Талихӏалъе гӏорхъи букӏунаро

Гӏадатияб гуреб рукӏа-рахъиналъул гӏадамазул хӏакъалъулъ

Гӏолилазул субкультура (гӏадатиял гӏадамаздаса ратӏлидалъун яги гӏамал-хасияталдалъун ратӏа-рахъиялъул къагӏида) цебетӏун бачӏана гьал ахирал соназда ва жакъаги нилъеда гьоркьор гӏемер руго гьединал. Ракӏалде ккезе бегьула цӏикӏкӏараб къадаралда бусурбабаз гӏумру гьабулеб нилъер республикаялда гьединал чагӏи къанагӏат гурони ратиларин. Амма, бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьани, гьединал гӏемер дандчӏвала. Рехсезин республикаялъул тахшагьаралда дандчӏвалел субкультураби.

«Байкерал». Гьел ккола мугжулги тарал, ботӏрол расги халатал гӏолохъаби. Мотоцикл, пиво ва рок-музыка гьечӏого жидерго гӏумру цебечӏезабизецин кӏоларо гьезда.

«Махӏачхъалаялъул» хипстерал. Гьел модаялда ва искусствоялда хадур чӏун рукӏуна, гӏенеккула альтернативияб музыкаялъухъ ва хинди-рокалъулъ. Техника ва социалиял гьинал гьечӏого гьезда гӏумру гьабун бажаруларо. Политикаялъулги гьезие кинабгӏаги кӏвар букӏунаро. Гьеб тайпаялъул гӏолилазе кӏвар бугеб жолъун ккола инсанасул жанисеб дунял гуреб, гьесул ретӏа-къай. Щивав хипстерас рикӏкӏуна живго творческияв чилъун. Узухъда, гьединал, ай тӏасан къачӏарал, ратӏлил гуреб ургъел гьечӏел гӏадамал программисталлъун яги юристаллъун хӏалтӏулел рихьизе ресго гьечӏо.

Фанатазул субкультура. Гьезда гьоркьоре уна футболалъул фанаталги. Гьединал гӏадамал нилъеда гьоркьорги гӏемер ратизе бегьула. Гьезул руго жидерго хасал СМИял — «фанзины» абулел. Гьел ккола фанатазе риччалел хасал журналал.

Гӏемерисезда лъала щал чагӏи эмо, гот ва хиппи къо-къаялъул гӏадамал кколелали. Гьединал къокъаби нилъер республикаялда рати щакаб жо буго. Амма дандчӏвазе бегьула гьанже раккарал цӏиял субкультураби: «ванильки», «тамбер герл» ва «кореялъул карачел».

«Ванилькабазде» гъорлъе уна гӏолохъанал ясал. Гьел ккола гӏумрудул хӏалбихьи гьечӏел, сундаго божулел, талихӏаб гӏумруялъул анищазда рукӏунел ясал. Цогидал субкультурабазулго гӏадин, гьезулги букӏуна жидеего хасиятаб ретӏа-къай.

«Тамбер герл» абурал ккола модаялда рекъон къачӏа-кӏатӏалел ясазул цо къокъа. Гьезул гарбазда бухьун букӏуна чӏегӏераб тӏеренаб рачел, канчӏал кьераз белъун букӏуна рас. Аслияб къагӏидаялъ гьел ккола Тамблер абулеб сайталда хъвадарулел ва гьенир жидерго гӏадатиял гурел суратал лъолел гӏолилал.

«Кореялъул карачел» ккола югалъулаб кореялъул музыкалиял къокъабазул ва артистазул творчество бокьулел фанатал.

Ахираб заманалда нилъеда дандчӏвазе бегьула компьютералъул столалдаса нахъего рахъунарел гӏолилал. Я дунялалъул яги сверухъ лъугьа-бахъунелъул ургъел гьабуларел гьезда абула «хикикомори» абун (живго жиндаго чӏей). Гьединазда абула дунял рихарал чагӏийиланги.

Мадинат Ибрагьимова,

ДГУялъул филологияб факультеталъул

2 курсалъул студентка