Гьал ахириял соназ «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» абураб Тӏолгороссиялъул конкурсалдаса бергьенлъаби ва призалъулал бакӏалги росун тӏадруссунел Дагъистаналдаса мугӏалимзаби. Гьезул цӏикӏкӏуниселги ккола авар мацӏалъул учительзаби.

Гъоркьиса гьеб конкурсалда кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Хунзахъ районалъул Уздалросдал гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель Саида Хӏусенова.

Гьаб нухалда, регионалияб этапалда чӏелги босун, Дагъистаналдаса гьениве гӏахьаллъизе ана Гъуниб районалъул Гъоркьияб Кӏогьориб гьоркьохъеб школалъул магӏарул ва гӏурус мацӏазул учитель Рамазан Гъазимухӏамадов.

Исана къец тӏобитӏиялъе квербакъи гьабуна РФялъул лъайкьеялъул министерствоялъ.

Конкурс гӏуцӏун букӏана лъабго бутӏаялдасан. Тӏоцебесеб — заочными этапалда цӏар букӏана «Медиавизитика». Щивав гӏахьаллчияс лъабго минуталъулаб видео-роликалда бицине кколаан жиндирго хӏалбихьиялъул, хӏалтӏулъ кӏвар кьолел суалазул ва хӏалтӏизарулел хасал къагӏидабазул.

Конкурсалъул финалияб бутӏа араб куцалъул ва жиндирго гӏахьаллъиялъул хӏакъалъулъ бицана Рамазаница нижее.

«Пятигорск шагьаралда тӏобитӏулеб финалияб бутӏаялда гӏахьаллъана РФялъул батӏи-батӏиял субъектаздаса кинавниги 69 учитель.

Гьениб «Педагогикияб мастерская» абураб къецалъул бутӏаялда щивав мугӏалимас бицана лъикӏал хӏасилал кьеялъул мурадалда жидецаго хӏалтӏулъ хӏалтӏизарулел къагӏидабазул. Гьединго кьуна дарсги.

Хадусеб бутӏаялде ворчӏана 17 учитель. Гьениб нижеца бихьизабизе кколаан мастер-класс. Дица кьуна «Рахьдал мацӏ-миллаталъул ракӏ» абураб мастер-класс. Дица дарс кьуна анлъабилеб классалда. Гьел цӏалдохъабазе кӏудияб асар гьабуна Р. Хӏамзатовасул «Авар мацӏ» абураб кечӏалъ.

Ахирисеб, финалияб бутӏаялде ворчӏана анлъго учитель. Гьенибги нижеца бихьизабизе кколаан цоги мастер-класс. Дир мастер-классалда цӏар букӏана «Цӏалдохъабазул лъикӏал хӏасилазул балъголъаби». Гьениб бицана «Моделирование» абураб дица хӏалтӏизабулеб къагӏидаялъул.

Гьеб халатбахъараб къецалъул хӏасилалда дун мустахӏикълъана лъабабилеб бакӏалъе. Дун цӏакъ вохарав ва чӏухӏарав вуго Дагъистаналдаса вакил хӏисабалда гьенивги гӏахьаллъун, Россиялъул бищун лъикӏал рахьдал мацӏалъул учительзабазул мухъилъ дир цӏарги рехсеялъ. Дица гьаб бергьенлъиги сайгъат гьабула киналго дир ракьцоязе. Рикӏкӏада ругониги, гьезул божилъиялъги, берцинаб рагӏудалъун гьабураб кверчӏваялъ дие кӏудияб къуват кьолеб букӏана гьениб», — ян бицана Р. Гъазимухӏамадовас.

Гьалеха, исанаги, гӏемерал соназ цоцахъе кьун бачӏинеб бугеб бергьенлъиялъул тӏил, Рамазаницаги гӏодоб лъезе течӏого, нахъойги борхана.

Ракӏ-ракӏалъ баркула Рамазанида гьеб кӏудияб бергьенлъи! Гьарула хадубккунги, чӏахӏи-чӏахӏиял борхалъабазде роржен гьабизе къуватги, икъбалги, чорхое щулияб сахлъиги!

Мухӏамад Манапов