Федералияб бюджеталдаса миллиардал риччалел руго улкаялъул регионазул нухал лъикӏлъизариялъе. Рикӏкӏад бугелъул бицинчӏого, щибаб районалда халгьабуни, «Безопасные качественные дороги» абулеб миллияб проекталда рекъон, гӏемераб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъана Дагъистаналда, жеги гьабулебги буго. Туристал рачӏунел рукӏиналъ гьарулел ругин гьел нухалин абулел, тӏадагьабго пикруялъул харбихъабиги дандчӏвала. Захӏмалъаби кӏочон, лъикӏлъиялде хехго ругьунлъулев куц инсан.

Гӏемер ракӏалде щола магӏарухъе-нахъе микьго сагӏаталъ рекӏине кколеб букӏараб басриябго тӏогьилаб автобусги, хӏурул цӏурал, кӏичӏ-кӏичӏарал нухалги, хӏинкъарал свералабиги.

Чӏахӏияз абулеб батана мажгиталъул гӏарац нухлуе биччазе бегьулин, нухлул гӏарац мажгиталъецин хӏалтӏизабизе бегьуларин. Гьедин хираго, кӏудияб хӏурматалда рукӏана нухал рахъиялъул хӏалтӏи гьабулел гӏадамал магӏарухъ.

Нилъергӏан сахаватал гӏадамалго ругодаян хинлъула ракӏ, жамагӏатал цолъун гьарулел хӏалтӏаби рихьидал. Росабазул, шагьаразул гьумер берцинлъулел мажгиталги рана нилъер халкъалъ, жидерго азбаразул, ригьзабазул къадал риххунгицин росабалъ къватӏалги гӏатӏид гьаруна, риидалил мучӏдузде, рохьахъе, кулабахъе нухалги рахъана.

Гьацӏулъ хӏеги, хӏанилъ расги камуларин абухъе, хӏукуматалъул гӏарцухъ гьарулел хӏалтӏабазул хашлъи хехго загьирлъула. «Контроль за исполнением» абулеб бутӏа гьезегодай гьечӏебилан ккола цо-цо мехалда. Яги гъоб «квералъ квер чурулеб» къагӏида жеги билълъанхъулеб батилаха. Кинаб намусалъул гӏадамаз гьеб хӏалтӏизабулеб бугеб хӏукуматалъ халкъалъул яшав берцинлъиялъе, гӏумру лъикӏлъиялъе биччараб гӏарац? Гьаб суал бижула цӏигьарурал нухазда бугеб ахӏвал-хӏал бихьидал. Гӏаммал жал рицунел ругин, мисал рехсеян абулелги камиларо. Мисалал камиларо, тӏад хъилил гъалайги биччан гӏезегӏан бакӏал руго чӏахӏиял машинабазул бакӏлъи хӏехьолареб хӏалалда.

Мисалалъе, къого цӏараки гьечӏеб росулъе, гӏемерал миллионалги тӏад харж гьарун, бахъун буго нух. Цебеккун эркенго машина хьвадулеб хӏалалъ росдал гӏадамаз нух гьабураб бакӏги букӏана гьеб. Кьвагьизе ккараб кьуру гуро, тӏураб хъил гуро, букӏарабго нух, ракьандаса рагӏалде ракьги хъван гӏатӏид гьабуна. Гьеб гьогьаб рагӏаллъуда лъурал бетоналъул блокал, бакӏ-бакӏаздаса хъущтӏун, кьурса реххе ана мех балелде. Гьединго бигьаго ракьхъван гӏатӏид гьабун, хъил тӏун буго цоги участкаялде, цо рии сверилалде гьениб бугеб ахӏвал-хӏал бихьидал гӏодизе бачӏуна.

Нижерго росуахада бугеб, хъил тӏун гӏатӏид гьабулеб нухлул халгьабулей йикӏана исана риидал. Нухлул рагӏалда гӏачиязда ятана лъабкъойилъа арай гӏадан. «Гьале гьазул хӏалтӏи, шагьраккун ине хӏинкъи букӏуна цӏадал щуб бачӏаниги. Щущан унеб ракь бугеб бакӏ тӏаса бихъ-бихъун, гӏуруги хачан толеб мехалъ сунде ургъулел? Лъар щун, ччукӏун бачӏунеб бакӏалданиги къед базе ккеларищ? Тӏадехун бугеб росдал авалалде бахъараб нух буго тӏун унеб, гӏадамазул ригьзазе рагӏула къварилъи, дурго минаги гурищ бугеб кьватӏелал рехун? Лъебералда хадуб миллион гъурущ биччан рагӏула гьаб нух гьабизе, хӏукумат какизеги рахъуна нилъ. Хасалихълъи рещтӏинчӏого нухазул хӏалтӏи байбихьулареб гӏадатги буго гьазул. Нухлуе биччараб гӏарац лъагӏел лъугӏилалде гӏедегӏун хӏалтӏизабизе бахъулеб хӏаракат батилаха гьебин абула. Сиратӏгӏаги киндай бахина гьаз? Нухал гьарулезда хадуб халкколев чигодай вукӏунарев хӏукуматалъул? Гьадин хъвай дуца «Хӏакъикъаталда», Махӏачхъалаялда ругел хӏакимзабазги цӏалулеб батилагури гьеб…».

Гьале, хъвалеб буго, жеги мухӏангоги бицина цоги нухалъ, амма щибдайха хисила?