Дунги эбелги рокъоса къватӏире лъугьана бакъанил гӏужалъ. Унел рукӏана гӏазуца бахчараб, чӏедераб сухъмахънух ккун, цеве арав чиясул загӏипалго лъалкӏал рукӏана бакӏ-бакӏазда гӏазуца рахчун. Ниж унел рукӏана эбелалъул росулъе кӏудада вихьизе, гьев лъикӏ гьечӏого вугин кӏалъана эбелалъухъе телефоналъ. Эбел уней йикӏана хехаб рилълъада, дун хӏалица гъолев вукӏана хадув. Бичӏчӏулеб букӏана эбелалъул рахӏатхун букӏин. Гьеб хӏинкъиялдаса ва рахӏатхвеялдаса эбел нахъе ячине гӏадин, дица цо-цо жал рицунел рукӏана гьелъие. Дир мукъсанаб пикруялда ва гьелда сверухъ бихьизе кӏолеб дунялалда рекъараб букӏинарищха хабар. Бицунеб букӏана нижер бокьоб бугеб чӏегӏераб оцалъул, кин гьеб ихдал росдалго оцаздаса бергьине кколебали, бицунеб букӏана инсул Къамилухъа босараб, магӏарухъ хьихьулеб цӏахӏилаб юргъачуялъул ва кин дица, гьелдаги рекӏун, араб риидал гӏор бахъарабали. Рицунел рукӏана хӏалицаго хӏухьелги босулаго гӏодов ккун, тӏаде вахъун, эбелалда хадувги вачӏун, лъалелги лъаларелги гӏемерал жал. Дир бицунеб хабар къотӏарабго, лъалаан эбелалда дун жеги гӏодов ккун вукӏин, гьелъ хехго вахъинеги гьавун, тӏаса гӏазуги кӏутӏун вачунев вукӏана, эбел гӏенеккун йикӏинчӏо дица бицунелъухъ, гьей гӏедегӏун йикӏана жиндир инсухъе ва гьарулеб букӏана дида хехго вилълъаян. Чӏорода, кӏудадал рукъ бугеб бакӏалде ниж сверулаго, дунял рукӏкӏун букӏана. Нухда дандчӏварал гӏадамал кӏалъалел рукӏана гьитӏинго, хӏалица рагӏиледухъ:
— Гӏайишат, мунищ… Гӏайишат, юссанищ?.. Йилълъа, хехго а, духъ ралагьун руго гъол… — абурал гӏадал кӏалъаяз бицунеб букӏана гьениб лъикӏаб хӏал гьечӏолъи. Кӏудияв инсул гьитӏинаб рокъор гӏезегӏан руччаби ругоан. Ниж жанире лъугьарабго, цоял къватӏире ана нижее бакӏ эркен гьабун, цогидал эбелгун гаргадизе лъугьана гӏиссинккун. Дир кидаго аваданав, махсараби гьарзаяв кӏудадал лъалеб хӏал букӏинчӏо, гьев гьурмадасаги хисун вугоан дагьав, вегун, мокърукье валагьун вугоан. Бихьулеб букӏана хӏехьезе кӏолареб унтуца кӏвекӏулев вукӏин. Дун гьесда гӏагардегӏанги ун, сихӏ тун, бусада аскӏов чӏана. Кӏудада бигьагьавун дидехун вуссана ва дир гӏазуца ва квачалъ багӏар гьабураб кӏаркьада хинаб огъохъат лъуна ва щибалиго гьикъана гьес дида. Дун хӏинкъана гьесул загӏипаб гьаркьидасаги, цебехун даим дие рохел кьолеб букӏараб рокъоб батараб сихӏкъотӏиялдасаги. Цо бокӏнилъ кӏодоэбелалъ кьурал гӏечалгун дунги кӏусизавун, эбелалъ байбихьана бидулкьаби борцизе, уколал гьаризе, кӏудадае данде кколеб хабар бицун, тӏаде къулун йикӏана сордоялъ. Дун квананги вукӏана, рокъоб хингоги букӏана, амма, рахӏат толеб букӏинчӏо гьениб батараб хиса-басиялъ.
Кӏудияй эбел цӏадухъ квен гьабун квалквадилей йигоан, кидаго гӏадин. Гьелъ гьабулеб жоги гьоркьоб тун, мех-мехалда эбелалъе ва тӏаде рачӏаразе бицунеб букӏана къаси кӏудадада бихьараб гӏакъубаялъул ва унтул. Къадада далун букӏараб кӏудияб, тӏад цӏер гьечӏеб сагӏтил кӏутӏи доб сордоялъ гӏадин кӏодого киданиги рагӏун букӏинчӏо. Горда нахъа букӏана квачараб, бецӏаб хасалил сордо, лъукъараб жанаваралъул гӏадаб руруди ва зигарди рагӏулеб букӏана басрияб минаялъул картӏазда, тӏохазда багъулеб ва рурудилеб гӏазул бураналъул. Рокъоб жаниб хинлъи ва рахӏатхвараб сихӏкъотӏи…
Хадусеб къоялъ вертолетги ахӏун, кӏудадаги эбелги ана райцентралде ва гьениса Махӏачхъалаялде, операция гьабизе кколин тохтурзабазги бихьизабун. Дун доб цебесеб къоялъ эбелгун вачӏараб нухккун ана дунго инсул росулъе — Салде. Чвантинир рукӏана мунагьал чураяй кӏудаэбелалъ кьурал конфеталги, гӏодов ккун, тӏаде вахъун, щвана росулъе. Инсул рокъобги цо цебесеб, эбел йигеб мехалда букӏунеб хинлъиги рахӏатги букӏинчӏо.
Гӏемераб заманаялъ руссинчӏо кӏудадаги эбелги Махӏачхъалаялдаса. Цӏикӏкӏун валагьун чӏеялъ, дидани кколеб букӏана гьез сонал ралел ругин гьенирилан. Цо къоялъ хабар бачӏана Чӏороде вертолетги бачӏун бугин, гьелда тӏад кӏудиявэменгун дир эбелги руссун ругин абун. Хадуб гьоркьоб бакӏ дида ракӏалда гьечӏо, дун дидаго лъачӏого щун ватана Чӏороде, кӏудадал азбаралъуве. Дун жаниве лъугьарабго рукъ цӏун бугоан гӏадамазул. Эбелалъ къвал бана ва веэдана, кӏудиявинсуца жиндаго аскӏов чӏезавуна ва ботӏрода квер бахъана. Гьев кӏалъалев вукӏана жив вихьизе щварал чӏахӏиял гӏадамалгун, квер бахъиялъул магӏна букӏана — мунгун хадур кӏалъалин абураб. Дида кӏудада дагьавго хисун вугев гӏадин вихьулев вукӏана, тӏаде балагьун. Мегежги кӏкӏван бугоан гьесул, тӏад цо цебехун дида бихьичӏеб свитерги бугоан, кӏалъалевги вугоан махсараби гьечӏого, гӏодове виччан. Бицунеб букӏана жиндие операция гьабиялъул, гьеб гьабун хадув Гъаякенталда хӏамамалде витӏиялъул, дандчӏварал гӏадамазул лъикӏлъиялъул ва гьез гьабураб гӏаданлъиялъул.
— Дие бокьун букӏана больницаялдаса виччарабго росулъе вуссине, тохтурас абуна хӏамамалде ине кколин, дове витӏана. Гӏемерал гӏадамал рачӏана дун вихьизе, цадахъги рукӏана лъикӏал гӏадамал. Районалъул бетӏер Жаватхан Гӏалиханов вачӏана сайигъат-саламгун, цадахъ бетӏерав тохтурги вачун. Кӏудияб хъулухъалъул ва ишалъул чи, щибизе вукӏарав гьесие дун Тӏомурдаса цо херав чи, чан ратилел дун гӏадал унтарал, гьев чияс нечезеги гьавуна, разиги гьавуна. Дун жинца Россиялда бугеб лъикӏаб курорталде витӏизавилин вукӏана. Дица инкар гьабуна, дир гӏурус мацӏги босун Россиялде бегьуларо. Азербайжаналде яги Гуржистаналде витӏани жеги бегьилаан, гьенив дида къирал-пачазабазул даражаялда бицине лъала падаргун гуржи мацӏал. Гӏурусалъулгун дир гьудуллъи гьечӏо, гьанже больницаялда гурони рагӏунго букӏинчӏо бицунеб гьеб мацӏ, — ан абуна кӏудадаца.
Гъаякенталда хӏамамалда аралъув кӏудадаги, цойги лъабго херав магӏарулавги лъун руго цо палатаялъур. Лъабгоясда лъалеб букӏун гьечӏо гӏурус мацӏ бицине, гьезда гьоркьов цо чӏохъияв вукӏун вуго гӏурус лъалев ва азие нухмалъи гьабулев. Лъим гьекъон, хӏамамазда регун, тохтураз малъараб гьабун, лъикӏ ун буго азул яшав санаториялда. Гьенивго кӏудаинсуда ватун вуго цо нижерго районалдаса лъебелавги, кӏудияв чи вукӏун вуго довги. Цо къоялъ бакъанида дов лъебелавги, азул лъабгоявги ахикь хӏухьбахъулел хабаралда рукӏун руго. Аскӏове вачӏун вуго цо гӏолохъанчи, кӏалъан вуго магӏарулалъ, гьикъун буго киса щалали.
— Мун киса? — ян гьикъун буго дов цӏикӏкӏарав лъебеласда.
— Лъебелав вуго дун… — абун буго дос.
— Таманал лъебелазул чахъабиги хъун кеп босана валлагь, — илан абун буго гӏолохъанчияс. — Ихдал ва хаслихъе магӏарухъа гъутаналде унел лъебелазул гӏиял рехъабаздаса цо-цо кьарияб жо хъамулаан нижеца Ракьуб-кьоде щвараб бакӏалдаса. Гьениб цо свери буго, цевесев вехьасдагун нахъа вугесда бакьулъа бакӏ бихьулареб, гьениса цо кьарияб жо цӏалаан хъархъалъе ва гьел тӏерхьарабго гӏурухъеги бачун хъолаан, — ян пударизе лъугьун вуго гӏолохъанчи. Херал, гӏолохъанчияс рицунел ругел санагӏат гьечӏел, ахӏмакъал жалги рагӏун, руцӏцӏун чӏун рукӏун руго. Дов асулгун лъай-хъвай ккарав лъебелав лъугьун вуго асде вагъизе, сахав чияс чияр боцӏи бикъуларин, гьеб хӏалихьалъи бугин. Гьел къацандулеб мехалда сабурго гӏенеккун вуго кӏудияв эмен гьезухъ ва хадув лъебеласде вуссун кӏалъан вуго.
Мухӏамад Бисавгӏалиев