РФялъул президент Владимир Путиница улкаялда цо бутӏа мобилизациялъул лъазабуралдаса ана анкь. Щибаб къойилго гӏадин военкоматалде унел руго повестка бачӏарал чагӏи. Нижехъе щварал баяназда рекъон, военкоматалде ахӏанщинал хасаб рагъулаб операциялда гӏахьаллъизе ритӏулел гьечӏо. Сахлъиялъухъ, рагъулаб хъулухъалъулъ балагьун тӏаса рищулел руго гӏолохъаби.

Мобилизациялда хурхун халкъалъул гӏемерал суалал рукӏинги хӏисабалде босун, 28 сентябралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчӏвана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналисталгун. Журналистаз Республикаялъул бетӏерасда гьикъана:

— Цо-цо муницапалитетазда ругел бакӏалъулал военкоматаз гьабураб тӏаса-масагояб хӏалтӏудаса рази гьечӏолъи загьир гьабун букӏана дуца дагьаб цебегӏан, гьез риччарал гъалатӏал хисизарунищ?

— Гьеб буго щибаб къойил гьабизе кколеб хӏалтӏи. Жакъа къоялде кинабго роцӏцӏун бугин абизе кӏоларо. Бакӏалъулал администрациязда ругел военкоматазул махщалил даража загӏипаб букӏиналъ кколел руго гъалатӏал. Масала, гьадинаб ишгун нилъ дандчӏван рукӏинчӏо. Гьединлъидал гъалатӏал кколел руго ва гьелъул хӏасилалда халкъалъул разилъи гьечӏолъиги буго.

— Мобилизациялда дандечӏун митингалги тӏоритӏана. Абулеб буго гьелде нилъер гӏадамал гьесизарунин къватӏисел пачалихъазда ругел, хасаб идеологиялда рекъон хӏалтӏулел чагӏазилан. Гьелда бан дуца щиб абилеб?

— Нилъер гӏадамал руго захӏматги бокьулел, хӏалтӏизеги лъалел, ракӏалги лъикӏал чагӏи. Амма гьелдаго цадахъ добасааниса рагӏанщиналда божулелги руго. Гьелдаса пайда босулеб буго нилъ рокьуларел чагӏазги.

ДРялъул бетӏер Сергей Меликов дандчӏвана мобилизация лъазабидал къватӏире рахъарал гӏолохъабигун.

«Радалго щвана гьениве. Каспийскиялъул ралъдал аскариязул хасаб полкалъул кьеразулъ рукӏине руго гьел. Гӏолохъабазда бичӏчӏулеб буго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, Россиялъ хасаб операция байбихьун букӏинчӏебани, нилъер шагьаразде, росабалъе рагъ бачӏине букӏараблъи хӏакъаб букӏин. Дица гьезулгун хабаркӏалги гьабуна. Гьел руго сабурал ва къвакӏарал гӏолохъаби», — ян хъван буго жиндирго телеграмм-каналалда Меликовас.

Республикаялъул бетӏерасул рагӏабазда рекъон, мобилизациялъ ахӏарал гӏолохъаби хӏажатабщиналдалъун хьезарунги руго.

«Узухъда, цо-цо гӏолохъабазул рахӏат хвезабулеб пикруги буго, гьел рокъор гьечӏебгӏан заманалда жидерго гӏагарлъиялъул кинаб къисматдай букӏинаян абун. Гьезул гӏагарлъиялда дандчӏвалел захӏмалъаби хехго тӏуразе руго.

Рагъулаб хъулухъалъул контрактниказулалдаса батӏиял рукӏине гьечӏо гьез гӏумру гьабулел бакӏазда шартӏалги. Казармабазда санагӏатал бусабиги руго, тӏагӏамаб квенги буго, кинабгӏаги гӏарзги гьечӏо», — ян лъазабуна С. Меликовас.