Мариза Мухӏамадова ккола ИЯЛИялъул гӏелмияй хӏалтӏухъан. Гьей йикӏана гӏемераб заманаялъ Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъунги. Шагӏиралъул гӏумруялъул ахирисел къоязде щвезегӏан гьелда аскӏоса камичӏей, жийго Фазуца жиндирго рекӏел тахида тӏадегӏанаб бакӏ кьурай Маризахъе гьоболлъухъе щвана ниж ва хабар ккана, шагӏир Фазул гуреб, Фазу чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ
— Мариза, тӏоцебе Фазу Гӏалиевалъулгун лъай-хъвай кин ккараб?
— Нижер лъай-хъвай Дагъистаналъул гӏелмияб централда ккана — гьелъул юбилей гьабулеб сон букӏана доб. Институталъ тӏобитӏулеб букӏана Тӏолгороссиялъулаб гӏелмияб конференция. Гӏемерал гьалбал, гӏалимзаби, шагӏирзаби, хӏакимзаби, республикаялъул бетӏер вачӏун, Россиялъул даражаялда гьабулеб кӏудияб тадбир букӏана гьеб. Фазуги ячӏун йикӏана захӏматаб унтудаса хадуб гьеб данделъиялде. Дир гӏелмияб хӏалтӏиги, аслияб къагӏидаялъ, гьелъул асаразда тӏасан букӏиндал, докладги хӏадурун букӏана кӏалъазе яхъине. Доклад гьабун бахъиндал, киназго хъат кьабуна: «Бищун лъикӏаб доклад цӏаларай Маризае, дир бищун лъикӏаб, бищун кӏудияб квацӏи босе гьанибе!» — янги абун, Фазуца дунго яхчулебгӏан кӏудияб тӏугьдузул квацӏи кьуна дихъе, баркалаянги абун.
Гьебго къоялъ, конференция лъугӏун хадуб, гьелъ дун аскӏое ахӏана, къахӏан дир кверги ккун, гьимулаго абуна: «Дуе Фазу Гӏалиевалъул кумекчӏужулъун йикӏине бокьун гьечӏищ?» — ин. Дица божилъи гьабуралъухъ баркала кьуна, амма бачӏинахъего щиб абилебали лъаларого хутӏун йикӏана. Хадубги Фазуца тӏаде жубана: «Мун ургъе, щибаб къоялъ, бокьа-бокьарав чиясе кьоларо Фазу Гӏалиевалъ гьединаб предложение», — ян.
Аллагьас хъвараб жоялдаса кьуризе бакӏ букӏунарелъул, долдаса нахъе гьелъул гӏумруялъул ахирисеб къоялде щвезегӏан, цадахъ ккана дун.
— Ритӏухъ гьабунищха дуца гьелъул божилъи?
— Фазуца абухъего, бокьа-бокьарав чи гьелъ аскӏове гӏагар гьавулароан, амма рекӏелъе виччан хадув, гьес щулияб бакӏ гьелъул гӏумруялъулъ кколаан.
Дой йикӏана цо балагьарабго гӏадамасе къимат кьолей гӏадан. Кинаб бералдалъун гьей гӏадамазухъ балагьулей йикӏарай, кин гьелда чиясул рекӏелъ бугеб бихьулеб букӏарабали дида лъаларо — Аллагьас кьураб хасаб гьунар батилин толаха. Ритӏухъавги хиянатавги чи, бачӏинахъего ватӏа вахъизе лъалаан долда. Тӏоцебе берчӏварабго тӏаса вищулаан Фазуца жиндиего хӏалтӏухъан. Гьеб тасдикъ гьабизе кӏола гьелда цадахъ хӏалтӏизе кканщинас — «Магӏарулай» журналалъул ясазги (Фазуца тӏаса рищарал ясал руго гьенир хӏалтӏулел), «Руччабазул союзалъул» хӏалтӏухъабазги.
Дида цӏехани, дица лъиего, кидаго ва сундулъго ритӏухълъи цӏунула — Фазу Гӏалиева, Муса Мухӏамадов, гӏадатияв инсан вукӏа, щив ватаниги батӏалъи гьечӏого. Лъида аскӏой кканиги, дица дида тӏадаб жо гьабула ва бадибе абула абизе ккараб рагӏиги, щивниги чи ватӏа вахъичӏого, лъиениги хӏеличӏого. Аманат цӏуниялдаса хирияб ва къиматаб жо гьечӏо ракьалда. Божилъи гьабизе бегьулев чи ватиги — кӏудияб талихӏ буго инсанасул. Бищунго къиматаб, бищунго батизе къанагӏатаб гӏамал буго гьеб. Гьитӏинаб къоялдасаго дир бидулъ ва рекӏелъ эбелалъ лъун букӏана хиянат гьабизе бегьунгутӏи. Дида божилъи гьабураб жо Аллагьасда цебе аманат гӏадин цӏунизе яхӏ бахъулаан кидаго, щивго ватӏа гьавичӏого. Фазуе батӏияй, цогидазе батӏияй йикӏинчӏо дун. Гьеб гӏамал гьелда бихьун батани, лъалароха, мун кутакалда гьунар бугей гӏадан йиго, гӏисинлъиялъ чӏвазе йикӏунгеянги гӏемер абулаан гьелъ дида. Дица гьелда гьикъичӏо щай дуца дун тӏаса йищарайин абун. Амма гӏаламалъго тӏаса йищарай, улкаялъго кӏодо гьаюлей, бищун тӏадегӏанал шапакъатал жиндие щварай, сундулъго тӏокӏай шагӏиралъ тӏаса йищун йикӏарай ятани, кигӏан ритӏухъайлъун, божилъи цӏунулейлъун дун йикӏине кколей. Дида бичӏчӏулаан хиянатчагӏазул гъугъдуца чӏварай Фазуе кигӏан хӏажат йикӏарай дунали. Тӏадежоялъе, гьей дир гӏакълуялде хьул лъурай, дир рагӏуде гӏин тӏамулей, гьеб хӏажатай йикӏарай ятани (гьелъ абухъегоха). Жакъа нужее гурони, жеги лъидениги бикьараб пикру гуро гьаб. Дие цониги жо лъугьине гурин, хӏинкъулаан дой, мунагьал чурад. Гьеб гуребги, жиндирго миллаталда, халкъалда, улкаялда цебе гьелъул букӏараб ритӏухълъи, гьезие гӏоло рухӏ кьезе хӏадурлъи, кӏийиде кьабун дидеги бахунаан, кӏицӏуса цӏикӏкӏун дидасаго тӏалаб гьабулей дунги йикӏунаан. Бажарараб хӏалалъ тӏаде ккараб хӏалтӏи тӏубалаан: «Дица гьабги-добги гьабунин, гьабулеб бугин, гьабизе бугин» ахӏи бачӏого, ишаздалъун божилъи тӏубазе яхӏ бахъулаан.
— Аслияб хӏалтӏи щибха букӏараб дуца гьабулеб?
— Фазу йикӏана жигарай хӏалтӏухъан. Дунялалда бараб 83 соналда жаниб гьелъ хъван тарабщинаб жоялъул хӏисаб гьабизе ккани, чанго чиги, чанго сонги къваригӏина. Нусгоялдаса цӏикӏкӏараб тӏехь хъвана гьелъ, макъалаби, докладал, кӏалъаял, гара-чӏвариял, цогидаб гьабураб хӏалтӏи рикӏкӏинчӏого. Дагъистаналъул миллаталъул рикӏкӏеналдасаги цӏикӏкӏараб тираж букӏунаан гьелъул тӏахьазул — щуго миллионалде бахъунаан цо-цо тираж советияб заманалда. Исана, гьале дагьаб цебегӏан, къватӏибе бачӏана республикаялъул Миллияб библиотекаялъ хӏадур гьабураб Фазул библиографиялъул указатель — «Мугӏрузул улкаялъул гьайкар» абун цӏаралда гъоркь. Дица хъвараб цеберагӏиги буго гьелда. Цебе чӏезабизе бигьаяб ирс гуро Фазу Гӏалиевалъ нахъе тун бугеб гьеб указателалъухъ халгьабураб мехалъ. Кинабниги библиотекаялъул архивазда цӏунун ругел гьелъ къватӏире риччанщинал тӏахьазулги, макъалабазулги, таржамабазулги сияхӏ гьабун рикӏкӏани, 1913 материал буго гьениб. Гьединлъидал, кигӏанги гӏемер букӏана гьабизе ккарабги, гьабурабги, хадубккун гьабизе бугебги хӏалтӏи.
Дун лъараб къоялдаса нахъе Фазуца лъихъениги кьечӏо жиндирго асарал. Щибаб цӏияб асар компьютералде босулаан дица, битӏизабулаан, дирго пикру бицунаан. Хадубги Фазуца хӏисаб гьабулаан жинцаго хъвараб-таралъул, цинги газет-журналазде кьолаан, ялъуни тӏубанго тӏехь хӏадур гьабулаан. Цӏакъ кӏвар кьун гӏенеккулаан дица щиб абулищали жиндирго цӏияб асаралъул хӏакъалъулъ. Асаралъул загӏипалги къуваталги бакӏал нижер данде ккани, цо пикруялде рачӏани — цӏакъ разилъулаан. Кинабниги 5-6 тӏехь буго магӏарул ва гӏурус мацӏазда хъварал дица хӏадур гьарурал. Гьезие цеберагӏиги дица хъвалаан. Цадахъго унеб букӏана гьелъул вас, мунагьал чураяв Махӏач Мухӏамадовасги дицаги хӏадур гьабулеб, Фазуца гӏурус мацӏалда хъванщинал асаразул томазда тӏад хӏалтӏи. Щибго гъалатӏ ккезе бегьулареб, таржамачагӏи мухӏкан гьарун, щибаб асаралъул хъвараб заман чӏезабун, гӏезегӏан чӏамучӏаб, хӏалуцараб хӏалтӏи букӏуна шагӏиралъул тӏаса рищарал асарал данде гьаризе ккани. Кинабниги 12 том гӏуна нижер гӏурус мацӏалда рахъарал гьелъул асаразул. Фазул юбилеялде хӏадурлъулел рукӏана гьел, Алхӏамдулиллагь, рагӏалдеги рахъана. Исана къватӏире рачӏиналде хьулги буго.
— Дуе Фазул рокьулел рукӏарал гӏамалал?
— Лъимералъул гӏадаб божилъи букӏин. Кигӏан гӏемер бухӏи бихьаниги, кигӏан гӏемер хиянат дандчӏваниги, доб гьитӏинаб лъимералъул гӏадаб бацӏцӏадаб божилъи букӏунаан гьелъул чиясда.
Гьелдасаги цӏакъ — кутакалда халкъалъе, Ватӏаналъе ритӏухъай гӏадан йикӏана мунагьал чурад. Гьаб дунялалда кколебщинаб чӏвай-хъвеялъул, квешлъиялъул гӏайиб жинда бугеб гӏадин, ургъалилъ йикӏунаан: «Балагьеха, цо ккун бугеб жо!? Кин кӏолеб чиясде квер борхизе?! Аллагьас кьураб рухӏалде ишан босизе кканиха! Щибдай гьабун лъикӏ?» «Доба кибалиго дунялалъул рагӏалда бахъараб кьвагьиги дудего тӏаде щай цӏалеб?» — абуни, жаваб кьолаан: «Дунлъидал халкъияй шагӏир. Халкъалъул къварилъиги гӏатӏилъиги дицалъидал гӏахьал гьабизе кколеб. Дидалъидал батизе кколеб хӏажатаб рагӏи, рагъ-кьалги чӏвай-хъвейги ккечӏого букӏине гьаб ракьалда. Дида батун гьечӏоха гьеб зарал нахъчӏвалеб рагӏи», — йинги абун, ургъалилъ йикӏунаан. Гьелъул хӏакъалъулъ «Цо къуватаб рагӏи къваригӏун буго» абураб поэмаялда хъванги буго Фазуца. «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб тӏехьалде араб поэма буго гьеб.
Дунялалъул квешлъи кӏвекӏизе кӏолеб цо къуватаб рагӏи балагьулаго гӏумру анила чанги гӏасрабазда гӏумру гьабун рукӏарал гӏакълу-лъай бугел аза-азар шагӏирзабазулги, гӏакъилзабазулги, гӏалимзабазулги. Аза-азар тӏахьал хъванила ракьалдаса питнаги, жахӏда-хӏусудги, хъублъиги, чӏвай-хъвейги тӏагӏинабиялъе гӏоло. Жиндирги гӏумру анила гьеб къуватаб рагӏи балагьулаго: «Цо къуватаб рагӏи, къвакӏараб калам, кинавго чиясул рекӏелъе унеб,.. камилаб гӏадлу кьун гӏадан куцалеб, гьетӏараб дунялги битӏизабизе» кӏолеб. Амма лъиданиги батизе кӏвечӏила гьаб ракьалдаса хъублъиги питнаги бачахъизе кӏолеб къуватаб рагӏи. Дунялалда вижанщинав шагӏирасдаги, гӏалимасдаги, жиндаги бичӏчӏичӏила гьединаб къуватаб, къвакӏараб, хӏажатаб рагӏи нилъехъе Аллагьас битӏараб каламалда — хирияб Къуръаналда букӏин. Ахир-къадги киналниги дунялалъул рагӏабазда гьоркьоб, бищунго хӏажатаб рагӏи Аллагьасул каламалда бугин, гьелда мугъчӏвай гьабуни, кинабниги квешлъиги тӏагӏунин, нилъее Алжанги насиблъулин хъвана гьелъ. Киндай гӏадамал кантӏизарилаян ургъалилъ йикӏунаан кидаго.
Цоги, гьей йикӏана жигарай хӏалтӏухъан. «Хӏалтӏизе ккола чи. Хӏалтӏуца гурони чи гьавуларо. Щивав чияс жинди-жиндир хӏалтӏулеб бакӏалда, жинда тӏадаб хъулухъ букӏине кколеб къагӏидаялъ тӏубани, дунялалда кинабгӏаги проблема букӏунаро, букӏинеги гьечӏо», — ян абулаан гьелъ гӏемер. Жийгоги хӏалтӏулаан унта-шокълъиялъухъ балагьичӏого: цояб стол дарабазул, цогидаб стол цӏун букӏунаан ручка-къаламалъул, рацӏцӏадал тӏанчазул ва тӏахьазул.
— Фазуе жиндиего инсанасулъ рокьулел рукӏарал гӏамалал?
— Ритӏухълъи. Ритӏухъав чи вукӏана гьелъие бищун берцинавги, бищун цӏодоравги, бищун гӏакъилавги, бищун лъикӏавги чи.
— Рокьуларел?
— Рекӏкӏав, хиянатав чи — абадиялъ тӏадвуссунареб бакӏалда тӏупун, тӏокӏаб гьесул хӏакъалъулъ калам тӏад гьабичӏого нуцӏа къалаан гьелъ гьезда цебе жиндирго рекӏелъ. Гьебги — цо нухалъниги чиясул хиянат бихьани. Кӏвахӏалав чиги вокьулароан гьелъие. Мацӏихъанги бачӏинахъего рикӏкӏад гьавулаан. Гьал гӏамалазул кинаб цебе лъелебали лъаларо, амма кӏвахӏалав чиги хиянатчиги цӏакъго рихарал рукӏана.
Цоги: «Гӏисинлъиялъул бицунел чагӏи», — йин абулаан гьелъ. Тӏубараб къагӏидаялъ щиб магӏна гьеб рагӏулъ лъолеб букӏарабали чӏванкъотӏун абизе кӏоларо, амма «гӏисинлъиялъ чӏвазе рукӏунгеянги» абулаан зама-заманалда.
— Киназулго йиго жидерго Фазу, дур хӏисабалда, дур рекӏелъ кинай Фазу йигей?
— Къокъаб къагӏидаялъ дица цебе хъваралдаса бичӏчӏизе бегьула кинай гьей дир пикрабазулъ хутӏараяли. Гьайгьай, щибаб гӏумруялъул лахӏзаталда батӏи-батӏияй Фазу цее ячӏуна. Шагӏир хӏисабалда, щибаб лъугьа-бахъиналда хурхун шигӏраби рикӏкӏуней цее чӏола. Кидаго садакъа бикьулей, «жакъа хирияб рузманкъо бугоянги» абун, щиб-щибниги бикьулей йикӏунаан кидаго. Унти, макьу-квен тун хӏалтӏулей цее чӏола. Кибниги данделъи букӏун, кӏалъазе яхъине кколей йигони, 39-ялде цӏа-кан бахун бугониги, кигӏан унтун йигониги, сихӏ тун, лъидаго бицинчӏого, щибго гьечӏей гӏадин халкъалъухъе уней. Жийго ине кӏолеб хӏал гьечӏони, тӏубанго тату хвараб мехалъ дида божилъи гьабун: «Бокьараб бице, дица мун вакил гьаюлей йиго, лахӏавла вала къувватаги баче, дуе нух битӏаги», — абун дун нухда лъолей. (Первозванныясул орден щун хадуб Москваялда тӏобитӏулеб (ЦДЛалде) жиндирго юбилеялдеги гьединго дун йитӏана). Форма ретӏарав гӏолохъанчи вихьани, гьесда аскӏоеги ун: «Щиб хӏал бугеб, дир месед? Къваригӏараб-тараб бугищ? Хъулухъ кин унеб бугеб?» — абун солдатазда, милицонеразда, эбелаб калам гьабулей. Лъазего лъаларев чиясдаха гьелъ гьеб гьикъулеб букӏараб.
Гьелде тӏадеги, гьей йикӏана кутакалда ракӏ тӏеренай, сундуего, лъиего жиндир рекӏел хинлъи бикьизе хӏадурай, квер гӏатӏидай. Аллагьасукьа хӏинкъулей, йихьизе гурейги, ятулей бусурбанчӏужу (жеги бакъвараб чед нахе рехизе кӏварай гӏадан гуроха гьей — хӏакъ батулинги абун). Йижараб ракьалъеги, тӏолго дунялалъеги цого къагӏидалъ ритӏухъай, дунялалъул ургъел гьодитӏаги лъун, халкъалъе хӏалае батулеб рагӏи балагьулей, хӏатталдаса ун хӏалтӏулей, хӏалтӏулел чагӏиги рокьулей, цӏа ккаралъуй йортулей, кьвагьи бахъаралъуй цее яхъуней, унго-унгояй ватӏаналъул яс. Гьей йикӏана гьаб улкаги, улкаялъул васалги абураб унти бидулъги рукьбулъги бессарай гӏадан. Къокъго Фазул хӏакъалъулъ бицун бажарулеб жо гуребха, кигӏан яхӏ бахъаниги. Тӏубараб сипат цебе чӏезабизе ккани, дагьа-дагьабниги бицине кколеб буго. Амма гьей йикӏана азарго батӏияй, лъицаниги гьабун бажаричӏеб лъикӏлъи, хъван бажаричӏеб тӏехь хъварай гӏадан.
— Захӏмат букӏанищ гьейгун хӏалтӏизе?
— Захӏмат букӏанищ дуе Фазу Гӏалиевагун хӏалтӏизе абураб суалалъе шагӏиралъ щиб жавабдай кьезе букӏана?! Гьеб лъазе кӏварав чиясда бичӏчӏила дица кьезе бугеб жавабги. Гьелъул хӏакъалъулъ хадусеб гара-чӏвариялда бицина, нужее бокьани, иншаАллагь.
Гара-чӏвари гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.