24 сентябралъ Махӏачхъалаялъул кӏудияб майданалда «Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул цолъиялъ» ва Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъ тӏобитӏизе буго «Эбелалъул хъахӏаб шал» абураб, Фазу Гӏалиевалъул 90 сон тӏубаялда хурхун гьабулеб, берцинаб тадбир.

МВД-ялъул минаялда аскӏосан, хъахӏал шалал ва гормендаби чӏварал руччаби, ясал, кодор гӏертӏалгун, тӏугьдулгун рилълъине руго, майдан къотӏун, Фазу Гӏалиевалъул памятникалъухъе. Гьениб цӏализе буго гьелъул «Эбелалъул хъахӏаб шал» поэма ва цогидалги асарал.

Тадбир байбихьизе буго сагӏат лъабгоялда. Чара гьечӏеб шартӏ — хъахӏаб шал яги гормендо. Гӏахьаллъи гьабизе бегьула бокьанщиназ.

Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана тадбиралъул гӏуцӏарухъабазул цояй, «Авар мацӏалъул мугӏалимзабазул ассоциациялъул» нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъ.

— Фазул «Эбелалъул хъахӏаб шал» поэма цӏаларабго, хъахӏал шалалги чӏван Фазул памятникалда цебе цӏализе лъикӏан гьабилан ккана ракӏалде. Майдан къотӏун доре унел чӏана цере. Ичӏго-анцӏго чи гьенисан унилан, рихьизего рихьиларин, 500 хъахӏаб гормендо унеб бугони Фазухъе, кигӏан берцингодай букӏинаян ккана. Гьевгощинав чи Фазухъеги рилълъун цо поэмаги цӏалунищха рукӏинел? Киналго миллатазул мугӏалимзабиги лъималги журана гъорлъе кучӏдул цӏализе.

Йилълъана шагьаралъул Администрациялъулгун дандбазе. Цӏакъ рохана, цадахъ тӏобитӏилилан къотӏи-къай гьабуна. Амма рес гьанже гурони ккечӏо.

Тадбиралъул мурадги буго Фазу Гӏалиевалъул асаразул берцинлъиги, гъварилъиги, борхалъиги, цо асарги кьочӏое босун, кӏванагӏан гӏемерал ясазда рагӏизабизе, бичӏчӏизабизе ва гьеб берцин бихьизабизе. Фазу Гӏалиевалъ ясазелъидал бищун гӏемераб гӏакълу, малъа-хъваял нахъе тун ругел. Гьадинаб ракӏалдаса унареб тадбирги гьабун, Фазул асарал гӏадамазухъе щвей, гьеб цӏализе гъира борчӏизаби, цӏаларалда нахърилълъине кантӏи — гьеле аслияб мурад, — ин бицана Баху Мухӏидиновалъ.

Ашахан Юсупов