьухъего, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо хӏисабалда 15 сентябрь байрамлъун лъазаби – гьелъулги цо магӏна буго».

Пайзула Пайзулаев, тарихчи: «Дир пикруялда, 15 сентябралда Дагъистаналъул халкъал цолъиялъул къо кӏодо гьабиялъ нилъер цересел умумузул тарих кӏвар кьечӏого хутӏула. Аза-азар соназ Дагъистан букӏана цогояб ва цолъараб халкълъун. Киданиги гьикъулароан, мун щиб миллаталъул чи кколеван абун; гьикъулаан, мун щиб росулъаян абун. Гьелде тӏадеги, Северияб Кавказалъул тӏолго республикабиги руго гӏемермиллатазулал. Гьезул цонигиялда гьечӏо, масала, Кабардино-Балкариялъул яги Гъарачай-Черкесиялъул халкъал цолъиялъул къо.

Кинабгӏаги хӏажалъи букӏинчӏо Дагъистаналъул халкъазул кӏиабилеб ва лъабабилеб съездал ахӏиялъеги. 1920-абилел соназда ахӏарал съездазда лъазабуна Дагъистаналъул автономия, Дагъистаналъул цолъи. Хадусел съездазда къабул гьарурал хӏукмабазул республикаялъул халкъазе кинабгӏаги лъикӏлъи гьабичӏо я цебетӏей ккечӏо».

Гюлнара Рамазанова, Белгород шагьаралъул школалъул библиотекарь: «Нижер хъизамалда адаб гьабула Дагъистаналъул халкъазул. Ниж ватӏаналдаса рикӏкӏад гӏумру гьабун ругониги, дир лъималазда лъала Дагъистаналда батӏи-батӏиял халкъаз гӏумру гьабулеблъи. Амма нижеца гьел рикьуларо батӏи-батӏиял халкъазде: гьел киналго руго Дагъистаналъул халкъ.

Нилъеца адаб гьабизе ккола цогидаб халкъалъул тарихалъулги, маданияталъулги, адабияталъулги. Гьелъие квербакъилаан щибаб школалда 15 сентябралда хасаб дарс тӏобитӏани. Классалда щивав цӏалдохъанасе кьезе бегьула гьадинаб тӏадкъай: батӏияб халкъалъул кечӏ лъазабизе, масала, даргияс – лезги мацӏалда, магӏарулас – лъарагӏ мацӏалда ва гь.ц. Гьединаб тадбиралъ кумек гьабила нилъ цоцада лъикӏ ричӏчӏизе, цоцазул адаб гьабизе».

Умасалимат Хӏасанова, Уздалросдал байбихьул школалъул учительница: «Дагъистаналъул халъазул цолъиялъул байрам кӏодо гьабулаго, дир рекӏелъ цӏидасанги паркъула Дагъистаналъул цолъиги эркенлъиги цӏунулаго къеркьараб нилъер бахӏарчияб халкъалдаса чӏухӏиги. Ватӏаналдеги эркенлъиялдеги рокьи бессун букӏуна щивав бусурбанчиясул рекӏелъ, щайгурелъул гьеб буго иманалъул аслияб бутӏа».

Патӏимат Гӏумарова, Буйнакск шагьаралдаса учительница: «Байрамкъоялъ нилъеда ракӏалде щвезарула умумузул бахӏарчиял ишал ва гьезул гъунки. Гьеб къоялъ гӏуцӏулел тадбираз нилъ жеги гъункизарула. Нилъер лъималазе щибаб халкъалъул гӏадат-гӏамал лъазабиялъе квербакъулеб байрам буго гьеб».

Кавсарат Сулейманова