Мун довайищ вугев, магӏарул имам,

Инсул тӏалъиялъул тӏабгӏалъул бутӏа?

Тӏаде вахъун Шамил вачӏуна дихъе,

Дун дова гьечӏилан, дун гьанив вугин.

Дора ракьулъ ругин янгъизал рукьби,

Рокьи, хӏасрат танин Дагъистаналда.

Доба къеркьеялъул къанщарал берал,

Къо гьалдараб гъугъай ичкери рохьахъ.

17 сентябралда имам Шамил гьавуралдаса 225 сон баялъул хӏурматалда Авар театралда тӏобитӏана адабияталъулгун маданияталъул тадбир. Шагьараздасаги районаздасаги гьенибе гьеб сордоялъ гӏемераб гӏалам бакӏарун букӏана. Гӏодор чӏезе бакӏ щвечӏого, рахъун чӏаралгицин рукӏана. Рохизе ккараб хӏужа букӏана гьенир гӏолилал гӏемер рукӏинги.

Театралде жанире лъугьиндал, жанахӏалъур гӏуцӏун рукӏана батӏи-батӏиял районаздаса вакилзабаз хӏадурарал миллияб кванил церелъеял.

Тадбир гӏуцӏиялъе квербакъи гьабуна «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъ ва Авар театралъул хӏалтӏухъабаз.

Пардавги рагьун, тадбиралде байбихьараб лахӏзаталдаса нахъе, доб заманалде сапар гьабураб ва жакъа нилъехъе Шамил тӏадвуссараб гӏадаб асар букӏана залалда.

Дун Ахӏулгохӏалъул ахаде щвана,

Амма къуват гӏечӏо тӏаде вахине,

Тӏаде кин вахинев хвалчабаз, хунжруз

Русс-руссун ратидал гьелъул сухъмахъал…

Тадбир берцинго нухда бачана Генуса авар мацӏалъул мугӏалим Асият Гӏабдулаевалъ ва исламиял дандеруссинал нухда рачунев Махӏмуд Мухӏамадовас.

Унсоколо районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас бицана исана Дагъистаналдаги Россиялъул цо-цо шагьараздаги Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялъул хӏурматалда гӏемерал тадбирал тӏоритӏизе ругин.

Шамил имамасул фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевас абуна жакъа Шамил кӏодо гьавун тадбирал тӏоритӏиялъе нилъер гӏезегӏан ресалгун сурсатал ругониги, букӏине кколеб даражаялда гьеб хӏалтӏи жеги гьабулеб гьечӏин.

«Дун гӏемер щола батӏи-батӏиял районазде, шагьаразде. Школлъималгун дандчӏвайдал, имам Шамил щив кколевали лъаларелги ратула. Гьеб чӏахӏиязул гъалатӏ буго. Тӏубанго кӏвечӏониги, цо гьитӏинаб къадаралъгӏаги, имамасул нухдасан нилъго ине хӏаракат бахъизеги гӏун бачӏунеб гӏел куцазеги ккола. Гьесул нух — гьеле наслабазе кьезе кколеб тарбиялъул мисал», — ан абуна Гӏ. Хархачаевас.

ДРялъул бетӏерасул жамгӏияв кумекчи, Гӏашилтӏаса Ахӏмад Гӏабдуразакъовас абуна жидер росулъ гӏун бачӏунеб гӏел умумузул нухдасан ине, магӏарул рукӏа-рахъиналда рекъон хьвадиялде жакъаги кӏвар кьолин.

«Цониги рукъ батиларо Гӏашилтӏа Шамилил сурат къеда бачӏеб. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе бицуна гьесул ва гьес нахъа тараб нухлул хӏакъалъулъ. Школалдаги кӏвар кьола рухӏиябгун патриотикияб тарбия кьеялде.

Доб рагъ боркьараб заманалда, гӏешдерил руччабаз бихьизабураб бахӏарчилъиялъулги къохӏехьеялъулги хӏакъалъулъ гӏемерал биценал руго. Шамилицаги ахиралда абун буго, гӏешдерил руччаби хьолбохъ рукӏаралани, жакъа гьаб бакӏалде ккезе букӏинчӏин гьаб ишилан.

Имамасул хьибил ккун рагъарал гьел бахӏарзазул баракаталъ ккун бугин абизе кӏола нижер росу», — ян бицана гьес.

Шамилиде гьарурал жидерго асарал цӏалана Гӏиса Шарапудиновас, Тубхӏат Зургьаловалъ, Шамил Мухӏидиновас.

Гӏуцӏарухъабаз хӏадурун букӏана цӏакъ берцинаб, магӏнаяб литературиябгун музыкалияб композицияги.

Байбихьи лъуна «Чӏарадисезул хоралъ» ахӏараб «Наибзаби, муридзаби» абураб машгьураб кечӏалъ.

Цебеккунго бицун букӏана гьеб сордоялъ, хас гьабун гьеб тадбиралъе хӏадур гьабураб «Шамилилги Шугӏайнатилги къиса» абураб гьитӏинабго спектакльги бихьизабизе бугин. Махӏмуд Мухӏамадовас хъвараб сценариялда рекъон лъураб постановкаялда ролал хӏана Авар театралъул актераз. Гьениб бицен гьабулеб букӏана Шамилилги Моздокалдаса Анналги лъай-хъвай ккеялъул ва гьезул хадусеб гӏумруялъул. Цӏакъ рекӏее асар гьабулеб, бадиб магӏу ххулизабулеб церерахъин букӏана гьеб.

Шамил имамасдеги гьесул наибзабаздеги гьарурал магӏарулазул машгьурал шагӏирзабазул кучӏдул цӏалана Мухӏамад Дудуевас ва Рамазан Халидовас. Жинцаго Шамилиде гьабураб кечӏ цӏалана Чӏарада районалдаса Тӏагьират Жаватхановалъ.

Авар театралъул артистка Разият Дибировалъ, кочӏохъаби Мадина Гӏабдулаевалъ, Ахӏмад Кусалаевас ахӏана назмаби, гьединго нашидал ахӏизе рачӏун рукӏана Хӏалимат Мухӏамадова, Патӏимат Асилдарова ва «Чӏикӏаб» къокъа.

Школлъималазги гьабуна тадбиралда жигараб гӏахьаллъи. Балагьаразе асар гьабиледухъ назмабигун кучӏдул цӏалана Гъизилюрт шагьаралъул №1 гимназиялъул цӏалдохъан Мухӏамад Исмагӏиловас, Махӏачхъалаялъул №8 лицеялдаса Хӏамзат Шагӏбановас ва Гӏашилтӏа росдал школалъул цӏалдохъабаз.

Тадбиралъул ахиралда кӏалъазе вахъарав «Ахӏулгохӏ» гӏуцӏиялъул нухмалъулев, жамгӏияв хӏаркатчи Гъайирбек Гӏабдулаевас, тадбиралда гӏахьаллъи гьабизе рачӏаразе баркалаги загьир гьабун, абуна жидер гӏуцӏиялъ, халкъалъул кумекалдалъун, жеги чанго гьадинаб тадбир тӏобитӏизе бугин.

Гьениб гьесие кьуна тӏадегӏанаб шапакъат — Шамилил цӏаралда бугеб орденги.

Гьеб берцинаб дандеруссиналъе ахир лъуна киназго цадахъ ахӏараб «Ассубхӏубада» мавлидалъ.

Мухӏамад Манапов

Дур кӏодолъиялъ гӏадин,

кӏодо гьабичӏо дир халкъ