11 сентябралъул сардилъ Гумбет районалъул Мелъелтӏа вагъизе ккана кӏиго гӏолохъанчи. Дагӏба-рагӏи хӏалуцине байбихьидал, цояс цогидасул мачӏчӏалъ нус кьабуна. Хадув гьев больницаялда хвана. Кӏиявго гӏолохъанчи рукӏана кьерилал, ай 21 сон барал чагӏи.
Нус кьабурав полициялъул хӏалтӏухъабаз ккуна. Сурав босулелъул гьес бицана, гьеб къоялъ къаси рокъове вачӏунаго данде кканин чангояв. Гьезул цоясулгун санагӏат гьечӏеб хабарги ккун, иш гьелда къокълъичӏеб мехалъ, рокъовеги ун, нусги босун вачӏун вуго гьев. Дагӏба-рагӏи халалъидал, нусги чӏван буго дандиясда.
Гьелдаго релълъараб хӏужа ккана Буйнакскиялдаги. Республикаялъул МВДялъул хӏалтӏухъанасдаги кӏиго чиясдаги гьоркьоб ккана дагӏба. Цӏакъго гьеб хӏалуциндал, гьес гьел чӏвана. Хадув живго жинцагоги чӏвана. Чӏварал ккола гьесул йикӏарай лъадул эменги яцги.
Ашахан Юсупов