Республикаялда культураялъул бутӏаялда гьабулеб хӏалтӏул ва хадубккун хӏисабалде босаралъул бицана, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ 13 сентябралда журналистазулгун букӏараб дандчӏваялда. Министралъулгун пресс-конференция гӏуцӏун букӏана республикаялъул «Дагъистан» информациялъул агентствоялъ (РИА «Дагестан»).

Бицана исана Дагъистаналда гӏатӏидго кӏодо гьабулеб бугеб Фазу Гӏалиевалъул юбилеялъулал ва «Хъахӏал къункъраби» тадбиразул, «Пушкинская карта» программаялдаса пайда босиялъ гӏолилазе, школлъималазе культураялъулгун искусствоялъул бичӏчӏи щвеялъе кьурал ресазул.

«Культура» миллияб проекталда рекъон гӏезегӏанго хӏалтӏаби гьарун рагӏалде рахъанин бицана Бутаевалъ.

Миллиял газетазул вакилзабазул букӏуна жиде-жидер миллаталъул масъалаби рорхарал суалал. «Хӏакъикъаталъ» министралъе кьурал суалал рукӏана росабалъан байбихьун нилъер миллияб рухӏияб ирс цӏуниялда, халкъиял махщелчагӏазул гьунар наслабазухъе кьеялда, магӏнаго биххараб эстрадаялъул кочӏолаб искусствоялда хурхарал. Нижеца рехсарал рахъазда ругел гӏунгутӏаби тӏуразариялъул жавабчилъи бакӏалъулал нухмалъулезда тӏад букӏин бичӏчӏизабуна министралъ: «Жидер росдал хаслъи цӏуни, гьенир ругел гьунарчагӏазул махщел гӏатӏидго рагӏизаби, къанагӏатаб махщалие цӏиял гӏелал куцай — гьеб буго кинабго культураялъул идарабазул нухмалъулезул, росабазул ва районазул бутӏрузул бичӏчӏигун лъаялда бараб иш. Бицун хӏалкӏолареб берцинлъиги, тӏабигӏиябгун маданияб бечелъиги буго Дагъистаналда. Нилъеца гьеб киналъулго къимат гьабизе ккун буго, росулъ яги шагьаралда яшав гьабун ругел гӏадамал батӏалъи гьечӏого. Нилъерго ракь, гӏадатал, культура бокьизе ругьун гьаризе ккола гьитӏинаб къоялдаса нахъего. Гьелъие руго нилъер республикаялда искусствоялъул школал. Гьел школазда дарсал кьолев мугӏалимасул намусалда бараб буго цӏалдохъан батӏи-батӏияб махщалие куцай. Лъикӏав устарас жиндирго махщалил дарсал цогидазеги кьола, гьеб буго метериселъе бечелъи.»

Росабалъ клубазулги библиотекабазулги хӏалтӏи хашлъаралдаса анцӏ-анцӏ сонал ругин абуна Зарема Бутаевалъ:

— Киналго масъалаби цин-цадахъ тӏуран рахъинищха, кибего нижер берги халгьабиги щвезе буго. Дагъистаналда буго 957 культураялъул рукъ ва 970 библиотека. Гьезул бащдалгӏанасел руго цоял риххун унел, цогидал къачӏазе ккараб хӏалалъ. Федералиял ва республикаялъул нухмалъулезул кӏудияб кумек щвана гьал ахирал соназ культураялъул рахъ цебетӏезабиялъе. «Культура» миллияб проекталда рекъон бана цӏияб 6 культураялъул рукъ, цӏигьабун къачӏана — 60, ремонтал гьаруна анцӏ-анцӏ культураялъул идараялда. Гӏолилазулги рачӏине гъира кколеб хӏалалъ цӏигьабулеб буго библиотекабазул хӏалтӏи.

Цоги нухалъ такрар гьабила — чӏунталиде ккараб клуб росулъ букӏин — гьеб буго бакӏалъулал нухмалъулезул кӏвар гьечӏолъи. Бугеб ахӏвал-хӏалалъулги бицун, хӏажатал документалги ракӏарун, гьел рачӏине ккола нижехъе.

Культураялъул министралъ абухъего, министерствоялдаса чийищха вачӏинев росабазул маданияб гӏумру гӏуцӏизе?