Ургъел гьечӏолъиялъул хӏасил
Чӏунтарал росаби цӏигьаризе цӏакъ захӏмалъила
Араб гӏасруялъул ункъабилел соназдаго улкаялъул газетазда хъвалеб букӏана Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда 17 азаргоялдаса цӏикӏкӏун росу чӏунтун бугин. Гьел чӏунтиялъе гӏиллаги – росабиги рехун тун гӏадамал шагьаразде гочин. Доб заманалда Дагъистаналъул магӏарухълъиялда хъинтӏулеб суал гьеб букӏинчӏелъул, гьеб масъалаялде кӏвар кьолел чагӏи республикаялда къанагӏатги рукӏинчӏо. Амма, заман арабгӏан, гьеб унти нилъедеги бахана ва рехун тарал, чӏунтизе тарал росаби Дагъистаналдаги гӏемерлъизе байбихьана.
Оцихъ
Анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун соналъ цебе «Северный Кавказ» газеталда бахъараб макъалаялда дица хъван букӏана Цӏунтӏа районалъул Оцихъ росдал хӏакъалъулъ. Гьеб буго кутакалда тӏабигӏат берцинаб, рохьаз сверун ккурал мугӏрузда гьоркьоб бакӏалда, ай майданлъиялда бугеб росу. Сверухъ руго цӏорорал иццалги, гьайбатал харибакӏалги. Пайда щиб, тӏабигӏаталъул берцинлъиялдасаги гӏадамаз гӏумру гьабиялъе бигьаял шартӏал ругеб бакӏ тӏасабищулеб гӏадат бугелъул, дагь-дагьккун гӏадамалги гӏатӏиракьалде гочун, янгъизго хутӏана гьеб росуги. Жакъайин абуни росулъе тӏадруссине бокьарал гӏезегӏан руго. Шапихъ росдадаса кӏигогун бащдаб километралъул манзилалъ рикӏкӏад бугеб росулъе шагьранух гьечӏолъиялъулцин гӏадамазе ургъел гьечӏоан, гьенибе бачараб токгӏаги букӏарабани. Гьелъул бицун гӏемер хъвадарана оцихъел, амма добго хурив довго Мусайин абухъе хутӏана гьеб суалги. Къогогӏанасеб цӏаракиги байбихьул школаги букӏараб росулъ жакъа цо чи хутӏун вуго чанго чӏегӏерхӏайванги, нусгоялдаса цӏикӏкӏараб бетӏер гӏи-цӏцӏаназулги хьихьун.
Азилтӏа
Ралъдал гьумералдаса кӏиазарго метралъул борхалъуда буго Азилтӏа росу. Гьеб росдал жамагӏаталъул кидагосеб гӏарз букӏунаан гьекъолеб лъел къварилъи бугин. Кӏиго-лъабго километралъ рикӏкӏадаса бачараб лъим, хасало цӏоролаан ва гӏадамалги цӏакъ кӏудияб къварилъиялде кколаан. Росдал рагӏалда бугеб гьитӏинабго къулгӏадухъа гӏадамазе гьекъезе цо-цо ведро лъел гурони босизе биччалароан, боцӏуе гьекъезе лъим хӏадурулаан гӏазуги биинабун. Сверухъ берцинаб тӏабигӏатги рекьулел ракьалги рукӏаниги, азилтӏасел хӏажаталлъун ккана цоял Шаурире, цогидал гӏатӏиракьазде гочине. Гьедин чӏунтана кӏикъогогӏан цӏаракиялъ жаниб гӏумру гьабулеб букӏараб саламатаб росу. Жакъа Азилтӏе бахъун буго нух, лъун буго гьениб телевышка, риидал шаурисез хӏораб боцӏиги хьихьула гьезул магъилъ. Амма лъел суал тӏубалебани, азилтӏасезда жакъаго ракӏалда буго умумузул ракьалде тӏадруссине.
Гӏалимзабазул къимат
Цӏунтӏадерил ракьазде кидагосеб кӏваркьей букӏана гӏалимзабазул. Дагьал церегӏан соназцин Дагъис-
таналъул гӏелмияб централъул тарихалъул ва археологиялъул институталъул экспедициялъ бихьизабуна Мокъокъ росдада аскӏор ратарал шагӏил тӏагӏелазул цӏех-рех гьабидал, баянлъун буго гьениб гӏадамал ни-лъер эраялде щвелалде ункъазарго соналъ цебе гӏумру гьабун рукӏараблъи. Гьелъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала бахъун букӏана «Новое дело» газеталдаги. Лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун соналъ цебе, Англиялъул Оксфордалъул университеталъул профессор Роберт Черсинерица бицун букӏана Чалях росдада тӏадехун бугеб «Ясикӏабазул» магӏарда нилъер эраялде щвелалде азарго соналъ цебе цо ингилисасул ювелирияб мастерская букӏун бугилан. Гьенир ратарал мазгарул тӏагӏелал жакъаги руго Тохо-Годил цӏаралда бугеб музеялда. Гьелъул хӏакъалъулъ гӏелмияб хӏалтӏиги хъван буго гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзеца «Археологические находки Дидо» абураб цӏаралда гъоркь.
Къого соналъ цебе, анкьго-микьго чиясдаса гӏуцӏараб Дагъистаналъул гӏелмияб централъул «Ботаникияб ахалъул» экспедициялъул хӏалтӏухъабиги щвана Мокъокъире. Чанго къо индал дица гьезда цӏехана щибго пайдаяб жого батанищин. Мокъокъ росдадаса бакъбаккул рахъалда бугеб рохьоб цо кинабалиго хьон батанин, гьелъие гӏоло рачӏаралги рукӏанин жал гьаниреян бицана экспедициялъул нухмалъулев Мусаев Гӏабдулвахӏидица. Гьеб букӏун буго Кузнецовасул рябина абун цӏар лъураб, араб гӏасруялъул байбихьуда гӏицӏго Цӏунтӏа батараб «нигӏмат». Гьелдаса нахъе чанго нухалда бачӏана Цӏунтӏе «Ботаникияб ахалъул» экспедиция, рахана анкьго километралъ рикӏкӏад бугеб, цониги чияс гӏумру гьабулареб, рехун тараб Гъалолъ росулъеги. Пикру букӏана гьениб ахазул база гьабизе, амма… Жакъа гьенибе бахъун буго нух, цо-цо чияс бекьула картошка, бецула хер.
Дол соназ дица даруял хурдузул лъебергогӏанасеб хъап кьун букӏана «Ботаникаялъул ахалъе». Доб Кузнецовасул рябинаги бекьун буго Гъуниб бугеб ахалъул базаялда.
Гьабизе бокьани… букӏуна
Цебе цӏакъ гӏемерав турист вачӏунаан Цӏунтӏа районалде. Гьебгиха – къватӏисел улкабаздаса. Масала, СШАялъул Калифорниялъул университеталъул профессор Бернард Комри гӏажаиблъун хутӏун вукӏана нилъер гьаб ракь бихьун ва гьес абулеб букӏана нуж туризмалъ кваназаризе ругин. Чанго соналъ цебе «Дагъистаналъул правда» газеталда бахъараб «Дидояз мугӏрул толел руго» абураб дир макъалаялъе, доб заманалда республикаялъул туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъун вукӏарав А. Карибовас жаваб кьун букӏана Цӏунтӏа туризмалъул структураби гьечӏин ва магӏарухъе ганчӏалги кваназе, хъошаздаги регизе туристал рачӏунарин. Гьал къоязда рагӏана Шауриса Хӏажиев Мухӏамадица, лъикӏаб минаги бан, туристал рещтӏиналъе ва гьел доре-гьанире рачиналъе Туризмалъул министерствоялъулгун къотӏи-къай гьабун бугилан.
Тарихалъ нугӏлъи гьабула
Араб гӏасруялъул ункъоабилел соназда, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул мацӏазул ва литератураялъул институталъул директор, академик Хӏамзатов Хӏажица дун витӏана гуржиязул профессор Иосиф Мегрелидзехъе цересел соназ Цӏунтӏаса бакӏарараб фольклоралъулаб материал босизе ва гьеб Москваялда биччалеб фольклоразулаб сборникалда лъезе. Мегрелидзе ккола 30-40-абилел соназ Цӏунтӏаса гӏемерал маргьабигун харбал ракӏарарав чи. Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гьумер дица къачӏан кьуна институталде, гуржиязул профессорасухъаги босун. Мегрелидзеца бицун букӏана, анцӏила ичӏабилеб гӏасруялъул гьоркьохъел соназда дидоязул вукӏун вугин ункъоазарго чи. Гьедигӏан гӏадамал рукӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинаб хӏужаялъги. Гуржиязул хъвадарухъан Григор Абашидзеца жиндирго тӏехьалда хъван рагӏула Кӏахетиялъул хан Тамарал яс Русуданица ахӏи бан бугин кумек гьарун, персиязги турказги жидее рахӏат толеб гьечӏилан. Гьеб ахӏиги къабул гьабун, мадугьалзабазе кумекалъе Цӏунтӏаса ун вуго анлъазарго рекӏарав.
***
Жакъа щиб хӏалха бугеб? Гьеб суалалъе жаваб кьела Асахъ росдахъ балагьун: гьениб хутӏун руго гӏицӏго чӏваднал, цониги чияс гӏумруги гьабулеб гьечӏо. Гьеле гьединаб буго жакъа мугӏрузул росабазул къисмат.
Гӏиса Гӏабдулаев