Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде

Ичӏабилеб июлалда «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏана «Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде» абураб темаялда «гургинаб стол». Гьениб бицана республикаялъул машгьурав политикасулги жамгӏияв хӏаракатчиясулги хӏакъалъулъ рахъулел ругел тӏахьазулги гьесул ирсалъул тӏалаб гьабизе ккеялъулги хӏакъалъулъ. Данделъиялда гӏахьаллъана жамгӏияв хӏаракатчи, Москваялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталъул профессор, тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировги, ДАССРалъул культураялъул министрлъун хӏалтӏарав тарихчи Гӏабдулатӏип Хӏажиевги, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловги, гьесул заместитель Зикрула Илясовги, Данияловасул гӏагарал чагӏи Мухӏамад Якумовги, Гӏали Данияловги, ГТРКялъул журналист Мухӏамад Ахӏмадовги.

Гӏабдулатӏип Хӏажиевасги Мухӏа-мад Гӏабдулхабировасги хъвана Гӏабду-рахӏман Данияловасул хӏакъалъулъ тӏахьал. Данделъиялда гьез бицана, тӏахьал хъвалаго, жидехъего щварал цӏиял баяназул хӏакъалъулъги. Борхана цӏакъ кӏвар бугеб масъалаги. Мухӏамадица гьадин абуна гьелда бан: «Америкаялъул щивав президентасул буго хасаб музей. Гьенир сокӏкӏун рукӏуна президентасул гӏумруялъулги политикиябгун жамгӏияб хӏаракаталъулги бицунел экспонатал. Данияловас гӏадинаб лъалкӏ тарав Дагъистаналъул нухмалъулев вукӏинчӏин абизеги бегьила. Амма гьабсагӏаталда гьечӏо гьесул музей. Гьеб рагьизе мустахӏикъавги вуго гьев. Гьелъул тӏалаб гьабизе ккела магӏарулаз. Музей гӏуцӏизе бегьула Махӏачхъалаялда бугеб Данияловасул рокъоб. Буго гьелда бан 2003 соналдаго тахшагьаралъул мэриялъ гьабураб хӏукмуги. Амма, батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, музей рагьия-лъул иш цебехун туркӏулеб гьечӏо», — ян.

Данделъиялъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъвазе буго «Хӏакъикъаталъул» хадусеб номералда.

Хӏадур гьабуна Муса Азаевас.