21 сентябралда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна гражданазул цо бутӏа рагъулаб хъулухъалде ахӏизе бугин абун. Мобилизация байбихьизе буго рехсараб лъазаби къватӏибе кьураб къоялдаса, ай 21 сентябралдаса нахъе.
Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гӏахьаллъизе кинавниги ахӏизе вуго 300 азарго чи. Гьезда гьоркьоре, тӏоцебесеб иргаялда, уна рагъулал операциязда гӏахьаллъиялъул рахъалъ хӏалбихьи бугел ва гьабсагӏаталда запасалда ругел аскариялги армиялъе хӏажатаб махщел бугел гӏадамалги. Чан моцӏалъ яги къоялъ гьез хъулухъ гьабизе кколебали бицунеб гьечӏо.
РФялъул обронаялъул министр Сергей Шойгуца абуна, СВО унеб бакӏалде солдатал-срочникал рачине гьечӏилан. Гьелде тӏадеги, мобилизациялда гьоркьоре ккезе гьечӏо оборонаялъул предприятиязул хӏалтухъабиги.
Путиница абухъе, мобилизациялда рекъон армиялде ахӏарал аскариязе кьезе буго контрактниказего гӏадаб харж. Военкоматалъ ахӏун хадуб армиялда хъулухъ гьабизе инкар гьабурав чиясе тамихӏ гьабизе буго – лъабгогӏан соналъ туснахъ гьавизе вуго.
Дагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Сайгидпаша Гӏумахановас абуна, жив хӏадур вугила, Украинаялда хасаб операция тӏобитӏулаго, Россиялъ жинда церелъурал масъалаби тӏуразариялъулъ жигараб гӏахьаллъи гьабизе. «Запасалда вугев полковник ва Дагъистаналъул халкъазул ополчениялъул къокъабазул нухмалъулев хӏисабалда, Бетӏерав командующий Владимир Путинил приказалда рекъон, дун хӏадур вуго бокьараб заманалда дир тӏолабго лъайги, къуватги ва ресги кьун, ДНРалъулги ЛНРалъулги ва дунялалъул бокьараб бакӏалда гӏумру гьабулел нилъерго улкаялъул халкъазе хӏинкъи гьечӏолъи цӏуниялъул мурадалда лъурал масъалаби тӏуразаризе», — ян абуна гьес.
Дагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат, генерал-майор Гӏабдулхӏаким Хӏажиевасги лъазабуна Украинаялда тӏоритӏулел рагъулал ишазулъ гӏахьаллъизе жив хӏадур вугин абун. Цӏиял харбазул Федералияб Агентствоялъе кьураб жавабалда гьадин абулеб буго депутатас: «Генерал ва рагъулав офицер хӏисабалда, дица, кинабгӏаги щаклъи гьечӏого, рахъккола Тӏадегӏанав Бетӏерав командующий Владимир Путинил ва хӏадур вуго бокьараб заманалда, приказалда рекъон, депутатасул тахбакӏги тун, рагъухъанасул форма тӏад ретӏине», — ян.
Гьес тӏадеги абуна, хасаб рагъулаб операция тӏобитӏиялъул рахъалъ Россиялъул президентасул тӏубанго рахъкколин абун. «Ракӏчӏун абила: гьеб буго, бакътӏерхьул улкабазул нухмалъулел ракълилаб къотӏи гьабизе рачӏунгутӏиялъ Москваялъ чарагьечӏого тӏамизе ккараб гали», — ян пикру загьир гьабуна генералас.