Республикаялъулаб Лъай кьеялъул централда гьал къоязда тӏобитӏараб данделъиялда бицана школазул цӏалдохъабазеги гӏолилазеги тарбия кьеялъул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Данделъиялъул гӏахьалчагӏазул пикруялда рекъон, лъай кьеялъул идарабазда щолеб тарбия ккола рухӏиябгун муруватияб бичӏчӏи лъугьиналъе кьучӏлъун.

Лъица кьезе кколеб лъималазе тарбия – эбел-инсуцайищ, лъай кьеялъул идараялъищ? Гьанир кьолел руго гьеб суалалъе нижер цӏалдолез кьурал жавабал.

Интернеталъ кьола тарбия

Низамудин Гъазиев: «40-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏана дун школалда, амма жакъа гӏадинаб хӏал киданиги букӏинчӏо. Дун цӏалана батӏи-батӏиял интернатазда. Учительзаби лъикӏал рукӏиналъ батила, гьез дилъ бижизабуна адабияталде рокьи. Доб заманалда учительзабаз ниж рухулаан, тӏекълъи гьабулел ратидал. Рокъоре щведал, жеги тӏаде жубалаан эбел-инсуцаги.

Жакъа дарсида гӏадлу хвезабунин абун, учитель вагъани, учитель гӏадлуялде цӏазе нахъе къаларо цӏалдохъабазул эбел-эмен. Лъимадуе кьолеб тарбиялъул цӏикӏкӏарасеб жавабчилъи тӏаде ккола эбелалде. Эмен вуго рукъалъул завхоз гӏадав чи. Гьесул бер балагьиго гӏезе ккола лъималазе. Хъизам хьихьизе хӏаракат гьабулаго, эмен регӏуларо лъималазе тарбия кьезе. Гьединлъидал эбелалде ккола цӏикӏкӏарасеб хӏалтӏиги. Амма кинабгӏаги щаклъи гьечӏо: тарбия кьезе ккола, тӏоцебесеб иргаялда, рокъоб».

Рес бугел эбел-инсул васлъун вукӏаравани…

Мухӏамад Хӏасанов: «Гӏарац гьечӏев чи жакъа лъиегӏаги хӏажалъулев гьечӏо. Тарбиялдаги, адабалдаги, гьудуллъи-вацлъиялдаги тӏад кверщел гьабулеб буго гӏарцуца.

Цебе заманалдаги гьедин букӏун батила, амма доб мехалда гӏадамазулъ ращалъи букӏана. Гьелдаго цадахъ социалияб ращалъиги гьечӏо. Гьелъ буго кинабго хвезабун».

Закария-хӏажи Хамагов: «Тарбия бугони, кинабго букӏуна, гьечӏони – букӏунаро. Абула, кӏал бацӏцӏунареб мацӏ букӏунарин. Амма кинабго бацӏцӏун, къулчӏизеги бегьуларо.

Дун хӏалтӏулев вуго лъималазул ахикь. Бечедазул лъимал кидаго рачӏуна гӏодулаго. Ресукъал гӏадамазул лъимал гӏодуларо. Тарбиячӏужуялъ малъарабги гьез гьабула, гьезулгун хӏалтӏи гьабизеги бигьаго букӏуна.

Цебе кьиндал киназго ретӏулаан хохолчакмаби. Дир ретӏине хьиталги рукӏинчӏого, эбелалъ хьитазул устарасда гьарана диеги гьитӏинав вацасеги хьитал гьареян абун. Досухъ балагьулев чиясда дида ракӏалде ккана, дихъаги бажарилин хьитал рукъунин абун. Коцода хьит чӏвазе дихъа бажарана ва дица диего хьиталги гьаруна. Гьеб заманалдаса нахъе эбелалъ дие къанагӏат гурони хьитал росизе ккечӏо. Рес бугел эбел-инсул васлъун дун вукӏаравани, дие щвелароан хьитал гьаризе махщел».

Эбел-инсуца

кьолаан тарбия

Салман Хӏасбулаев: «Нилъеца лъимер гӏезабизе ккола, школалде иналдего, тарбияги кьун. Адабияталдаги маданияталдаги рекъон гуро куцазе кколеб лъимер – куцазе ккола нилъерго гӏадаталда рекъон. Гӏаданлъиялде ругьун гьабизе ккола. Гьеб мехалда букӏуна гьеб унго-унголъунги тарбия щвараб лъимерлъун. Кинидаго лъимер куцазе ккола адабалъеги, хӏурматалъеги, гӏадлуялъеги. Гьелда квешаблъун, сурукъаблъун бихьизабизе ккола такъсирияб рахъ, малъараб гьабунгутӏи. Лъикӏал рахъазул тарбия кьезе ккола гьелъие эбел-инсуца. Ниж школалда цӏалулеб мехалда тарбиялъул рахъ букӏинчӏо. Гьадин гьабе, додин гьабеян малъулароан. Нижее букӏана цого-цо трудалъул кӏиго дарс – росдал магӏишаталъул трудги, жамгӏияталъе пайдаяб трудги. Эбел-инсуца рокъоб кьолаан тарбия. Нагагь учителас яги кӏудияв чияс малъараб гьабичӏони, рокъоре щвараб мехалда эбел-инсуца гӏадлу гьабулаан. Гьанже рокъоб тарбия кьолеб гьечӏо. Учителас дагьаб жо кӏутӏани, школалде рекерула, жидер лъимер буханилан гӏарзахъдула.

Захӏматалъ лъадарула гӏаданлъи, гӏаданлъиялъ – гьудуллъи. Дун анкьабилеб классалда цӏалулеб мехалда ниж тӏамуна хӏорихъа росулъе лъим бачине – ракъдалаб сон букӏиналъ, школалъул ах лъалъазе лъим щоларого букӏун. Амма нижеца лъим баччичӏого, расандулаго инабуна заман. Гьеб мехалда учителас хьопоца рухана ниж. Нижер классалда вукӏана Гъуниб интернаталда цӏаларав, дагьа-макъаб гӏурус мацӏги лъалев вас. Гьес абуна, Болъихъ райОНОялде рилълъине кколила гьеб бицине. Тӏасияб къоялъ, школалдеги инчӏого, ана Болъихъе. Дора ратана дирго эменги дов учительги. Болъихъа рокъоре щвезегӏан рачана гьез ниж, рацӏунаго. Рокъобги букӏана кӏудияб тамихӏ.

Гьедин кьолаан тарбия. Гьелдаса вохаравги вуго дун. Нижее учитель вукӏана бакъ гӏадинав чи».

Малъун чи вахъунаро, бегӏерун заз бижуларо

Минай Гӏумаханова: «Классалда гӏодобе бортараб кагъат кодобе босеян абуни, жакъасев цӏалдохъанас абула гьелъие тарай гӏадан кколин уборщицаян. Улбулги кӏанцӏула, классалда рацӏцӏалъи гьабизе гурел, цӏализе ритӏун ругин школалде лъималин абун.

Гӏатӏго кьуричӏони, бакъварабго бекулин аби буго. Динги тӏибитӏараб, исламалъги куцазе кколеб заманалда лъималазда лъалеб гьечӏо квегӏаб квералъ кваназе бегьулареблъи, гӏодобе бортараб чадил рекел кодобе босизе кколеблъи. Нижеда малъулаан, чед гӏодулин, гӏодоб тезе бегьуларин, мунагь букӏунин абун. Жакъа щиб бихьулеб бугеб? Чадил цӏезарурал рощнол къалалги, гӏадлу гьечӏеб хьвада-чӏвадиги, чӏахӏиязде данде кӏал кьабиги.

Нилъеца, ай эбел-инсуца, рокъоб бицунеб батараб мацӏ бицуна лъималазги. Гьединго, эбел-инсуца гьабулеб хӏалтӏи бихьани, гьеб гьабичӏого рес щиб лъималазе? Эбелалъ гьабураб гурони, лъималазги гьабуларо. Гьанже улбузги гьабулеб гьечӏелъулха щибго. Лъималазе кьелелде цебе гьезул эбел-инсуе кьезе къваригӏун буго тарбия».

Раисат Батагӏалиева: «Малъун чи вахъунаро. Цо рокъоб хьихьараб кӏиго лъимадуе батӏи-батӏияб малъи букӏунаро. Амма цояв гӏадилав лъугьуна, цогидас малъго босуларо. Мисалалъе, цояс хӏаракат гьабула гъурщида тӏаде гъурущги лъун, жиндирго мурадалде щвезе рес. Цогидас, маян кодобе кьураб нусазарго гъурущги хвезабун, жеги кьеян вачӏуна. Малъараб босулел лъугьаги лъимал!»

Тарбия буго гӏадамасул чехьалда бараб

Рамазан Мухӏамадов: «Жакъа лъималаз гьабуларо жидерго рукъалъе къваригӏараб жо гурони. Нижер росулъ, мисалалъе, гӏакӏа ахӏула, пуланаб хӏалтӏи гьабизе кколин, жамагӏат бахъаян абун. Гьенире кидаго рачӏуна цого чагӏи. Тарбия буго гӏадамасул чехьалда бараб. Гӏорцӏарасда вакъарав лъаларо. Цӏакъго гӏорцӏун вугони, щибгӏаги жоялъул ургъелги букӏунаро. Дагьабго чехь бакъани, гьелъ кьола тарбия. Ракъи бихьугеги, амма чехь бакъизабуни гурони, тарбия кьун бажаризехъин гьечӏо».

Хӏабиб Мусаев: «Васас малъараб гьабичӏеб мехалъ, «гьев жеги гьитӏинго вугин, лъабго сон гурони бачӏин» абурабила цо чияс. Лъабго соналъ кватӏун вугинха мун гьесие тарбия кьезеян жаваб кьурабила гьесие. Гьарураб къоялдаса нахъего кьезе ккола тарбия лъимадуе. Рокъоб кӏиго-лъабго лъимадуе гӏадлу гьабун бажаруларел чагӏи 30-40 цӏалдохъан цеве вугев учителасда гӏайиб чӏвалеб заман бачӏун буго. Кодоб указкагун гӏадлу гьабулеб заманалъул лъималазул лъугьана лъикӏал гӏадамал. Гьанже лъимералда рагӏи абуни, полиция ахӏула».

Кавсарат Сулейманова