Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, тӏобитӏана «Имам Шамилил 500 кагъат» абураб кӏиго тӏехьалъул цебебоси.

Гьенир гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана гӏалимзабиги, студенталги, миллаталъул тарих хириял магӏарулалги, тӏахьал гӏуцӏарал, жакъа нилъер бахӏарчияб тарих хадусел гӏелазухъе кьолел, миллаталъул жавгьараллъун жакъа нилъее ругел тӏехь данде гьабурал гӏолохъабиги.

Кагътал данде гьарун руго Мухӏамад Хӏамзаевас, Мухӏамад Шайихмухӏамадовас, Шагӏбан Хӏапизовас, Жамалудин Маламухӏамадовас, Гӏабдурахӏман Мухӏамадовас, Мухӏамадгӏарип Каримовас, Завурбег Жамалулаевас.

Гьел киналго ккола «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзабиги. Гӏемер щола гьел газеталде гьоболлъухъ, гара-чӏварула магӏарул халкъалъул тарихалъулги маданият-адабияталъулги хӏакъалъулъ.

Тӏоцебесеб тӏехьалъе цеберагӏи хъван буго Мухӏамад Хӏамзаевас.

— …Бищунго къиматал тарихиял документаллъун ва гӏелмияб рахъалъ Кавказалъул рагъул хӏакъикъат рагьулел нугӏзаллъун ккола Шамил имамасул кагътал. Гьел ккола доб бахӏарчияб заманалда гӏумру гьабулел рукӏарал, ватӏаналъе, диналъе, эркенлъиялъе гӏоло гъазаваталде рахъарал Кавказалъул халкъазул, жамагӏатазул, хасал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел кӏвар цӏикӏкӏарал нугӏзаллъун.

Гьеле гьединаб букӏана дандеруссиналда кӏалъазе рахъаразул пикруги. Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас тӏехьалдаса цӏалана имамасул кагъталги.

Жалго тӏахьал гӏуцӏараз ва кагътал гӏараб мацӏалдаса магӏарул мацӏалде руссинарураз бицана, кагътал данде гьарулаго, дандчӏварал захӏмалъабазулги, гьел кагътал данде гьаризе квербакъарал гӏадамазул цӏаралги рехсана.

Тадбир гӏуцӏадго нухда бачана тӏахьазе редакторлъи гьабурав ИЯЛИялъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас.

Кӏалъазе рахъараз Мухӏамад Шайихмухӏамадовас, Рамазан Рамазановас, Тимур Айтберовас, Багьавдин Гӏалиевас, Мухӏамад Бисавгӏалиевас, Зульфия Хӏажиевалъ, Мухӏамад Ибрагьимовичас, Мухӏамадрасул Мухӏамадовас, Мухӏамад Гӏабдулкъадировичас, Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас, Шамхалдибир Гӏисаевас тӏадегӏанаб къимат кьуна тӏахьазе ва гьел данде гьаруразе. Гьез абулеб букӏана гьел тӏахьал Дагъистаналъул Пачалихъалъулаб премиялъе рихьизаризеги мустахӏикъал ругин абунги.

Автораз абуна кагътал данде гьариялъул хӏалтӏи жеги лъугӏизе гьечӏилан ва тӏахьазул хадусеб бутӏаги букӏине бугилан.