Умумузул тарих билулеб буго

2016 соналда Дагъистаналда гӏуцӏана маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентство

Агентствоялда церечӏарал аслиял масъалабазулги гьабулеб хӏалтӏулги хӏакъалъулъ бицана «Хӏакъикъаталъул» редакциялда тӏобитӏараб «гургинаб столалда».

«Миллиябгун маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентство ккола пачалихъияб идара. Гьеб рагьана 2017 соналъул тӏоцебесеб январалда. Гьелда тӏалъула некӏсиял памятникал цӏуниялъе тадбирал гьари. Нижер идараялда хӏалтӏулев вуго 16 чи. Лъагӏалида жаниб нижер хӏаракаталдалъун пачали-хъияб реестралде босана 6354 объект. Анкьнусгоялдаса цӏикӏкӏун памятника-лъул гӏорхъи чӏезабуна, ай бакӏалъул администрациялда бичӏчӏизабун, гьезда аскӏоб, 200 метралъул манзилалда кинабгӏаги бакӏ базе бегьулареблъи», — ян бицана Дагъистаналъул миллиябгун маданияб нахърател цӏуниялъул рахъалъ агентствоялъул отделалъул нухмалъулев Гӏабдулмажид Гӏабашиловас.

Данделъиялда аслияб кӏварбу-ссинабуна халкъалъул тарихалда лъалкӏ тарал бакӏал цӏунизе ккеялде. Масала, магӏарухъ руго некӏсиял сиял. Гьел басралъун, риххун унел руго. Щибаб росдал сиялъул буго хасаб тарих. Сиязда цадахъ тӏагӏине бегьула росдал тарихалъул бутӏаги. Гьел къачӏаялда бан, гьадинаб баян кьуна федералияб даражаялъул памятникал цӏуниялъул отделалъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Набиюлла Аллаевас: «Нижер буго пачалихъияб программа. Амма гьелде биччан букӏараб гӏарац тӏаса къотӏулеб буго.

Маданияб нахъраталил, цо бакӏ къачӏаялде уна гӏемераб заманги гӏарацги. Гьелдаса чанцӏулго бигьа-лъула цӏияб мина базе. Пуланаб бакӏ къачӏазе кколин абун, хӏадуризе ккола хитӏаб. Гьеб битӏула экспертазухъе ва гьез чӏезабула объект тарихиябгун маданияб кколищали. Букӏине ккола лъабго гьединаб экспертиза. Цо экспертизаялъухъ кьезе ккола гӏага-шагарго 100 азарго гъуруш. Памятниклъун ва кӏварбугеб объектлъун кколеблъи чӏезабун хадуб, гьеб босула федералияб сияхӏалде. Гьелдаса хадуб хӏукму гьабизе ккола гьеб къачӏаялъе гӏарац би-ччаялъул хӏакъалъулъ. Гьабсагӏаталда нижер аслияб мурад буго тӏабигӏиялги тарихиялги памятникал гӏадамаз хвезарунгутӏи. Масала, гьениса минаялъе гамачӏ бахъун батула, сиялда жаниб хасалоялде хӏадурараб хер цӏунула ва гь.ц. Памятникалда гӏагарлъухъ, 200 метралъул манзилалда, кинабгӏаги бакӏ базе бегьулареблъи бичӏчӏизабизе ниж щвана районазул бутӏрузухъеги».

Маданиябгун тарихияб памятниклъун рикӏкӏуна: археологияб хӏужа – 100 соналдаса цебеккун букӏараб; тарихиябгун маданияб хӏужа – 45-50 соналъ цебе букӏараб. «Рамазан Гӏабдулатӏипов нухмалъиялда вугеб заманалда, къабул гьабуна «Сиял» абураб проект. Гьелда рекъон къачӏана Анцухъ, Муни, Къахӏиб ва цо чанго росулъ ругел сиял. Гьелги – цоял мухӏканго, цогидал – ресалда рекъон. Ирга щвечӏо Гьоор росдал сиязде – гьел рикӏкӏуна Дагъистана-лъулго чӏухӏилъун.

Абула туризм цебетӏезабизе кколин. Амма туристазги зарал гьабула памятниказе. Масала, сиязухъе щварал туристаз рехула бухӏунхутӏал – гьездаса цӏа рекӏиналъул хӏужаги ккана. Махӏачхъалаялъул Данияловасул къотӏноб бугеб музеялъул минаялда кьватӏелал ккана – аскӏосан КамАЗал хьвадиялъул хӏасилалда. Гьукъизе ккана гьениса юк баччулел чӏахӏиял машинаби рачине. Гъуниб росулъ гӏуцӏана тарихияб инсталляция. Гьениве вачӏана 2000-ялдаса цӏикӏкӏун чи. Гӏадамал гӏемерлъиялъги зарал ккезабула некӏсиял минабазе», — ян бицана Гӏабашиловас.

Гьес рехсана гьадинаб мисалги. Гӏахъуша росулъ букӏана Шамил имамасул наибасул мина. Гьеб миллиябгун маданияб ирсалда гьоркьобе унеблъи лъалаан росдал администрациялъул бетӏерасда. Гьеб минаялъул къадалъа ганчӏал рортулел ругин абун, кагъат

хъвана гьес районалъул идарабазде. Минаялда кверхъвазе бегьуларин лъазабуниги, наибасул мина тӏубанго биххизабун батана. Прокуратураялъ хӏукму гьабун батана, гьеб ишалда гьоркьоб такъсир гьечӏилан абун. Амма нижеца гьеб гӏадлу-низамалде бачӏинабуна.