Гъизилюрт шагьаралдаса пенсионер Арсланов Мухтарица битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Цебе лъадуе росасул калам букӏунаан законлъун ва малъаралдаса гьей кьурулароан. Жакъайин абуни, кинабго буго гӏаксалда. Исламалъ чӏужугӏаданалъе изну кьоларо рос яги вац цадахъ гьечӏого хӏежалдецин ине. Амма гьанже руччабазе щун буго хӏатталдаса араб эркенлъи: кафе-рестораналги гьез рахъана, курорт-санаториялги гьез цӏун руго, лъудбуз бахъун буго хъизамазул бетӏерлъиги».
Мухтарица гьаниб цӏияб масъала гуро борхулеб бугеб. Гьелда тӏасан бахӏсалги дагӏбабиги рукӏуна годекӏабахъ. Масала, годекӏанив вукӏарав цо херас абуна: «Ахираб рагӏиги руччабазухъ, гӏарац тӏад бугеб карточкаги лъудбузухъ, бихьинал кколел руго, Пушкинил «О рыбаке и рыбке» абулеб харбида гӏадин, берцин рихьизе, лъудбузда сверун терхолел чагӏи. Тохлъи биччани, чӏужуялъ «Дурачина ты, простофиля!» — ян ахӏиладаян, хӏинкъун рукӏунел тухьулаби», — ян.
Магжилъеги гьимун, цогидас абуна: «Лъудбуз росабазда тӏад кьили лъей бигьаяб жо, кьолода гъоркье тамахаб тӏенкгӏаги рехулебани», — ян.
«Битӏараб буго, лъадудаса хӏинкъуларев рос вукӏунаро, гьелъие нугӏлъи гьабула гьадинаб цо биценалъги», — ян, берги къинкӏун, бицана лъабабилес: «Паччахӏас ракӏарун руго сверухълъиялда ругел киналго бихьинал. Лъун буго кӏиго чадир ва абун буго: жив лъадукьа хӏинкъулин рикӏкӏунев чи а квегӏаб чадиралда жаниве, рикӏкӏунарев – квараналъуве. Цояв хутӏизегӏан, киналго бихьинал ун руго квегӏаб чодрохъе. Гӏицӏго цо чи ун вуго квараналъуве. Гьалгощинал бихьиназда гьоркьоса цохӏо мунищха лъадукьа хӏинкъуларев чиян паччахӏас гьикъидал, гьес жаваб кьун буго: «Лъадуца гьукъун буго дие киназдаго цадахъ ине», — ян.
Нилъеца гӏумру гьабулеб буго гӏадатияб гуреб заманалда: холел руго гӏадатал ва хисулел руго тӏоцебесеб кӏваралъул культуриял бечелъаби. Гьезда гьоркьобе уна рос-лъадуда гьоркьор хъизамалъул тӏадал ишал рикьиги. 50 соналъ цебеги рос кколаан хъизамалъул хӏакъикъияв бетӏер, лъади – сундулъго гьесие мутӏигӏай гӏадан. Цоги рагӏабаздалъун абуни, рос – хъизам хьихьулев чи, лъади – гъансито цӏунулей гӏадан. Жакъа гьеб низам хисун буго, ва гьабсагӏаталда гьедигӏан къанагӏатаб хӏакъикъат кколаро чӏужугӏаданалъ хъизамалъе бетӏерлъи гьаби. Тарихалде ана чара гьечӏого бихьинчи хъизамалъул бетӏерлъун вукӏине кколин абулеб бичӏчӏи. Цере бихьинчияс хьихьулаан лъадиги лъималги, лъади йикӏана тӏуянго гьесда ярайлъун. Малъараб гьабичӏони, росас гьей рокъоса къватӏие гъезе, ай ресукълъиялда тезе бегьулаан. Жакъайин абуни, лъадул харж росасулалдаса цӏикӏкӏараб букӏуна, гьелдалъун хисулеб буго хъизамалда жаниб ахӏвал-хӏал. Щакаб жо гьечӏищха, жиндиегоги лъималазеги хӏажатабщинаб жо чӏезабун бажарулей чӏужугӏадан росасе мутӏигӏай йикӏин.
Жакъа хъизамалъул цевехъан щив кколевин абураб суалалъул буго кӏиго рахъ: гӏарцулаб ва психологияб. Гьайгьай, гьездаса аслияб ккола гӏарцулаб, ай харж лъие цӏикӏкӏун щолеб абураб. Гӏарац балагьунги бажаруларев, богорокъоб кран къачӏазеги лъаларев рос вугей чӏужугӏаданалъ, бокьаниги бокьичӏониги, жиндаго тӏаде босизе ккола хъизамалъул жавабчилъи. Лъади хӏалтӏуда йикӏаго, диванги хинлъизабун, лъималазул тӏалабги гьабун, рукъалъул магӏишатги бачун, чӏужугӏаданалъул пишаялда рос вугел хъизамал къанагӏатги рукӏунаро талихӏал ва щулиял. Гӏемерисеб мехалда гьеб ахӏвал-хӏалалъ рачуна цоял цоязда ричӏчӏунгутӏиялде, дагӏба-рагӏиялде ва хъизамал риххиялде.
Гьеб масъалаялда тӏасан гьабураб цо вагӏзаялда букӏана гьадинаб пикру: «Щияй чӏужугӏаданалъе бокьула жиндаго аскӏов вукӏине къуватав, таваккалав, жавабияв ва жиндирго гӏакълу-чӏаголъиялдалъун хъизамалъул гӏумру-магӏишат бачунев бихьинчи.
Жинцаго хӏукму гьабизе бихьинчи толев гьечӏони яги гьесул хӏукмуялда тӏад релъулел ругони, заманалдасан гьесул гӏамал-хасият хисула, гьесулъ «хола» бихьинчилъи, гьев божула жив гьадингосев тухьули вугин абулеб жоялда. Чӏужугӏаданалъ тарбия кьун гӏезавула бихьинчи. Амма тарбия кьезе бегьула чӏужугӏаданалъулаб куцалда: рокьи ва реэди хӏалтӏизабун; гьединго бихьинчиясул къагӏидаялда: кьварун ва таваккалаб гӏамалалъул жигарлъиялда. Амма чӏужугӏаданалъул ва бихьинчиясул тарбияз кьола кӏиго батӏияб хӏасил. Гӏицӏго унго-унголъунги бажари бугей, таваккалай гӏадан йикӏине бегьула тамахайлъун. Ахӏмакъай гӏаданалъ кидаго жигар бахъула бихьинчиясдаса цее кӏанцӏизе, гьесдаса гучай, таваккалай, цӏодорай ва гӏакъилай йикӏине, цебехъанлъи бахъизе. Тӏабигӏаталъ жиндие бихьизабураб бакӏ ккола гӏакъилай гӏаданалъ росасде тӏамула аманат ва рекъола гьесул хӏукмуялда. Бихьинчи бихьинчилъун лъугьуна жинцаго хӏукму гьабизе бугеб ихтияр гьесухъа бахъулеб гьечӏони, хъизамалъул жабавчилъи гьесда хадуб цӏунулеб бугони, гьесда божулел ругони, гъалатӏ биччанщинахъе гьесда хӏунсулеб гьечӏони, гӏакъилай гӏаданалъ гьесул ракӏ-макӏ гьабулеб бугони. Гӏурусазул кашиш Дмитрий Смирновас абуна:
— Жакъа бихьинчиясул тайпа хун буго, гьесулъ мукъсанлъулеб буго бихьинлъиялъул тӏабигӏат. Гьесулъ бессулеб буго чӏужугӏаданалъул ва лъимерлъиялъул гӏамал. Гӏемерисел бихьинал 35-40 сон базегӏанги хутӏулел руго лъималлъун. Гьел «лъималазухъа» бажарулеб гьечӏо хъизам хьихьун, гьеб цӏунун, жидерго лъималазе тарбия кьун… Гьезухъа бажаруларо бихьинчиясда тӏаде кколел масъалаби тӏуран. Гьединлъидал чӏужугӏадан хъизамалъул бетӏерлъун лъугьин рикӏкӏине ккола рес къотӏараб ишлъун. Чӏужугӏаданалъги гьеб жавабчилъи жиндего тӏаде босичӏони, биххула хъизам.
Гьединаб ахӏвал-хӏал лъугьиналъе буго кӏиго батӏияб гӏилла. Тӏоцебесеб: бихьинлъи-цӏулъи цӏехечӏого, школалда тарбия кьолеб къагӏида, ай васазеги ясазеги цо тайпаялъул тарбия кьей. Кӏиабилеб: дагьал лъимал ругел хъизамазда цӏикӏкӏараб гӏелалъул «лъимадуе» эбелалъ чӏамун карш кьолеб букӏин. Гьеле нужее жакъа лъугьинчӏел бихьинал рукӏиналъе ругел гӏиллаби. Чӏахӏиял хъизамазда васал рукӏуна сундулъго къец бан ва чияда бан гьечӏолъи цӏунун бажарулел, кьварарал ва таваккалал.
Социологаз гьарурал цӏех-рехаз бицунеб буго, чӏужугӏадан хъизамалъул бетӏерлъун лъугьиналъе ругел гӏиллаби:
Кӏвахӏ. Рос кӏвахӏаллъулев вугила, бетӏерги квералги хӏалтӏизарун, хъизамалъул кӏвар бугел масъалаби тӏуразе ва гьев хӏадур вугила хъизамалъул бетӏерлъи, жиндиего бокьун, лъадухъе биччазе.
Гьекъолев рос. Гьекъолдухъанасухъа бажаруларо хъизамалъе бетӏерлъи гьабун.
Бихьинчиясул гӏакълу-пикруялъул мукъсанлъи.
Чӏужугӏаданалъул чорхолъ бессараб цӏакълъи-тӏокӏлъиялъул асар;
Исламалда, хъизамалъул жавабчилъи хӏисабалда, бихьинчиясда тӏадкъан буго бетӏерлъи. Щаклъи гьечӏо, гьеб тӏадкъай буго Тӏадегӏанав Аллагьасул амруялда рекъон гьабураб.
Исламалда ихтияр бащалъи хӏалтӏизабула ихтияр бащалъи хӏажатаб бакӏалда. Бихьиназе кьун руго гьезда данде, ай гьезие хасияталлъун кколел ихтиярал, руччабазе – гьезул хасияталде данде кколел.
Бихьинчи бихьинчилъун вугони, чӏужугӏаданги чӏужугӏаданлъун йикӏунаян абула магӏарулаз. Цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб къагӏида, лъудбузде хъизамалъул жавабчилъиги рехун, дагьа-дагьаб жоги гьабун, рега-рахъун кепалда гӏумру тӏами. Гьединаб куцалда гӏумру тӏамиялъул хӏасил букӏуна пашманаб: хъизам мискинлъула, лъималазул гӏадлу хола ва ахир-къадги гьел ратӏалъула.
Нури Нуриев