9-11 сентябралда Махӏачхъалаялда, Ак-Гель паркалда тӏобитӏана кӏиго батӏияб фестиваль-ярмарка: «Цӏурачадазул» ва «Россиялъул ччугӏбузул бечелъи».
Лъабабго къоялъ гьениб гьабизе ракӏалда бугебщиналъул сияхӏ цебеккунго щвана гӏадамазухъе. Щибаб къоялъе бихьизабураб цӏакъ бечедаб, киналго ригьазул гӏадамазе данде кколеб къагӏидаялда гӏуцӏараб программа букӏана гьезул.
Дунго гьениве щведал, цӏакъ гӏемер гӏадамал ратана ракӏарун: гӏисинал лъималаздаса байбихьун цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамазде щвезегӏан. Гӏуцӏарухъабаз лъималазе хӏадур гьарурал мастер-классалги къецалги рукӏана программаялда.
Фестивалалъул тӏоцебесеб къоялъ паркалда радалго тӏиритӏана батӏи-батӏиял ччугӏбузул ва гьединго шагьаралъул цо-цо ашбазаздаса богогьабаз хӏадур гьарурал кванил нигӏматазул ва дармилал церелъеял. Рукӏана гьенир Дагъистаналъул махщелчагӏазул тӏагӏалабазул церелъеялги.
Маркӏачӏубер рукӏкӏиндал, фестиваль рагьиялъул хӏурматалда бихьизабуна концерталъул программаги.
Цебеккунго программа бихьаразе, бищунго интерес цӏикӏкӏараблъун кӏиабилеб къо букӏанин абуни, мекъи ккеларо. Щайгурелъул, гьеб къоялде бихьизабун букӏана бищунго интересаб программа.
Радалго, Махӏачхъалаялда бугеб «Равза» ашбазалъул богогьаби журана кӏудияб цӏурачед бежизе. Цебеккунго, чанго метралъул халалъи бугеб цӏурачед бежизе бугин абураб хабаралъ гъираги бижизабун, корониб гьеб бежулеб куцалъухъ балагьизе радалго гьенибе бакӏарана гӏемераб гӏалам.
Цӏакъ гӏажаибаб къагӏидаялъ гьабулеб букӏана гьез гьеб. Чанго батӏияб нигӏматги жаниб лъун, бутӏа-бутӏабиккун цоцаздаги рекӏинарун, коронибги бежун дагь-дагьккун халатаб столалда тӏибитӏулеб букӏана берцинаб махӏ бугеб цӏурачед.
Гьеб гьабизе 35 кг буцараб ролъулги гьебго къадар гьаналги хӏалтӏизабунин бицана «Равзаялъул» богогьабаз.
Ункъо сагӏатгӏанасеб заманалдасан гьабун лъугӏана дунялалдаго бищун кӏудияб цӏурачед. Гьелъул халалъи батана 17,4 метр!
Бисмиллагь кӏудияз, кӏалдибе гьитӏиназин абухъе, цин лъималазе рикьана цӏурачедалъул кескал, хадуб чӏахӏиязеги. Киназго цӏакъ лъикӏаб къимат кьуна гьеб нигӏматалъе.
Гьединго, гьеб къоялъ рихьизаруна ччугӏил батӏи-батӏиял квенал гьарулеб мастер-классги. Ярмаркаялде рачӏарал гӏадамазе цӏулал, гӏарцул, пахьул устарзабаз рихьизаруна жидецаго тӏагӏалаби гьарулеб къагӏидабиги.
Лъабабилеб къоялъ хӏадур гьабуна 300 кг пулавалъул. Богогьан Мумин Омаевас бицана, гьеб пулавалде гъорлъе нилъерго, Кавказалда гӏурал хурдуздаса гъаран-пурччги гъорлъе гьарунин. ДРялъул культураялъул махщелчагӏаз хӏадур гьабураб концерталъул программаялъ ахир лъуна аза-азар чи гӏахьаллъараб тадбиралъе.
Гӏуцӏарухъабаз рагӏи кьуна гьединаб тадбир санайил тӏобитӏизеги.
Мухӏамад Манапов