«Рорчӏами, «Хӏакъикъаталъулал», цо гӏарз буго дир, лъихъе иневали лъаларого лъагӏелалъ жаниб бихъарулеб», — ин, махсара хӏисабалда хабарги байбихьун, кӏалъана нижехъе цо магӏарулав. — Хӏалтӏул къваригӏелалъ магӏарухъе-нахъе гӏемер щолев чи вуго дун. Рохел букӏуна къойидаса къойиде лъикӏлъулел нухал рихьидал, кӏудияб бигьалъи лъугьунеб буго халкъалъе. Масъалаялъул бицани, Гьолокь росулъе щолаго гӏурумухъда бугеб районазда гьоркьосеб шагьранухлул бутӏа тӏун аралдаса гӏезегӏанго заман ана. Гьеб бакӏ къачӏаялъе гьабулеб хӏалтӏигойищ гьечӏеб, лъил жавабчилъиялде гьеб кколеб? Щай нужеца гьеб суал борхулареб?»
Узухъда, цохӏо чияс кьураб суал гуро нижее гьеб. Бицен гьабулеб ччукӏараб нухлул бутӏа чанцӏул дидагоги бихьана, лъагӏалица гьедин теялда гӏажаиблъиги гӏолеб букӏана. Магӏарул ункъо мухъалде, ай Шамил, Лъаратӏа, Цӏунтӏа районазе ва Бежтӏа участкаялде автомашинаби хьвадулеб нух буго гьеб. Шагьаралдаса росабалъе кирпичгицин баччулеб гьаб заманаялъ, кигӏан хӏинкъиха бугеб гьениса хьвадулел бакӏал машинабазе. Хӏакъикъаталдаги, нухлул бутӏа тӏун араб рахъ буго къварилъун, жеги хӏинкъараб хӏалалъ рагӏаллъабиги кьватӏ-кьватӏун. Гьеб масъалаялъул цӏех-рех гьабизе нижеца байбихьана Гьолокь росдал бегавул Мухӏамад Гӏалиевасдасан.
— Нижерги гӏезегӏан рахӏатхвараб масъала буго гьеб, бугониги росдаца яги районалъ гьабулеб иш гьеб гуро. Кӏудияб хӏалтӏи гьабизе кколеб бакӏ буго. «Дагъавтодоралъул» специалистал рачӏана гьанире чанцӏулго. Амма гьезул сметаялда рекъон данде кколарого бугеб къагӏидаха хӏалтӏи байбихьизе. Гӏадамазул минаби ругелъул ччукӏараб нухлул ракьанда. Гьел минаби рарал ракьалги руго 90-абилел соназдаго гӏадамазе кьурал, церего хӏалтӏизарулел. Гьелда бан смета чанцӏулго хисизабизе кколеб бугинги абулеб буго нухазул идараялъул махщелчагӏаз. Нилъер заманаялъ тӏубазабун бажарулареб масъала букӏинаро, амма гьабсагӏат байбихьараб хӏалтӏи гьечӏо, — ян баян кьуна гьакьадерил бегавулас.
Тӏаде щолеб хасалихълъиги бугелъул, гӏемерав чияс рахӏатхвейги гӏажаиблъиги загьир гьабулеб буго нух ччукӏараб бакӏалъул бицун. Мухӏканлъи лъазабизелъун нижеца бухьен гьабуна ГКУ «Дагестанавтодор» идараялъулгун. Гьезул пресс-хъулухъалъ кьураб баяналда рекъон, гьал гӏагарал къояз байбихьизе рагӏула Гьолокь ччукӏараб нух къачӏазе. Гьеб нахъбахъун хутӏиялъе гӏиллалъунги гьез рехсолеб буго хӏалтӏи гьабизе гӏезегӏанго захӏматаб бутӏа гьеб букӏин. Къадал ранги, бетон тӏунги къачӏазе кколеб бакӏалъул манзил гӏезегӏан кӏудияб бугила, ччукӏараб бакӏалъул борхалъи рагӏула лъеберго метралдасаги араб, халалъи — нусго метралдаса цӏикӏкӏун.
Хӏалкӏвараб кумек гьениб Шамил районалъул нухмалъулезги гьабулеб бугин бицана «Дагестанавтодор» идараялъул пресс-хъулухъалъ.
Лъицаго бицинчӏониги лъалеб жо буго, гьединаб бакӏалда масъала тӏубазабизе ккани, квалквалалъе тӏоцебе ракьазул суал букӏунеблъи. Ах-хуралда, мина-къаялда хъвазе гӏадамазе бокьуларо, киналго разияб хӏукму, хӏасил гьабизеги бигьалъуларо.
Аваргӏор гуребги, хьолбохъан чваххулеб Тобтил лъимги кваналеб, кьучӏда къед гуреб, кьуру гьечӏеб, салулгун гӏурул ханазул, гъенон унеб ракьалъул бакӏ буго гьеб. Гьедигӏан чамгӏалаб рагӏаллъуда шагьранух гьабиги, щиб кканиги гьеб гӏатӏид гьабизе ресго гьечӏеб хӏалалда минаби разе тейги гьечӏищха метериселъул кӏваргьечӏолъи.
Рехсараб нухлул бутӏаялда гьабулеб хӏалтӏуда хадуб нижерги халкквей букӏине буго, цӏалдолезеги бицина.