2018 соналда субсидиял кьуна росабалъ гӏумру гьабулеб 326 хъизамалъе
ДРялъул Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул нухмалъулевлъун Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов тасдикъ гьавидал, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильевас гьесда тӏадкъана гранталги субсидиялги кьеялъул программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏалтӏи.
Гранталги субсидиялги кьолел руго «2014-2020 соназда росдал магӏишат цебетӏезабиги, росдал магӏишаталъул къайиги, кванил нигӏматалги, гъарсиги (сырьё) бичулеб базаралда низам гьабиги» абураб ДРялъул пачалихъияб программаялъул «Росабазул чӏара-хьараб цебетӏей» подпрограммаялда рекъон.
Рехсараб подпрограммаялда рекъон, гранталги субсидиялги кьола росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазул рукъзабахъ лъикӏал шартӏал чӏезариялъул мурадалда. Кьола гьел росабалъ хӏалтӏизе арал гӏолохъанал махщелчагӏазул хъизамазеги. Гьединал хъизамазул сияхӏал тасдикъ гьарула министерствоялъ ва гьезул кьучӏалда щибаб хъизамалъе кьола «росулъ мина базе (яги босизе) социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ» свидетельство. Свидетельствоялда рекъон, банкалда рагьула счет ва гьенибе рехула кумекалъе биччалеб гӏарацги.
Исана гьединаб кумекалъе федералиябги республикаялъулабги бюджетаздаса биччан буго 188,5 млн гъуруш. Социалияб кумек гьабиялъул хӏакъалъулъ свидетельство кьун буго 326 хъизамалъе, гьезда гьоркьоса 228-яб ккола гӏолохъанаб хъизан ва гӏолохъанал махщелчагӏи. Кумек гьабизе буго Бабаюртги, Тарумовкаги, Казбекги, Шамилги, цогидалги районаздаса гӏадамазе. Батӏи-батӏияб буго щибаб хъизамалъе кьолеб гӏарцул къадарги – 200-300 азаргоялдаса миллион гъуршиде щвезегӏан. Гьелъул роцен чӏезабула хъизамалъ гӏумру гьабулеб бугеб бакӏги хӏисабалде босун.
Дагьалъ цебе свидетельствоялда ре-къон кумек щвана Гъарабудагъкенталдаса Мариям Изамудиновалъеги, Адавият Ахӏмадовалъеги, Къоркъмасхъалаялдаса Атай Шамиловасеги.
Министерствоялъул кумек щвезе бокьарав чияс хитӏаб гьабизе ккола бакӏалъулаб администрациялде. Гьелдаса хадуб, хасаб комиссиялъ актги гьабун, чӏезабула пуланаб хъизамалъул мина капиталияб хӏалалда къачӏазе ялъуни гьезие цӏияб мина базе кколин абураб. Гьеб хӏукмуялда рекъон, хъизамалъул цӏар хъвала сияхӏалда ва гьеб районалъул администрациялде битӏула.
Субсидиялъул гӏарац бачӏуна хасаб счеталде. Гьелдаса гӏарац бахъизе бегьуларо – мина базе хӏажатаб къайи бичулеб тукадулгун гьабураб къотӏиялда рекъон, гьениса босараб къайиялъухъ гӏарац рехула тукенчиясул счеталде.
Бэла БОЯРОВА